Туркиялда халат рахъунел протестал аслияб къагΙидаялда рихьизарулел руго гΙицΙго авторитарияв, исламистазул хасияталъул премьер-министр Реджеп Тайип Эрдоганиде данде унеб акция хΙисабалда. Амма нижер мухбир Гленн Кейтсица хъвалеб буго гьел акциязда гΙахьаллъулел ругин батΙи-батΙиял бербалагьиязул гΙадамалин. Ругин гьезда гъорлъ консервативиял антикапиталистиял бусурбабицинин.
8 июналда Таксим-майданалда демонстрантал кьурдулел ругоан гор-свериги гьабун. Гьеб гор-свериалда ругоан батΙи-батΙиял гΙадамал. Гьел цолъизарун руго туркиялъул премьер-министр Реджеп Тайиб Эрдоганиде бугеб цималъ. Гьезул гΙемерисез абулеб буго гьесул авторитаризм цΙикΙкΙунеб бугин, гьес къануназдалъун, мисалалъе алкоголь бичиялъе гΙорхъаби чΙезариялъул къануналдалъун, исламизмалде руссинарулел руго, дин пачалихъалдаса батΙа гьабун букΙин рикΙкΙинчΙогоян.
Диналде юссарай Зейнеп Агбайирги кΙазги къан жуялей йиго жиндирго рос гъорлъ вугеб кьуржулеб гор-свериялде.
Агбайир гΙадал чагΙи гьенив вуго 27. Гьел ккола «бусурбабазул антикапиталистияб багъа-башариялъул» гΙахьалчагΙи. Эрдоганил ва гьесул исламияб РитΙухълъиялъулгун цебетΙеялъул партиялъул рахъ кколеб буго консервативиял бусурбабаз. Гьебго заманалда протесталъул гΙахьалчагΙазул аслияб бутΙаялъ жалго рикΙкΙунел руго дин пачалихъалдаса батΙа гьабун хутΙиялъул рахъ ккурал гΙадамаллъун. Амма протесталъул диниял гΙахьалчагΙаз абулеб буго, протесталда гΙахьаллъиялъе батΙи-батΙиял къокъабазул жидерго багьанаби ругин. Гьел хурхарал гьечΙин гΙицΙго гьаб заманалъул социалияб халуцΙиналдайин.
Агбайирица абулеб буго, Эрдоганица диналде руссарал гΙадамазул бербалагьиялъул манипулиция гьабун хΙалуцин цΙикΙкΙкинабулеб бугин.
Зейнеп Агбайир: «Мисалалъе, жинца гьениб базе гьечΙин дармил центр, жинда гьениб мажгит базе ракΙалда бугин, гьес лъазабидал, гьеб букΙана гьесул диниял хΙаял. Гьес пайда босулеб букΙана гΙадамазул диналде бугеб шавкъалдаса.»
Байбихьудаго Таксим-майданалда дармил центр базе планалде данде реакция бихьарабго, гьес байбихьана, гьеб проекталдаса инкарги гьабун, мажгит ва операялъул театр базе рачΙаян абизе.
Агбайирил антикапиталиятияб багъа-башариялде абизе бегьулеб батила марксистияб динияб партиян. Гьезул вэб-сайталда хΙалтΙизарулел руго «захΙматчагΙазул биги гΙетги» абурал рагΙаби. Гьеб ккола «квагΙаб» хасияталъул динияб къокъа.
Графикаялъул дизайнер Эмин Албайракал чадиралда хъван бугоан «Аллагь, чед, эркенлъи» абурал рагΙаби.
Эмин Албайрака: «Нижер къокъаялъ риккΙуна, буголъи кколин тΙадегΙанасул. Гьебин абуни ккола гьеб буголъи халкъалъул бугин абураб. Гьаниреги рачΙун нижеца гΙамал гьабулеб буго гΙадамазде гьедин абизе.»
Таксим-майданалде рачΙарал протесталъул гΙахьалчагΙазул къадаралда гъорлъ ругел диниял къокъаби политикияб къуват букΙин гьедингΙанго бихьулеб гьечΙо.
Амма диналде руссарал бусурбаби жал ругин абулел къокъабазулги тΙалабал руго аслияб къагΙидаялда хурхарал соцаилиялгун экономикиял проблемабазда. Гьезул рагΙабазда майданалда руго гьезул рахъ кколел гΙемер гΙадамал.
"Hurriyet Daily News" политикияб газеталъул журналист Барчин Йинанчица абулеб буго кин букΙаниги протест бихьизе кколарин исламизмалдаги секуляризмалдаги гьоркьоб унеб къеркьей хΙисабалдайин.

Глен Кейтс, ЭР