Телефоналдасан гъураб къор

Гьал къоязда Ростов мухъалда гIагарлъухъ чIван ратун руго Дагъистаналдаса кIиго чи. Гьел рукIун руго боцIи бичун босизе къватIире рахъарал Буйнакск мухъалъул Гъадар росулъа чагIи. ЧIваразул жаназаби ратун руго гьезухъ букIараб «Камазалда» жанир, бикъун буго гьезухъ кодоб букIараб кIиго миллион гIанасеб гIарацги.

Исламудинги Арсенги рокъоса аралдаса бан букIун буго 10 саги цIикIкIун къо. Ахирисеб нухалда гIагарзулгун гьез бухьен гьабун буго маялъул къоло анлъабилеб къолъ, гьелдса хадуб къотIун буго бухьен. ЧIваразул цояв Исламудин гIумру гьабун вукIун вуго МахIачахъалаялдаса гIемер рикIкIадаб гьечIеб Талги хъутаналда. Аслияб куцалда гъадаразул чIагIи руго гьенир гIумру гьабун.

БоцIи босизе къватIире рахъарал чIагIи рукIанин гьелилан бицана «Эркенлъиялъе» Талгиялда гIумру гьабун вугев Гъуниб мухъалдаса Шамхалов Садуллагьица. ЧIварав Исламудин гьесда цевегоялдаса лъалев вукIун вуго. Садулагьил мадугьаласул яс йикIун йиго гьесул чIужуги. Исламудинихъе ахIун бачIун буго Ростов мухъалда вугев чияс жиндица боцIи бичулеб бугин гьеб босизе рес рекъани вачIайин транспортги бачун жиндихъеян.

Гьес телефоналъги ахIун вачун вуго Гъадар росулъа жиндирго Камаз автомобильги бугев 23 сон барав Арсенги. Буйнакс мухъалда гъорлъе унеб росу ккола гьеб Гьал къватиIре рахъаралдаса боцIи бичулеб бугилан тIоцебе Исламудинихъе ахIун вачIарав Ростовалдаса чияс телефон свинабун букIун буго, хадуб заманалдасан жиндицаго ахIулеб букIун буго гьазухъе.

Садуллагьица бицунелда рекъон кинаб радикалиял яги экстремистиял къукъабазда гъорлъе унев чи Исламудин вукIун гьечIо. Гьеб чIвай-хъвей ургъунго гIарцуе гIололъун гьабураб такъсир букIиналда ракIчIун буго гьесул.

Шамхалов Садулагь: «Гьав щивалиги лъан, сундуе вачIуневалиги бичIчIун гьасда хадуб халкквей букIараблъи лъалеб буго. Ал къватIире рахъаралдаса анахъе гьазда цебе-цебе букIун буго цо автомобиль. Гъизляралде щварал чагIи нахъуруссунел рукIун руго гьал Исламудинилгун бухьен гьабурав чиясухъ телефоналъ ахIун инчIеб мехалъ, хадув дов живгоги кIалъан вачIун нахъуруссун руго кIиабизеги.

АнцIгоялдасаги цIикIкIун къоялъ гьаз жаваб кьолеб гьечIин бицараб мехалъ дица Исламудинил вакьадасда абуна гьел чагIи чIван ратиялда щибниги щаклъи гьечIилан, аб щайинха лъиданиги «Камаз» батичIеб эдин батаниян божуларогоги вукIана гьев, «Камаз» лъидайинха батилеб гIалахалде рехун бугеб гьлде жавниев ваккулев чи щивин вукIиневилан абуна дица. ЧIун бугеб гьелъул пиркру гьалев ич кунватилароха, ахирги цо лъида бугониги гьелъул ургъел чIвазегIан.

Гьев живгоги (Исламудин) къобухIарав мискин вукIана, вацIцIадав мискин, тухумго гьезул язихъал гIадамал ругилан абула гьаниб».

ЭР. Гьедин букIаго гIарацги налъи гьабундай гьес босун букIараб.

Садулагь: «300 азарго гъурущ букIун буго гьесул жиндирго, хутIараб гIарац жиндирго къайицадахъасул букIун буго (миллионги хадубги). Чанго къоялъ цеве дандчIванги вукIана дида гьев гъарим, ахираб заманалда гьел гьеб гьеб боцIулгун дарам-базаралда вугев чи вукIанаха мунагьал чурад».

Дагъистаналъул жанисел ишазул идараялъухъа кинал ругониги баянал щвечIо нижехъе. Гьединго нижер рес рекъечIо чIварзул гIага-боажаразухъаги кинал ругониги баянал щвезе. КIиялго гьел рукъун руго Буйнакск мухъалда бугеб Гъадар росулъ. Талгиялда гIумру гьабун вукIарав Исламудинил нахъе буго хъизанги кIиго лъимерги, гьесул букIана 35 сон.