Гуржиязул Лопота кIкIалахъ чIварав 11 чиясда гьоркьов вуго чачаназул Ичкериялъул премьерлъун вукIарав Закаев АхIмад цIунулев вукIарав чи. Гьедин лъазабулеб буго «Коммерсанталъ». Гуржиязул Жанисел ишазул минисерлъиялъги абулеб буго Дукваха Душуев абурав чи вугин чIваразда гьоркьовин, амма мухIкан гьабулеб гьечIо гьев Закаев цIунулев чилъун вукIараблъи.
Гуржиязул Жанисел ишазул министерлъиялъ лъазабун буго гуржиязулгун-россиялъул гъорхъода Лопота абулеб бакIалда чIварав 11 чиясда гьоркьосан 7яв щивали лъазабизе кIун бугин. Гьедин бицана Эркенлъи Радиоялъул гуржиязул хъулухъалда гьеб министерлъиялда мугъчIвайги гьабулаго. ЧIваразда гьоркьов ватун вуго 1968 соналда гьавурав Дукваха Душуевги.
Гьев гIахьаллъулев вукIана чачаназул тIоцебесеб рагъулъ, вукIана жибго жинцаго лъазабураб Ичкерия республикаялъул хIукуматалъул бетIерлъун вукIарав Закаев АхIмад цIунулев чилъун. 2000 соназда АхIмад улкаялдаса нахъе араб мехалда Дукваха федералиял къуватаз ккун вукIана, хадуб амнистия гьабун къватIиве виччанги вукIана. Гьедин хъвалеб буго «Коммерсанталъ».
Закаев АхIмад 2002 соналдаса нахъе вуго Лондоналда. Гьениб гьесие кьун буго политикияб лъутизе бакI.
Изну гьечIого яргъидгIуцIаразул къукъаби гIуцIи, рагъулаб дандечIей гьаби ва Москваялъул Дубровкаялда теракт гьабиялъулъ гIахьаллъи букIин абурал гIайибалги гIунтIизарун Россиялъул тIалъиялъ тIалаб гьабулеб букIана гьесие экстрадиция гьабизе. 2010 соналда Россиялъул ФСБялъ гьесда гIунтIизабуна цIияб гIайиб-Ичкериялъул рагъулал къуватал гIуцIизе хIаракат бахъи абураб. Живго Закаевас гьел киналго гIайибал нахъчIвалел руго.
2003 соналда Лондоналъул диванханаялда Закаевасе экстрадиция гьабиялъул суал цебе лъураб процессалда Россиялъул Генералияб прокуратураялъ загьир гьарун рукIана нугI Дукваха Душуевасул рихьизариял. Гьес абулеб букIана живги вугеб бакIалда Закаевас кьолел рукIанин гIадамал рикъизе ва чIвазе буюриялин.
Хадуб, Россиялдаса Лондоналдеги ун Душуевас Закаевасул суалалда сверун диваналда инкар гьабула россиялда бицарабщиналдаса, гIакъубаялда гъоркь бицунеб букIанин жинца гьебинги абун. Ханкалаялда донкIнивеги рехун гIакъуба кьолеб букIанин жиндиейин абун букIана гьес. Цинги диванчи Тимоти Уоркманица гьабула нугIзазецин гIакъуба кьолеб Россиялде Закаевасе экстрадиция гьабизе кколарин абураб хIукму.
Шималияб Кавказалъул яргъидгIуцIаразул лидер ГIумаров Докуца лъазабураб «Имарат Кавказ» малъичIев Закаевасе шаригIаталъул диваналъ гьевги гьечIого къотIун буго гьев чIвазе хIукму. Гьезул пикруялда, Закаевас исламалдаса инкар гьабун Кадиров Рамзанил хIукумат легитимияб бугин рикIкIунеб буго.
Гуржиязул Жанисел ишазул министерлъиялъул информациялда рекъон, чIваразда гьоркьов ватун вуго гьезул кIиго гражданин, 1990 соналда гьавурав Маргошвили Аслан ва 1986 соналда гьавурав Кавтарашвили Багьавдин. Гьев гьавун вукIун вуго Грозныялда ва Панкисиялда гьесул гIагарлъи букIун буго.
Россиялдаса щугоясда гьоркьов рехсолев вуго Душуев Дуквахаги.
Панкисиялдаса гIолилал рукъун руго Дуиси росулъ. Гьениб чанго къо цебе бухъун букIана анлъго хоб. Гьезул ункъгояб жеги чIобого бугин лъазабулеб буго информалатаз.
