Исана Дагъистаналда цогояб пачалихъияб экзамен кьеялъул гIадлу хвезабуралъухъ административияб тамихIалде цIан руго 203 чи. Гьедин бицана заманалъ нилъер респубикаялъул бетIерасул ишал тIуралев Рамазан ГIабдулатIиовас гьал къоязда тIобитIараб данделъиялда.
Гьеб данделъиялда рорхарал киналго суалал аслияб къагIидаялъ лъайкьеялда хурхун рукIана. Бищун кIудияб кIвар цогояб пачалихъияб экзаменалдеги гьеб тIобитIиялдеги буссинабуна Рамазан ГIабдулатIиповас.
Гьесул пикруялда рекъон цогояб экзаменалъул цIакъ кIудияб кIварги пайдаги буго лъайкьеялъулъ, хасго техникияб лъай щвеялъе гIемераб кумек буго, амма нилъер гьаниб гьел экзаменал инжитаб, чорокаб хIалалъ тIоритIиялъ суризарун руго нилъ тIолго Россиялда.
Гьенир нилъер лъималаздаги тIолабго респубикаялдаги тIад релъулел руго. Нилъер школа лъугIун, нус-нус балал экзаменазухъги щун гьенире рачIаразда гIисинал классазул лъималазулгIанцин лъай батичIеб мехалда нилъер халкъго гIадхочI гьабулеб буго гьел цIализе лъугьунел идарабазда.
Экзаменал букIине кколеб хIалалъ тIоритIиялде кIварги кьезе бугила, шартIалги чIезаризе ругила, гъалатIал риччаразе букIине кколеб тамихIги гьабизе бугилан цIакъ кьварун лъазабуна данделъиялда Дагъистаналъул нухмалъулес.
Исана соналъ 1000 гIан цIалдохъанасул цогояб экзаменалъул хIалтIи хвезабунин, гьез интернеталдасан росарал жавабги хъван хIалтIаби гьариялъин, цIакъго гIемерал гъалатIалги риччан экзаменал тIоритIарал мухъазул лъайкьеялъул идараялъул бутIрулги, школазул директоралги хIалтIудаса нахъе реханин лъазабуна ГIабдулатIиповас.
Рамазан ГIабдулатIипов: «Бищунго квеш экзаменал тIоритIарал Дахадаев, Шамил, Кули, Табасаран, Лаваши, Хайдакъ, Гъизилюрт мухъазул лъайкьеялъу идарабазул бутIрул хъулухъалдаса нахъе рахъана. Жеги чанго чиги вуго гьезда хадувгоцун нахъе витIизе хIадурун. 12 школалъул директорги нахъе рехана.
Гьел нахъе реххичIел мухъазул бутIруз жидецаго хIалтIи тезе ккола. Гурони гIадлу лъугьунеб гьечIо сундулъниги. ТIадеялъул мухъазул бутIрузулгун дандги бан дицаго тIаса рищизе руго Цогояб пачалихъияб экзамен букIине кколеб хIалалъ тIобитIиялда хадуб халкколел гIадамал.
Исанаги рукIана гьединал къокъабиги, 300 гIан чи гьоркьов вугеб гьеб къокъаялъ жидерго хIалтIи лъикI гьабун гьечIо. Кьварараб гIадлу гьабун гурони лъайкьеялъулъ коррупция тIагIинабизе кIвезехъин гьечIо. Цебе тIадегIанал цIалул идарабазда букIараб гьеб гьанже тIубанго школазде щун буго»
Цогояб пачалихъияб экзамен тIобитIулаго гъалатIал риччаялъухъ экзамел тIоритIулезул 143 чи ва халгьабиялъе гIуцIараб хасаб комиссиялъул 6I чи административияб тамихIалде цIанин бицана данделъиялда Дагъистаналъул лъайкьеялъул министр Артур ТIалхIатовас.
Гьединго хIакимчияс лъазабуна экзаменал берцинго иналда хадур халкквеялъе тарал чагIаздаса жив цIакъго-цIакъ рази гьечIилан.
