Евромайданалъул асар: баррикадабазда ругел гIадамал

Украиналъул биххизабураб хIукмуталъ протесталда гIахьаллъулел террористалгун дандран хадуб, автораз гIуцIун гьел "террористазул" хасиятиял суратал. Гьаб сураталда  чIужугIаданалъ Незалежности майданалде щвезарулел руго медикаментал; "Лексусалъул" бетIергьанлъун кколев икъбал щолев бизнесчияс щвезабулеб буго гьенибе шинаби ва бензин; сакъатавин абуни, хIадурулев вуго ОМОНалде дандечIеялде.

ТIоцебесеб сураталъе кьезе бегьула "Рокьи ккарав террорист" абун цIар: жиндирго йокьуледаса метроялда аскIоб ваталъун гIолохъанчияс баччун унеб буго цIорол цIураб таргьа (гьел баррикадаби гIуцIиялъе хIалтIизарула); "Валя-ада" резинаялъул гулла щун цо къоялдаса нахъ юссуней йиго майданалде; "ГанчIихъан" абураб тIокIцIар бугев гIолохъанчияс гамачI бахъулеб буго жиндирго васасул фирмаялъе къватIазда гамачI чIваялъул тIадкъаял гьарун машгьуралъарав вукIарав киевалъул мэр  Александр Омельченко ракIалде щвезавулаго.

Рукъуе унеб нухда чIужугIаданалъ таргьинибе гIазу бакIарулеб буго баррикакдабазде щвезабиялъул мурадалда; динияв хъулухъчияс ТIадегIанасда гьарулеб буго протесталда гIахьаллъулел цIунеян; гIолохъанай ясалъ гIамал гьабулеб буго цIороялдаса жийго цIунизе, квачалей йикIниги, гьелъ Евромайданалда хадуб халкквей халат бахъинабулеб буго.