Информ-алатаз лъазабулеб буго гьал къоязда Германиялда Дагъистаналдаса ГIумаханов ХIабиб туснахъ гьавунилан. Интерполалъ гьев валагьулелдаса лъабго сон букIун буго. Россиялъул низам цIунулезул щаклъи рагIула 2009 соналда Москваялда Алхаматов ГIалимсолтан чIваялъулъ гьесул гIахьаллъи букIиналда.
Алхаматов кколаан Дагъистаналъул Хасавюрт мухъалъул вукIарав нухмалъулев. Гьеб такъсир гьабуразда гъорлъ рехсолел руго жеги Будайханов ХIабиб, Саипов Гелани, Къадиев МикагIил ва МухIамадов Заурбег. Гьев ахирисев полициялъ чIван рагIула кколеб мехалда жидеда дандечIей гьабулеб букIунилан. ЦIех-рехчагIазул пикруялда, Алхаматов чIвазе гьел киназего тIадкъай ГIумаханов ХIабибица кьун букIине ккола, щайин абуни Алхаматов жиндир имгIал ГIумаханов Сайгидпашада дандечIарав чи вукIиналъ гьесдаса рецIел босизе къваригIун букIине рес бугила ХIабиб ГIумахановасе.
90 абилел соназда республикаялъул тIалъиялъулгун цIакъго квешаб гьоркьорлъаби рукIана Хасавюрт шагьаралъул мэр ГIумаханов Сайгидпашал. Гьел гьанжеги гьедигIан лъикIлъун гьечIо. амма доб заманалда прессаялдасанги цогидалъусанги гьез цоцазде гIунтIизарулел гIайибазул гIорхъи букIунароан. Гьедин республикаялъул нухмалъиялъ Хасавюрт мухъалъул нухмалъулевлъун тIамуна ракьул суалазда тIасан магIарулазулгун дагIба-рагIиялда рукIунел лъарагI миллаталъул вакил - Алхаматов ГIалимсолтан.
Гьеб букIанин Дагъистаналъул тIалъиялъ гьабураб кIудияб гъалатIин рикIкIунеб буго «Миллат» газеталъул бетIерав редактор БисавгIалиев МухIамадица.
БисавгIалиев МухIамад: «Алхаматов вукIана совет хIукумат биххун хадуб гьаб бикьа-къотIиялъул, хъачагълъиялъул, гIалхулаб капитализмалъул заманалда Дагъистаналда политикияб аренаялде рачIарал киналго муниципалиял гIуцIабазул нухмалъулезда релълъарав чи. Гьагъаб гIалхулаб политикаялъулги, экономикаялъулги, капитализмалъулги, бада-гъудураб заманалъулги шартIазда рекъон политикаялдеги вачIарав, гъоб механизмалда рекъон тIалъиялде вачIарав, гьагъалго къагIидабаз нухмалъиги гьабулев чи.
Гъов цогидаздаса батIияв вукIинчIо. Жиндир заманалъул продукт вукIана. Гъосулги жиндирго политикиял интересалги, гIарцалги, хъулухъалги, политикиял союзалги, данде кколелги кколарелги чагIи рукIинарищха. Хасавюрт мухъалъул нухмалъулевлъун гъов ккун вукIана МухIамадов МухIамадгIали Дагъистаналъул Пачалихъалъул Шураялъул нухмалъулевлъун вугеб заманалда, гьесул кверчIваялдалъун. Шималияб рахъ, Хасавюрт букIана ГIумаханов Сайгидпаша гъоркь бугеб бакI, ХъахIаб рукъалъе данде кколарев чи вукIана гьев.
Гьединлъидал гьесда дандечIеялъейин лъун вукIана гъоб мухъалда Алхаматовги (республикаялъул тIалъиялъе гIагарав политик). Гьев лъица чIваравали нилъеда жеги лъаларо, гьеб чIезабун гьечIо. Амма гьев чIварал чагIаздаго бащадаб гIайиб буго гъов гъова хъулухъалда лъурал чагIаздаги. Гьез махIрум гьавунин гьев гIумруялдасайин абизе бегьила, жиндир гуреб бакIалдеги тIамун. Иш гьеб бакIалде ине букIин бихьизе кколаан гьезда. ГIурусазул аби буго два пернатых в одном гнезде не уживутся абураб. Гъодинабго хасияталъул мэр доваги вугеб мехалда тIадеги цIияб политикияб къуват доб рахъалде рехи букIана политикияб гъалатI.
Гьеб хIужа сабаблъун дов гIумруялдаса махIрумлъун ватаниги-ватичIониги, Алхаматов цогидаз чIван вукIинеги рес буго, гьаз чIванин ккезе букIине. Гьединлъидал гьев дове муниципалияб гIуцIиялъул нухмалъиялде витIараб тIалъиялда буго аслияб гIайиб».
Гьаниб ракIалде щвезабизе бегьула 2009 соналда Москваялда ГIалимсолтан Алхаматов чIвалелде чанго моцIалъ цеве Хасавюрталда чIван вукIана ГIумаханов Сайгидпашал вацасул вас МухIамадги. Гьеб мехалда гIадамазда гьоркьоб хабар тIибитIана ГIумаханов Сайгидпашада квеш букIине, Алхаматовазул чагIаз гьабураб такъсир батилин гьебилан. Бицуна гьеб мехалда живго Алхаматов ГIалимсолтаницаги абун бугила ГIумахановазда Къуръаналда тIад квералги лъун гьедилин жив гьеб такъсир жинца гьабичIилан.
Гьеб мехалда цIех-рехчагIазгицин абулеб букIана мекъи ккун гьабураб чIвай-хъвей бугин гьеб. ГIумаханов МухIамадил бакIалда Сайгидпашал гIагарав – ГIумаров МухIамад абурав цойги чи вукIун вугин къваригIун.
Гьал къоязда Германиялда туснахъ гьавурав ГIумаханов Сайгидпашал вацасул вас Германиялъ Россиялде витIи-витIунгутIи жеги мухIканаб гьечIо, цин баянлъизе кколеб рагIула ГIумаханов ХIабибил унголъунги Алхаматов чIваялдехун бухьен бугищали. Дагьалъ цеве Германиялде инегIан, ГIумаханов ХIабиб ГIарабазул Цолъарал Эмиратазда вукIун вуго гIумру гьабун.