Панкисиялда гIумру гьабулей журналист Хангошвили Тумишаца Эркенлъи радиоялъе бицараб дагьабго батIияб буго официалияб версиялдаса.
Хангошвили Тумиша: «Щалали лъазе кIварал анкьгоязул ункъгояв нижерав вуго, лъабгояв Чачанлъиялдаса вачIарал вуго. Гуржиязул тIалъиялъулгун къотIиги гьабун гьезда ракIалда букIун буго Панкисиялдаса Чачаналъе ине. Чанго чи гьелдаса цебе гьебго куцалда доб рахъалде унги вукIана. Гьеб гьезие букIана гIадатияб иш. Гьаб нухалдайин абуни гуржиязул цо кинабалиго план букIараб къагIида буго. Амма гьелъул гьанже бицунеб гьечIо.
Бицунеб гьечIо лъица ва щибизе гьеб гьабурабалиги.
Абулеб буго гьел Чачаналъа рачIанин гьединлъидал рагъги кканин. Гьеб гьереси буго. Нижер росулъ лъалелъул гьел гIолохъаби щалали ва щиб гьабизе гьезда ракIалда букIарабали. Гьел Панкисиялдаса унел рукIана Чачанлъиялде. Гьезул цо-цоял диеги гIагарал руго. Жеги бицунеб буго ункъгояв чIаго вугин ва гьел лъутун рорчIун ругин. Гьеб нижеда жеги мухIканго лъаларо».
Цебе гуржиязул рахъалъ лъазабун букIана 29 августалда Дагъистаналдаса рачIарал изну гьечIого яргъидгIуцIаразул къукъаялъ гъоркьлъалие росарал гIадамал эркен гьаризе кIванин гуржиязул хасал хъулухъаздайин. Гьединго лъазабулеб букIана гьел яргъидгIуцIаралгун букIараб рагъулъ лъабго аскарияв чIванин ва щугояв лъукъанин ва 11явги чIван нахъе хутIарав анлъго яргъидгIуцIарав сверун ккун вугин.
Гьебго заманаялда россиялъул рахъалъ лъазабулеб букIана Дагъистаналда ва Гуржиялда гьоркьоб бугеб гIурхъи цониги рахъалдасан лъица букIаниги бахиналъул хIужаби рукIинчIин гьел къоязин.
Гуржиялъ бугеб жамгIияб идара «Кавказалъул халкъазул конфедерациялъул» нухмалъулев Заал Касрелишвилица абуна Эркенлъи Радиоялъе гьеб лъугьа-бахъиналъ Гуржиялда кIудияб ахIи-хIур бахъаризабун бугин.
Заал Касрелишвили: «Дица ва диргун пикру гIахьалаз гуржиялъ гуребги тIолабго Кавказалдаги, гьеб бахун батIи-батIиял улкабаздаги какулеб буго гьеб лъугьа-бахъин. Дие бокьун буго гьеб конфликталда кIиябго рахъалдасан хваразул гIага-божаразда зигара базе. Гьеб буго гуржиязул политикияб тIалъиялъ гьабураб хIукму. Гьеб гуржиязул халкъалъул хIукму гуро. ТIолабго улкаялдаго ахIи-хIур багъаризабуна гьеб лъугьа-бахъиналъ. Рищиязда цебесеб кампанияцин къезабун бицунеб буго гьелъул.
Узухъда, рес букIана би гIодобе тIечIого гьеб конфликт рагIалде бахъинабизеги. Гуржиязул территориялде ярагъгун кодоб рачIарал гIадамазе гьеб цIияб ва чияр бакIал букIинчIо. Дида ккола, гуржиязул хIукуматалдаса лъил букIаниги кумекалъухъ балагьун чIун рукIанин гьелин. Дир ракI чIараб буго гьеб ситуация ракълидалъун рагIалде бахъинабизе рес букIиналда.
Гуржиязул халкъалъул рахъалдасан цоги ва цоги нухалда зигара балеб буго дица. ГIадамаз къотIнов чIезавун абуна дида телевидениялдасан дуца бицараб битIараб букIанин. Абулеб букIана гьеб лъугьа-бахъиналде жидер гIахьаллъи гьечIин ва жалги гьелда гIагалун ругин. Гьеб нужеда лъазе ккола».
Гьев вукIана «Кавказалъул халкъазул конфедерациялъул» нухмалъулев Заал Касрелишвили.