Дагъистаналъул Унсколо мухъалъе экономикиябгун экологиялъул рахъалъ хасаб статус кьезе кколин абураб пикру загьир гьабуна гьал къояз МахIачхъалаялда тIобитIараб Экологиялъулаб форумалда Экологиялъун институталъул директор Гъаирбег ГIабдурахIмановас. Амма Дагъистаналъул бетIерас лъазабуна гьеб мухъ гIицIго экстремистияб статусалъе гурони мустахIикъаб гьечIин. Дагъистаналъул бетIерас цо мухъалъе гьединаб хасаб статус кьолеб батани, Россиялъул президентас Дагъистаналъеги бегьилин гьебго статус кьезейин рикIкIунеб буго цо-цо дагъистанияз.
Экологиялъулаб форумалда гьабураб кIалъаялда Дагъистаналъул Экологиялъул институталъул директор Гъайирбег ГIабдурахIмановас рорхана МахIачхъалаялда «Эльтав» заводалда гIагар бугеб рохьалъе паркалъул статутус кьеялъул, Самуралъул рохь цIуниялъул ва ГЭСазул суалал.
Гьеб форум кколин тIоцебесеб нух, республикаялъул нухмалъулес экологиялъул суалал рорхун тIобитIулеб гьединаб тайпаялъул данделъиялда гIахьаллъи гьабулеб. Жакъа бицине нечараб жо бугин, гIоралги лъаларги гIемераб Дагъистаналда лъим гьечIел бакIал ва шагьарал рукIин, масала шагьар тайпаялъул поселок Мамедхъалялда гьечIин бачараб лъимин бицана ГIабдурахIмановас. Гьелда тIад Рамазан ГIабдулатIиповас баян гьабуна, Азербайжангун цадахъ тIубалеб бугин лъедалъун хьезариялъул суал. Цогидаб, кIвар бугеб суаллъун ккана Терек гIурул бугеб хIалалъул суал. Гьеб цIакъго хъублъун бугин баян гьабуна Гъайирбег ГIабдурахIмановас. Цо цинк гьабулеб заводалъ Терек гIурулъе ралел ругин хутIелал, азарго нухалъ лъелъ букIине бегьулелдаса циIкIараб къаларалда. Гьединлъидал, хIажат бугин тIолго Шималияб Кавказалъул округалъул даражаялда Терек гIурул экология цIигьабиялъул суал борхи. Цогидаб, Гъайирбег ГIабдурахIмановас борхараб суал хурхараб букIана Унсоколо мухъалда бугеб квешаб экологиялъул ахIвал-хIалалда. ГЭС баралдаса мухъалда экологиялъулаб даража цIакъ гIодобегIанисеб бугин бицана ГIабдурахIмановас.
Гъайирбег ГIабдурахIманов: « Гьеб мухъ буго квешаб экологиялъул хIал бугеб мухъ. Гьале 20 сон буго дица хIакимзабазул гьелде кIвар буссинабизе хIаракат бахъулеб бугелдаса. Рихьуни ГЭС баралдаса гьеб мухъалда экологиялъул хIал квешлъун буго ва х1ажат буго лъикIаб гьечIеб экологиялъул ва экономикаялъул хIал бугеб мухъалъе гIадин хасаб статус кьей».
Гьелда бан, Рамазан ГIабдулатIиповас баян гьабуна, гьеб мухъалъе эксремистияб мухъалъул статус кьезе ккелин.
Рамазан ГIабдулатIипов: «Гьеб мухъалъе кьезе ккела экстремистияб мухъалъул статус. Жиндир заманаялъ, ГЭС баялъ анцI-анцI, нус-нус гIадамазе хIалтIул бакIал кьуна. КIиабилеб абуни, гьабураб жоялда данде къеркьезе гурел, гIуцIун бугеб жо пайда кьолеб хIалалда хIалтIизабизе ккола. Щиб гьабулеб букIараб гьеб мухъ 20 соналъ? 20 соналъ гьеб мухъалда рукIана рецIалил гIарац цуцада гъорлъ бикьулел. Гьелдалъун ккана къокъаби лъугьун, гьезда гъорлъ рагъал: цояз мугжул тун, цояз бутIрул кIкIван».
Амма кин бугонини, гьеб мухъалда ругел гIадамалги нилъер гIадамал кколин ва гьеб мухъалда ругел гIадамал сах-саламатаб гIумруялде руссине рес букIине, гьеб мухъалъе 10-15 соналъул болжалазда хасаб, экономикияб ва экологиялъулаб статус кьезе бегьилин баян гьабуна Гъайирбег ГIабдурахIмановас.
ГIабдулатIиповас Унсоколо мухъалъе экстремистияб статус кьезе кколин абураб жоялда тIасан батIи-батиIял пикрабу руго дагъистаниязул, цоязда гьеб бихьулеб буго мекъаблъун, цояз абулеб буго, Унсоколо мухъ мустахIикълъанин гьеб цIаралъе.
Масала, Тимур ГьиматхIажиевас рикIкIунеб буго, гьел рагIабаздалъун гIадатиял гIадамаздеги гамачI реханин ГIабдулатIиповас, амма жиндир заманаялъ, гьениб 30-40 чияс мухъ бегуниса чIвалеб мехалъ, гьел руцIун чIун рукIанила.
Тимур ГьиматхIажиев: «Гьеб экстремизм тIибитIизабулел 30-40 чиясдаса вукIинчIо гьеб мухъалда, гьел чагIаз кверде босун букIана тIубараб мухъ. Щиб жо кколеб 30-40 чи, тIубараб мухъалда данде ккун. Цо-цоял гьел системаялда гъорлъго рукIана, цогидал руцIун чIун рукIана. Гьез кодоб ккун букIана тIубараб мухъ, мухъалде бачIунебщинаб гIарацги гьезухъе унеб букIана Цогидаб рахъалъ, гьениса рачIарал гьевго ГъазимухIамадовги, ХIажидадаевги цогидалги, гьенисан рачIана бищунго цIар арал экстремистал. Жеги 10-20 сон хIажалъизе буго Унсоколо мухъалъе гьеб экстремистиябин абун халкъалда гъорлъ чIвараб цIар нахъе бахъизе».
Жакъа Дагъистаналъул бетIерас цо мухъалъе экстремистияб статус кьезе кколин абулеб бугини, Россиялъул президентасги цо регионалъе, Дагистаналъе, гьединабго статус кьезе ккелин абулеб буго блогер Мурад Мустафиновас.
Мурад Мустафинов: «Жакъа ГIабдулатIиповас Унсоколо мухъалъего экстремистияб статус кьезе кколин абулеб бугони, гьенир ругел квешал, лъикIал гIадамал батIа гьаричIогон, тIубараб мухъалда гьеб цIар чIвалеб бугони, нилъер республикаялъего бегьила Россиялъул президентас гьебго экстремистияб статус кьезе. БитIараб букIинищ гьеб, президентас, гьаниса экстремистал лъгьанин абуна гьединаб статус республикаялъего кьунани».
Социалиял гьиназда, гьелдаса тIаса баянал гьарулаго хъвана, Шамильхъалаялда, азархааялда цебе букIараб ГIабдулатIиповасул сурат бихъ-бихъун бан батанин, гьенирго рукIарал Расул ХIамзатовасул ва Имам Шамилил суратазда лъицаго квер хъвачIин. Гьединлъидал, Дагъистаналъул бетIерсаулги Унсколо мухъалъулги цуцаде гьединаб «рокьи» бугин.