ЗахIматал унтабазул цояблъун рикIкIунеб, цIакъго цебего заманалдаса нахъе инсанасул гIумруялъе хIинкъи кьолеб туберкулезалъ унтарал чагIи дандчIвазе бегьула Дагъистаналда киса-кирего: бищунго гьитIинаб росулъги, кIудиял шагьараздаги. Кинаб бугеб республикаялда гьелдехун къеркьеялъул иш, щай медицинаги цебетIураб, цIиял технологиялги ругеб заманалда туберкулезалъ унтаразул къадар дагьлъулеб гьечIеб?
Дагъистаналда туберкулезалъ унтарал гIадамазул къадар тIадеялдаса тIаде дагьлъулеб бугин ва гьелде данде гьабулеб къеркьей цIияб даражаялде бахун бугилан рикIкIунеб буго республикаялъул сахлъи цIуниялъул официалиял идарабаз.
2007 соналдаса къабул гьабураб туберкулезалда данде чIеялъул хасаб программаялда рекъон щибаб соналъ туберкулезалда данде къеркьезе Дагъистаналъул хIукуматалъ биччалеб буго 57-58 млн. гъурущ гIарац. Гьедин бицана Дагъистаналъул туберкулезалда данде чIеялъул диспансералъул бетIерав тохтурасул заместитель АсхIабгIалиев МухIамадица Эркенлъи Радиоялъе.
АсхIабгIалиев МухIамад: «Туберкулезалда данде къеркьеялъул хIасилалда гьеб унтуца унтаразул къадар дагьлъулеб буго. Россиялъул хIукуматалъги, Дагъистаналъул хIукуматалъги кIудияб кIвар кьолеб буго гьеб суалалъе. Щуго соналъулаб хасаб программа буго туберкулезалда данде къеркьеялъе гIоло къабул гьабураб, гьеб программаялда рекъон щибаб соналъ гIага-шагарго 57-58 млн. гъур биччалеб буго гьел тадбиразе.
Гьенибе гъорлъе уна унти чIезабиялъе ва гьеб сах гьабиялъе къваригIунел батIи-батIиял алатал роси, дараби роси, унтаразе квен, лъикIал тохтуразе гIарцудалъул кумек гьаби, азарханаялъул мина къачIа-кIатIай ва гьеб гуреб цоги кIвар бугел тадбирал. Нижеца гьел киналго тадбирал щвалде щун гьарула ва программаялда рихьизарурал тадбирал киналго тIуразарула».
Амма республикаялъул бищунго кIудияб, Буйнакскиялда бугеб туберкулезалъул азарханаялде щведал бихьулеб буго иш тIубанго гьедин гьечIолъи. Азарханаялъул хIалтIухъабаз ва унтараз батIи-батIияб бицунеб буго «Эркенлъи» радиоялъул мухбирасулгун гьабураб гара-чIвариялда. БетIерав тохтурасул заместитель Зайнудин Мамаевас бицана хIалтIи лъикI унеб бугин, лъикIал врачалгун дарабиги ругин, унтаразул къадарги дагьлъун бугин.
Амма азарханаялда хъулухъазул кигIанго гIодорегIан ругез ракI рагьун бицунеб буго жидерго масъалабазул. Лъабабилеб отделениялъул нухмалъулей ГIалисултIанова Натальяца бицана жиндир отделениялда ругин церегоялдаса нахъе унтарал, гIемер заманаялъ гьеб унтуца унтарал чагIи. Гьезул гIемериселги цереккун туснахъалъур рукIарал чагIи ругилан. Больницаялда ругелщинал унтаразул 30 процент туснахъалъур унтарал ругилан бицана гьелъ.
Туберкулезалъул диспансералъул бетIерав тохтур хисулев АсхIабгIалиев МухIамадил баяназда рекъон гьабсагIаталда республикаялда туберкулезалъ унтаразул къадар буго 3 азаргоялдаса цIикIкIун, туснахъалдаса къватIире рачIунезул щибаб моцIалъ 6-7 унтарав чи диспансералда хал гьабулезда гъорлъе восула.