Артур ТIалхIатов: «Нилъер республикаялда исана экзаменал тIоритIиялъе I29 бакI хIадурун букIана. Гьеб букIунеб хIалалъ тIобитIиялда хадуб халкквеялъе I50 чиги хIадурун вукIана.
Гьелде тIадеги 300 жамгIияв халкколевги вукIана, амма гьездаса кутакалда разигьечIолъи загьир гьабулеб буго дица. Щай гурелъул исана нилъер республикаги, лъайкьеялъул идарабиги киналниги пачалихъалдаго суранин абизе бегьула.
1000 гIан экзаменалъул хIалтIи нахъчIвана, 19 чиясе тIокIаб гьеб тIадбуссун кьезе биччазеги гьечIо. ГIадлуялда кинабго иналъе шагьараздегун мухъазде ритIаразги жидерго чвантил гурони ургъел гьабулеб букIун гьечIо»
Рамазан ГIабдулатIиповас данделъиялда гIемер бицана школазул мугIалимзабазул лъайборхизабизе ккеялъул хIакъалъулъ. Гьел букIине кколелдаса чанго анцIго соналъ нахъе ккун ругин рикIкIунеб буго гьес.
Рамазан ГIабдулатIипов: «Киве щваниги мугIалимзабазе харж цикIкIинабеян рукIуна дида гаргалел. Кинав мугIалимасе дица жакъа харж цIикIкIинабилеб. Жакъа школазда хIалтIулел цо-цоязе цIикIкIинабизеяли киб гурин бугебгицин нахъе босун тезе ккола.
Гурони щиб гьабилеб бичIчIи гьечIев мугIалимасда, бичIчIи гьечIесул лъайги киса букIинеб гьес лъималазда щиб малъулеб? Гьеб лъайкьеялъул система нахъе ккун букIиналъ буго нилъер гIолилазул гIемерисел гIадада хун.
Росулъ мугIалимзабилъун хIалтIулел ругел дирго гIагара чагIаздасан бихьулеб буго дида лъималазе кьолеб бугебги, щолеб бугебги лъай. Дун гьитIинаб мехалъ 50, 60 соналъ цебе Россиялдаса нилъер лъимал цIалдезаризе рачIунел рукIарал мугIалимзабаздагIанцин лъай гьечIо гьезул гIемерисезул.
Жакъа гьединав мугIалим хIажат гьечIо. КъваригIун вуго лъайги бугев, цIиял технологиязда хадувги гъурав специалист»
Артур ТIалхIатовас данделъаразда бицана Дагъистаналда чара гьечIого цIиял школал разе кколилан. Гьесул рагIабазда рекъон 744 школа кIиго сменаялда хIалтIулеб буго. Гьеб иш нухтIа ккеялъе базе кколеб буго дагьалдасан 800-ниги школа.
Рамазан ГIабдулатIиповас данделъиялда лъазабуна щибаб мухъалда ва шагьаралда анцIго школа байилан. Гьелда тIадеги щибаб мухъалда букIине кколила 4-5 аслияб школайинги лъазабуна гьес.
Дагъистаналъул нухмалъулесул пикруялда рекъон школаздасаги, лъайкьеялъул суал роцIцIинабиялъе лъай бугел лъикIал специалистал къваригIун руго Дагъистаналда.
Ахиралдаги Рамазан ГIабдулатIиповас лъазабуна мугIалимзабаз лъайкьеялдаго цадахъ намус-яхIги куцазе кколин лъималазулъин.
ГIун бачIунеб гIелалда нилъер умумузулъанго ратарал гIадаталгун-гIамалалги, тарихги лъазе кколила.
ГIагараб заманалда Дагъистаналъул школлъималазе Россиялъул тарихалъул хIакъалъулъ хасаб тIехь биччазе бугин, гьелъулъ жиндир гIахьалъиги букIине бугинги лъазабуна президентасул ишал тIуралес.