Украиналда гIуцIулеб буго демократияб парламент

Украиналда бищана цIияб ТIадегIанаб Рада. Бергьана Европаялъул рахъ ккурал Порошенкол, Яценюкил, Садовоясул партияби. Гьанже парламенталда бакIал щварал партияз хIаракат бахъулеб буго Европаялдехун балагьараб демократияб парламент ва хIукумат гIуцIизе.

Украиналъул парламенталъул рищиязул комиссияздаса рачIарал протоколазул 90-ялдасаги цIикIкIун проценталъул хал гьабун хадуб, баянлъулеб буго лидерлъун «Народный фронт» хутIулеб букIин.

Централияб рищиязул комиссиялъул хIисабалда, премьер-министр Арсений Яценюкил партиялъе щун буго гьаркьазул 22-ялдасаги цIикIкIун процент.

Бащдаб гIанаб проценталъ нахъ хутIулеб буго «Блок Петра Порошенко».

Львов шагьаралъул мэр Андрей Садовоясул «Самопомощь» абураб цолъиялъе кьун буго гьаркьазул 11-ялдаса цIикIкIун проценнт.

Хадур унел руго Олег Ляшкол ва Юлия Тимошенкол партияби.

Гьанже баянго бихьулеб буго бергьунел партиязул аслияб къадар цогIагиялъе щолеб гьечIолъи, гьединлъидал гьез гIамал гьабулеб буго хехаб къагIидаялда парламнталъул коалиция гIуцIизе. Президент Порошенкол сверухълъиялъ рикIкIунеб буго премьер-министрасул тах Яценюких хутIизе бегьулин.

«Радаялде борчIараб цогIаги политикияб къуваталъул гьечIо ихтияр коалиция гIуцIи тохлъизабиялъул… Ниж хIадурал руго коалиция гIуцIиялъе кьучлъун рукIине. Гьелда гъорлъ рукIине ккола Радаялде рорчIарал киналго демократиял партияби», - ян лъазабуна Украиналъул юстициялъул министр ва «Народный фронталдаса» кандидат Павел Петренкоца телеканалазул цоялъул эфиралда.

Гьелда цебе Украиналъул президент Петр Порошенкоца лъазабуна ТадегIанаб Рада, парламенталъул цIияб коалиция ва хIукмуат гIуцIиялъул хIалтIи тохлъизе тезе гьечIин. Жиндир кIудияб интерес бугин улкаялда цере ругел масъалаби хехаб къагIидаялда тIуразаризеян.

Петр Порошенко: «Дир интерес буго 300 гьаракь кьезе бажарулеб коалиция букIиналъул. Дир интерес буго Конституциялда кьучIиял хиса-басиял гьариялъул, гьелдаго гъорлъ децентралиязациялъе рес кьолел хиса-басиял гьариялъул. Гьел гьаричIого улка хутIуларо.»

ПАСЕялъулги ОБСЕялъул тоххалчагIаз аслияб къагIидаялда лъикIаб къимат кьолеб буго гьатIан къоялда тIоритIарал рищиязе.

ТадегIанаб Радаялде рищиял демократиял принципазде данде кколел рукIиналъул ва гьел къабул гьарулел рукIиналъул хIакъалъулъ лъазабуна Цолъарал Штатазги Еврцолъиялъги.

Россиялъул къватIисел ишазул министр Сергей Лавровас лъазабуна, Россия хIадураб бугин ТIадегIанаб Радаялъул хIасилал къабул гьаризе, рищиял Украиналъул тIолабго территориялда тIоритIун гьечIонигиян.

Сергей Лавров: «Нижер вакильзаби руго ОБСЕялъул халкъазда гьоркьосеб группаялда гъорлъ. Ниж чIела хIасилал лъазаризегIан. Бихьулелде балагьун, рищиял тIоритIараллъун рикIкIине бегьула, гьел Украиналъул тIолабго территориялда тIоритIун гьечIониги. Дида ккола, нижеца гьел рищиязул хIасилал къабул гьаризе ругин, щайгурелъул нижеца кIудияб кIвар кьола Украиналда цоцалъ рагъулел, улка добе-гьабе, магърибалде яги машрикъалде цIалел къокъабаздаса гIуцIараб нухмалъиялъе гуреб, Улкаялда цере ругел проблемаби рагIалде рахъинарулеб нухмалъиялъе».

Радаялде рищиял тIоритIичIо Россиялъ аннексия гьабураб Крымалда ва Донецкгун Лаганск областазул сепаратистазул контролалда гъоркь ругел территориязда. Гьеб кколеб рагIула рищиязда гIахьаллъичIого хутIанин улкаялъул рищарухъабазул щуго миллион гIанав чийин абураб. Гьелъие гIоло ТIадегIанаб Радаялда 450 депутатасул бакIалда вукIине вуго 423. КквечIого хутIулеб буго цо мандатазул округазда ва рищиязда гIахьаллъичIел территориязул депутатазе тараб 27 бакI.

Гьелдаго цадахъ жидецаго жалго лъиданиги рачIел пачалихъаллъун лъазарурал Донецкалъул ва Луганскалъул халкъиял республикабазул лидераз лъазаруна парламенталъул рищиял. Гьел тIоритIизе ракIалда руго 2 ноябралда. Гьезул хIасилал къабул гьаризе гьечIин Цолъарал Штатазин лъазабулеб буго гьезул вакильзабаз.

Россиялъул къватIисел ишазул министр Сергей Лавровас лъазабуна, Россиялда ракIалда ругин гьел рищиязул хIасилал къбалу гьаризеян.

28 октябралда Кремлалъул пресс-секретарь Дмитрий Песковасги лъазабуна, Донецк ва Луганск областазда тIоритIизе планалда ругел рищиял къабун гьарунгутIиялъе Россиялда кинал гIаги багьанаби рихьулел гьечIин.

Украиналъул къватIисел ишазул министерлъиялъул вакил Дмитро Кулебаца какана Россиялъул хукIму, анлъго моцIалъ халат бахъунеб конфликталъе ахир лъезе ресал къотIизарулел ругинги абун. «Франс-пресс» агентлъиялъе комментариял гьарулаго гьес абуна, Россиялъул планал ритIахъего данде кколел гьечIин Минскалъул къотIи-къаяздейин. Халкъазда гьоркьосеб партнер хIисабалда Россиялде божилъи тIадеги хвезе бегьулин.

Украиналъул президент Петр Порошенкоца лъазабуна Украиналъул бокьарал бакIалъулал рищиял тIоритIизе кколин Украиналъул къануназда рекъонин, Донецк ва Луганск областалда тIоритIизесел Киевалъулгун хурхен гьечIел рищиял къанунияллъун рикIкIине гьечIин.

Киевалъ лъазабулеб буго жинца гьел территориязе кьезе бугин лъабго соналъул болжалалъул жидецаго жидеего нухмалъи гьабизе рес кьолеб статусин ва бихьизабулеб буго рищиял тIоритIиялъул заман – 7 декабрь.