АсхIабгIалиев МухIамад: «Унтарал руго 3 азаргоялдаса цIикIкIун. Унтуда данде чIарал идараби руго 14, гьезда гъорлъ кlиго лъималазул. Росабалъ буго ункъо азархана: ГIахъуша, Ахты, ЛъаратIа ва КъахIиб. ХутIарал руго диспансерал. Туснахъалъуса рачIарал чагIазда хадубги нижеца хал ккола, киве гьев аниги гьес гIумру гьабулеб бакIалда ругел туберкулезалда данде чIарал идарабзда лъазабула гьединав чи ун вугин, гьесда хадуб хал кквейин.
Гьедин унтаразул 6-7 чи щибаб моцIалъ нижеца диспансералда хал гьабулезда гъорлъе восула. Гьев нилъер регионалдаса ватичIони гьесул ватIаналдеги лъазабула унтарав чи вугилан. Туснахъалъур ругел чи дора жанирго сах гьарулел хасал азарханаби руго, жидерго тохтуралги, унтарал сах гьариялъе чIезарурал шартIалги руго. Унтарав туснахъалъуса къватIиве виччазе заман щварабго гьез нижеда лъазабула. Гьединго, дове чи ккедал нижеца доздаги лъазабула гьев унтун вугилан.
Дора ахираб заманалда унтарал дагьлъулел руго. 90-абилел соназда туснахъалъув вукIарав нусазарго чиясдаса 3-4 азарго туберкулезалъ унтарал рукIун ратани, гьабсагIаталда гьединазул къадар буго азаргоялдаса дагьалъ цIикIкIун».
Буйнакскиялъул азарханаялда йигей медсестра ГIайшатица бицунеб буго гIиси-бикъинал алатал росизеги азарханаялда гIарац биччалеб гьечIилан. Дагьалъ цебе лъим лъим биччалеб кран бекун букIана, дицаго гIарац кьун босана. ГьедигIан мискинлъунищ бугеб азархана, дун бухгалтериялда йикIана, гьединал ишазе 40 азарго гъуруш гIарац биччан буго, кибеха гьеб унеб бугебан бицана гьелъ.
Гьединго гIемерисезул гIарз буго харж дагьаб бугилан. Унтиялда хIинкъи бугеб хIалтIуда гьедигIан дагьаб харж букIине бегьулищан гIажаиблъи гьабулеб буго гьез. Тохтуразе гьоркьохъеб харж 9 азарго гъуруш, гьоркьохъеб медперсоналалъе 4-6 азарго гъурущ.
Азарханаялъул азбаралда гъотIол рагIдукь столалда нахъа гIодорчIарал унтаразда цебе бугоан гьитIинаб гIаракъидул шишаги, цIам, пер ва хIан. АскIове щварав гьез дида гьарана жидее гьекъезе жо босиларищан. Гьеб бегьуларогури нужее, унтарал чагIазеян абуна дица.
– Цо къойида жаниб кIи-кIи жо гьекъани гьелъул расги лъугьунаро, цадахъ гьойдул гьанги квани дагьабги лъикI букIина, – ян абуна тIад балагьул спортсменасулгIадаб черхалъул, майка ретIарав, багIарлъарал бералги ругев Къасумица.
Гьез бицана гьеб бугин бищун лъикIаб дару гьаб унтудаса, гьал тохтурзабазул химиялъ щибниги кьоларин бичIчIизабулеб букIана. Къасумица бицана жив кколила ЧIарада мухъалдаса, унтанин туснахъалъув. Гьелдаса нахъе щибаб соналъ 3-4 моцIалъ гьеб сах гьабизе гьаниве вачIунин. Гьезулгун къолъикIги гьабун нахъе унаго дандчIвана гьезул тохтур.
– ГIолохъанав, къамартIаб черхалъул вас вуго Къасум, гьев гьекъезе тезе бегьуларо,-ян абуна дица гьелда.
– Гьесие сунцаниги кумек гьабиларо, гьесул гьуърул лъугIун руго, - ян абуна тохтуралъ пашманго.
Официалиял идарабаз унтуда данде хIалтIи тIадегIанаб даражаялда гьабулеб бугин, унти дагьлъулеб бугин рикIкIунеб буго, амма балагьараб мехалда жаниса иш лъикIго гьечIилан рикIкIунеб буго унтаразул цояв, цеве мугIалимлъун хIалтIулев вукIарав МухIамадица. Азарханаялъул азбаралда унтараз рагьун гIаракъи гьекъолеб мехалъ кинаб даражаялъул бицунеб бугебилан гьикъулеб буго гьес.