Лъахъ – гIажаибаб архитектураялъул росу
ХIасаназул къватI. Лъахъ
Мажгиталъул каву. Лъахъ
Лахъ некIсияб мина (гьенир жанир чагIи руго гIумру гьабун)
МокърукьбакI кквезе чIварал хIубал – басриябги цIиябги, Лахъ
Жаниса мажгит (Къуръаби ва къваригIараб-тараб лъолеб бакI). Беццилеб хIал гьечIо гьелъул. ГьабсагIаталда квер чIвачIони, чанго соналдасан биххун инеги рес буго.
Кавудахъ лъураб гамачI. Хъанчил сурат. Лъахъ
КъватIисан Лъахъ росдал некIсияб мажгит (аскIоб бугеб кIамури ккола къулгIа бугеб бакI). ГIага-шагарго 300 сон батилин гьелъулин рикIкIунеб буго цо-цо тарихчагIаз. Лъахъ
Мажгиталъул къед – гIараб хъвай-хъвагIаялда цадахъго лъун руго мажусиязул заманалъул гIаламатал рикIарал ганчIалги. Лъахъ
НекIсияб мажгиталъул къадада лъурал свердироги, бакъги, цогидал гIаламаталги рикIарал ганчIал. Лъахъ
Минаялъул кавудахъ лъураб гамачI. Свердироялъул сурат. Лъахъ
Ахираб 20 соналда жанир чIунтарал гIадамазул минаби. Гьезул бетIергьаби шагьаразда руго. Лъахъ
Мажгиталъул къадалъ лъурал рикIарал ганчIал. Мажусиязул заманалдаго рукIарал гIадал суратал руго гьел. Бихьулеб буго биххун инчIого букIиналъе гьанже нахъа гьеб къадада цемент чIван букIинги. Лъахъ
НекIсияб сурат «хвезабун» буго нилъер заманалъул хъвай-хъвагIаялги тIаде журан. Лъахъ
Свердироялъулги хIайваналъулги сурат. Лъахъ
Гьаб гамачI ислам-дин баккараб мехалда гьабураб букIине бегьула, тарихчагIазул пикруялда рекъон. Лъахъ
Лъахъ росдал мажгиталъул си.
ЧIвадан. Лъахъ
Минаялъул къадалъ лъурал ганчIал. Ислам-дин баккилалдего рикIарал гIаламатал.
Гьаб минаги хутIун буго янгъизго. Лъахъ
ЧIваднал. Гъансито букIараб бакI бихьулеб буго. Лъахъ
Росдал хабалалъе лъураб каву. Лъахъ