Прокуратураялъ дагIба балеб буго Эфендиеваздехун

Дагъистаналъул прокуратураялъ Дагъистаналъул бетIерасдехун хитIаб гьабулеб буго республикаялъул тIалъиялъул ва бетIерасул администрациялда хIалтIулесул вац гьеб идараялъул нухмалъулевлъун тIамун вукIиналда бан.

Your browser doesn’t support HTML5

Прокуратураялъ дагIба балеб буго Эфендиеваздехун

Дагъистаналъул гьеб тIоцебесеб нух гуро кколеб гIагарлъи бугел чагIи тIалъиялда рукIин тIатинабулеб. Амма журналистаз баян гьабулеб буго гьеб гIицIго Дагъистаналъе хасиятаб иш гурин.

Дагъистаналъул прокуратураялъ кьолел баяназда рекъон, коррупциялда дандечIеялъул къануналда рекъон халгьаби тIобитIулаго чIезабун буго, 2016 соналъул февраль моцIалда цевеккун ЗахIматалъулгун социалияб цебетIеялъул вукIарав министр ИсмагIил Эфендиев тIамун вукIин Дагъистаналъул бетIерасул ва тIалъиялъул администрациялъул нухмалъулевлъун.

Гьебго заманалда, гьесул вац Юсуф Эфендиев гьебго идараялъул нухмалъи гьабиялъухъ хал гьабулеб бутIаялъул бетIер хисулевлъун хIалтIулев вукIун вуго.

Республикаялъул прокуратураялда баян гьабухъе, гьел кIиялго хIакимчагIи цо идараялда хIалтIулел рукIиналда бан гьез гьелдаса пайда босизеги рес буго. Прокуратураялда баян гьабулеб буго, гьеб информация Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповасде щвезабун бугилан.

Гьеб тIоцебебсеб гьеб тайпаялъул лъугьа-бахъин гуро кколеб бугеб Дагъистаналъул тIалъиялда.

Дагьалъ цебе прокуратураялъ гьединаб лъазаби гьабуна лъай кьеялъул министр ШагьгIабас Шагьовасул вац Шагьрудин Шагьовасеги, сахлъи цIуниялъул министр Танка Ибрагьимовасул эмен Ибрагьим Ибрагьимовасеги.

Гьединго прокуратураялъ дагIба бан букIана Культураялъул министр Зарема Бутаевалъ гьеб идараялда хъулухъалда жиндир дурц теялда. Гьелъ гьев чи тун вукIана федералияб кIваралъул объектал цIуниялъул бутIаялда тIоцебесеб даражаялъул махщелчилъун. Амма Прокуратураялъул тIалабалда рекъон, гьес хъулухъ тана.

Журналист ГIалисултан Гъазимух1амадовас гьелда бан баян гьабулеб буго, тIасахун прокуратураялъ абизегIан чIезе кколароанин хIакимзаби гьединаб гIунгутIи лъугIизабизе. Гьезда байбихьудаго, гIагарлъи хъулухъазда толеб мехалдаго, лъазе кколин жидеца къанун хвезабулеб букIин.

Амма цогидаб рахъалъ босани, прокуратураялъги зани бегизабизе бегьуларила. Масала, хал гьабизе кколила гьев чи унголъунги хIалтIизе бажарулев чи вугищали.

Хадубго ГъазимухIамадовас кIвар буссинабуна республикаялда хIакимзабаз хъулухъазда жидерго гIагарлъи гуребги, росу-ракь цIехонги толел рукIиналде гIадамал.

Журналистаз гьеб лъугьа-бахъин баян гьабулаго кIвар буссинабулеб буго гIагарлъиялъул чагIи цо идараялда, ай хурхен бугел пачалихъиял гуцIабазул бетIерлъуда рукIин цо Дагъистаналъе хасиятаб жо кколарин, гьелъул мисалал федералияб тIалъиялдаги ругила.

«Черновик» газетаялъул журналист МухIамад МухIамадовас гьелда бан баян гьабуна, ГIабдулатIиповасдехун прокуратураялъ хитIаб гьабиялъул хIасил ккей щакаб бугин.

Мисалалъе гьес бачана араб соналъул октябрь моцIалда иргадулаб Халкъияб мажлисалъул данделъиялда депутатазул мандатал эркенлъун рукIиналда бан гьел Пайзудин Уцумиевасеги Аслан Казибековасеги кьолел ругин сессиялда лъазабидал, гьел щалилан гьикъанила республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас.

Аслан Казибеков вугин рукIа-рахъиналъулгун коммуналияб магIишаталъул ва бакIал раялъул министрлъун тIамурав Ибрагьим Казибековасул вас, Пайзудин Уцумиев вугин Гъизилюрт шагьаралъул мэр МухIамад Уцумиевасул василан жаваб кьедал, ГIабдулатIиповас абунила гьев кIиявго чиясул суал нахъбахъейин, ургъизегIан. Амма гьедин букIаниги, гьеб сессиялъул ахиралда Казибековги Уцумиевги депутаталлъун лъугьанила.

ГIагарлъиялъул чагIи цо бакIалда хIалтIулел рукIин тIатинаби бичIчIизабизе бегьулила, тIалъиялде ккедал чияс живго божизе бегьулел чагIи аскIоре цIазе лъугьиналдалъун. Гьединлъидал, тIалъиялда билълъун араблъун лугьун бугила тухумал рукIинин баян гьабуна гьес «Эркенлъи» радиоялъе.

МухIамад МухIамадов: «Гьеб тайпаялъул лъугьа-бахъинал хасияталлъун лъугьун руго. Щай гурелъул, кинав вукIаниги тIалъиялде ккарав чияс хIаракат бахъула гьеб бакIалда щулалъизе живго. ГIицIго политикиял амбицияздалъун гуребги, гьенире гIага-божарал цIанги. Гьеб гуребги, ахираб заманалъ гIолилал хIажат ругин абулеб буго, гьединлъидал гьанже хIакимзабазул лъималги рачIунел руго тIалъиялде, хадубккун жидерго чагIи хисизе.

Гьеб квеш ккараб жо буго, амма гьелде ругьунлъун руго. Гьелго депутаталлъун рищарал Казибеков ва Уцумиевасул хIисаб гьабе. Амма гьеб цо Дагъистаналъе хасиятаб иш кколаро. Гьеб нилъер улкаялда цIакъ тIибитIиараб иш буго».

Журналистас тIаде жубана, ччугIа ботIералдасан махIцине байбихьулеб гIадин, квешал хасияталги тIасан байбихьулила тIиритIизе. Гьединлъидал, федералияб тIалъиялдаги, республкаялъуладаги, бакIазул нухмалъиялдаги гIагарлъиялъул бухьенал тIатинариялъ хIикмалхъизаруларила.