Ш. ГIисаев: "Гьединал референдумаз рагъ багъаризабизеги бегьула."

Крым Россиялда жанибе бачиналъ Россиялдагун Украинаялда гьоркьоб рагъ байбихьизе бегьулилан рикIкIунеб буго улкаялда гIумру гьабулел гIадамазул 66 проценталъ.Гьел руго халкъалда гьоркьор тIоритIарал цIех-рехазул хIасилал.
Дагъистаналдаса гIалимчи, юридикиял гIелмабазул кандидат Шамхалдибир ГIисаевги тIадрекъолев вуго гьеб пикруялда.

Шамхалдибир ГIисаев: «Халкъалъе рагъ къваригIун гьечIо. Рагъал гьарула къиралзабаз, ялъуни халкъалда гьоркьор ругел националистаз».

1975 соналъ вукIарав Совет Союзалъул нухмалъулев Леонид Брежневас гъулбасараб документалда хъвалеб буго пуланаб пачалихъалъул жанисеб политикаялда гъорлъе лъугьине ва гIурхъаби хвезаризе бегьунгутIиялъул. Гьеб документалда хъвалеб буго, цониги пачалихъалъул ихтияр гьечIин яргъил кумекалдалъун цогидаб пачалихъалъул ракь жинда жанибе бачинеян абуна Шамхалдибир ГIисаевас. Амма Крымалъул халкъалъ референдумги тIобитIун жидецаго къотIанин жидер къисматин абидал, гIалимчияс рикIкIунеб буго гьединал референдумал цоги пачалихъаздаги тIоритIизе бегьулин.

Шамхалдибир ГIисаев: «Шималияб Казахстаналдаги тIобитIизе бегьула гьединаб референдум, гьезги абизе бегьула жидее Россиялда жаниб гIумру гьабизе бокьун бугин, Прибалтикаялда ва Кавказалда цо-цо бакIаздаги халкъалъ батIи-батIияб хIукму гьабизе бегьула. Гьединал ишаз байбихьизе бегьула лъабабилеб дунялалъул рагъ».
ГIалимчиясул пикруялда рекъон, гьединал суалал тIуралел хасал идараби руго, масалал, Европарламент, Дунялалъулго миллатазул цолъи ва гь. ц. Гьединал суалал дунаялалъулго дипломаталги, президенталги гIодорчIун тIуралел гьечIони, хIасил батIи-батIияб ккезе бегьулин.

Шамхалдибир ГIисаев: «1938-39 соназ Гитлерицаги байбихьана Чехословакиялда ругел жидерго халкъалъ гIумру гьабулел бакIал Германиялда жанире рачиялдаса, гьез жал гьоркьоре рачеян гьарулеб букIанилан. Бокьизени, чанги жо бокьула, нилъееги бокьилаан киса-кирего ругел магIарулал цо улкаялда жанире рачине. Гьедин, бокьа-бокьараб гьабураб мехалъ ккезе бегьула халкъазда гьоркьосеб рагъ».

Руго Дагъистаналда гIадамал, Россиялъ Крым битIун тIадбуссинабун бугилан рикIкIунелги. Гьез рикIкIунеб буго Совет пачалихъалъул заманаялъ улкаялъул нухмалъулев Никита Хрущевас Крым Украинаялъе мекъи сайигъат гьабун букIанилан.

Крым Россиялда гъорлъе бачунилан бакътIерхьул улкабаз бецIизе къваригIун, Россиялъе экономикиял санкциял лъезе букIиналда хIинкъи загьир гьабулеб букIун буго Россиялда гIумру гьабун ругезул 46 проценталъ. Амма информация тIибитIизабулел алатаз гьабураб квербакъиялдалъун байбихьун буго гIадамазул пикру хисизабизе. Жакъа къоялъ Россиялда гIумру гьабун ругезул 36 проценталъ гурони рикIкIунеб гьечIо бакътIерхьул улкабаз Россиялъе экономикиял санкциял гьаризе бегьулилан. Амма Дагъистаналъул Гъуниб мухъалдаса МухIамад Юсуповасул ракIчIун буго Россия жакъа къоялда дунялалда бищун къуватаб пачалихъ букIиналда.

МухIамад Юсупов: «Цебего къваригIун эзие эб бецIизе, элъие ресги щун буго эзие, амма Россиялъул бугеб къуваталда рекъон, эзда кIвезе гьечIо Россиялъе кинабниги зарал гьабизе. Щайгурелъул гьабсагIат бугеб эркенлъиги къуватги цIунизе бокьарал гIадамал цIикIкIун руго Россиялда. Жакъа къоялъ Россия буго гьединал дандечIарал хIукуматазда рагIи бицуне кIалъазе кIолеб бищун къуватаб пачалихъ».

Дагъистаналдаса журналист Муса Мусаевасги рикIкIунеб буго Россиялъе санкциял гьарун лъихъаниги бажаруларин, гьаруниги гьел рукIине бегьулин политикаялда ва экономикаялда хурхарал санкциял. Щайгурелъул экономикаялъул рахъалъ Америкаялъул Россиялъулгун гьедигIан лъикIал бухьенал гьечIин, Европа Россиялда бухьараб бугин. Европаялъ Россиялъе гурел, гьелъ Европаялъе лъазаризе бегьулин экономикиял санкциял.

Муса Мусаев: «Цебе чIезабе цо Путиница абулеб: гIела мерседесалги фольсквагеналги, Европаялъул техника Россиялде баччараб, риччаге тIокIалъ гьел гьанире. Гьедин бокьараб жо гьукъизе рес буго жакъа Россиялъул. Путиница гьанже буго унголъунги улкаялъе нухмалъи гьабулеб. Збигнев Бжезинскияс абулеб буго россиялъулазул 500 млрд доллар бугин жакъа цохIо Америкаялда, Европаялда бугебщинаб гIарац малъичIого. Амма гьедин букIанигицин, Америкаялъ яги бакътIерхьул цогидал улкабаз Россиялъе экономикиял санкциял лъазаризе гьечIо. Масала, гьададигIан гьитIинаб Иран босе. Гьезул нарт босизе гьукъуларогойищ бугеб Америкаялъ цогидал пачалихъазе? Гьедин Ираналъ балъго-гIатIго учузго бичизе кколеб буго жидерго нарт. Гьедин гьабунигицин Иран бакъуца хвечIо гурищ? Россия абуни бергьун кIудияб пачалихъ буго. Гьаниб гьечIеб нигIматги, магIданалги, цогидабги щиб бугеб? Гьединлъидал Россиялъе гьарулел санкциял рукIине бегьула политикаялда хурхарал, ялъуни жидер лъимал Америкаялдагун Европаялда цIалулел, жидер бизнес гьел пачалихъазда бугел цо хасал хIакимзабазда хурхарал санкциял».

Крым Россиялда гъорлъе бачIун хадуб борхизе лъугьанин гIодобе ккун букIараб Россиялъул президентасул къиматилан рикIкIуна цо-цо экспертаз.