Россиялде гъорлъе федерациялъул субъект хIисабалда автономия лъугьиналъул хIукму гьабуна хамиз къоялда Крымалъул парламенталъ. Крымалъул ТIадегIанаб мажлисалъ гьединго хIукму гьабуна Россиялъул президент Владимир Путинихъе ва Федералияб Мажлисалде хитIаб гьабизе Крым Россиялде гъорлъе босиялъул гьаригун.
Крымалъул парламенталъул бетIер Владимир Константиновас лъазабуна ТIадегIанаб мажлисалъул хIукму тасдикъ гьабизе кколин автономияб республикаялда тIобитIизесеб референдумалъин.
Крымалъул автономияб республикаялъул тIоцевесев вице-премьер Рустам Темиргалиевас лъазабуна, Крымалъул статусалда сверун референдум бахъанин 16 марталдейин. Цебе гьеб тIобитIизе планалда букIана 25 маялда, хадуб – 30 марталда.
Темиргалиевасулго рагIабазда, референдумалда лъолеб буго кIиго суал. ТIоцебесеб: «Дуца рахъ кколищ Крым Россиялъул Федерациялъул субект хIисабалда Россиягун цолъиялъул?», кIибалеб: «Нужеца рахъ кколищ Крымалъул республикаялъул I992 соналъул Конституция хIалтIизе биччаялъул ва Украиналъул бутIаялъун кколеб Крымалъул статусалъул?» .
Крымалъул парламенталъул 100 депутатасда гъорлъан 78-яс гьаракь кьун буго референдум тобитIиялъе ва Крым Россиягун цолъиялъе.
Крымалъул цIиял бутIруз гьединго лъазабулеб буго, жал хIадурал ругин регионалда россиялъул гъурущ хIалтIизабизеян. Интерфакс агентлъиялъул лъазабиялда рекъон, Симферополалда тIобитIараб пресс-конференциялда Темиргалиевас лъазабун буго, «нагагьлъун Россиялъул рахъалъ изну кьолеб бугони, жал хIадурал ругин Крым гъурщил зоналъун лъазабизеян».
Гьенибго лъазабун буго Украиналъул киналго пачалихъалъул идустриялъул объектазул национализация гьабизе бугин, гьел лъугьине ругин крымалъул бугоилъилъунин.
Гьанжеялдего Крымалъул татаразул лидер Рифат Чубаровас лъазабуна, референдумалъул хIасилал жидеца къабул гьаризе гьечIин. Украиналъул экономикаялъул министр Павло Шереметица букIинесеб референдум рикIкIана «конституциялде данде кколареблъун».
Украиналъул нухмалъиялъ къабул гьабулеб гьечIо Крымалъул нухмалъиялъул цIиял идараби. Крымалъул премьер-министрасул ва парламенталъул спикерасул арест гьабиялъул ордер кьун буго гьелъ.
Еврцолъиялъул лидерал дандчIвалел руго Брюсселалда Украиналъул кризисалда сверун позиция цойиде бачиналъул мурадалда.
АрбагI къоялда саммиталъул байбихьилалде цебе Украиналъул премьер-министр Арсений Яценюкица лъазабуна, гьанжесеб кризис Украиналда гуребги, тIолабго Европаялда хъвалеб бугин.
Арсений Яценюк: «Гьеб гIицIго Украиналъулгун Россиялъул кризис гуро. Гьеб ккола тIолабго Европаялъул кризис. Нилъеца цадахъго галаби гьаризе ккола. Нилъеда лъан букIине ккола, гьелъул гIаммаб жавабчилъи букIин.»
Британиялъул премьер-министр Дэвид Кэмероница лъазабуна, Евроцолъиялъ чIван къотIараб сигнал битIизе кколин Россиялъейин.
Дэвид Кэмерон: «ТIоцебе босани, нилъер ракI чIараб букIине ккола Россиялдаги Украиналдаги гьоркьоб диалог халат бахъунеб букIиналда. КIиабизе бугони, Евроцолъиялда бихьизабизе ккола, нилъеца захIматаб заманалда Украиналъул халкъалъе кумек гьабизе букIин. Лъабабизеги, цIакъ кIвар кIудияб жо, нилъеца чIван къотIараб сигнал битIизе ккола Россиялъул нухмалъиялде, лъугьа-бахъараб букIине бегьулеб жо гьечIеблъиялъул ва гьелдаса квешаб хIасил букIине бегьиялъул.»
Гьединаб фоналда Крымалдаса бачIунеб буго Украиналъул рагъул флоталъул гумузе Донузлав абураб базаялдаса къватIибе иналъе нух къаялъул хIакъалъулъ.