«Титаникалдаса» хвасарлъарав кавказияв

Россия -- «Титаникалъул» пассажир Мурзакан Кучиев (1890-1940) (R ?), гьавуна гьириязул Кадрагон росулъ.

Исана тIолго дунялалда ракIалде швезаруна1912 соналда Атлантикияб океаналда гъанкъараб «Титаник» абулеб кIудияб гамида рекIун рукIарал къурбанал. «Титаникалъул» пассажиразда гъорлъ вукIун вуго Шималияб Гьириялдаса Мурзакан Кучиев. Гьесул ясалъул ясалъ Эркенлъи радиоялъе бицен гьабуна жиндир кIудаинсул къисматалъул.
Жиндие лъикIаб харж балагьи мурадалда чияр ракьалде сапар бухьи жакъа бижараб иш гуро. НекIогоялдаса Кавказалъул гIадамаз дунял тира-сверун гьединаб харж бала-гъалагьулаан жидее. Гьединал гIадамазул цоявлъун вукIана Шималияб Гьиристаналъул Кадрагон росулъа Мурзакан Кучиев. 1912 соналда гьесие тIубана къого сон. Гьесул анищ букIун буго цудунго бесдал хутIарал жиндирго гьитIинал вацазеги яцазеги рукъ базе. ВацгIалаз гьабураб гIакълуялъухъ гIинтIамун ана гьев къватIивехун.

Щвана Англиялъул Саутгемптон абураб шагьаралде. 1912 соналъул 12 апрелалда доб шагьаралъул порталдаса Америкаялдехун багъарун унеб букIана «Титаник» абулеб кIудияб гама. Ричулел рукIана белтал. Мурзаканилги гьесул вацIалазулги пикру бижана бищун учузаб билетги босун талихI балагьизе.

Гьалеха 2224 пассажирасде гъорлъе лъугьана Мурзаканги. Лъалеб букIахъе «Титаникги» кIудияб айсбергги цоцада данде тункун 1513 чи гъанкъана цIорораб Атлантикияб океаналда. Щибха ккараб Мурзакангун? Москваялда гIумру гьабулей гьесул ясалъул яс Кадзова Индираца ракIалде щвезабулеб буго.

Кадзова Индира: «Нижеда лъалаан гьеб лъугьа-бахъиналъул хIакъалъулъ. Лъимерлъиялъул заманалдаса рагIулаан дида гьеб. Эбелалъул имгIалас диде чанги бицулаан гьелъул. Гьев вукIана дир кIудияв инсул гьитIинав вацлъун. Гьалеха къокъ гьабун гьес бицараб хабар: «Титаникалдеги» рекIун гьев Америкалда сангІат балагьизе унев вукIана жиндирго вацIгалаздаго цадахъ. Гьесул анищ букIун буго рукъ базе.Сапаралда цIадул унти бахана гьесда. Цо параялъ ракI багъарана гьесул. Гъоркьияб тIалаялда рукIарал лъабабилеб классалъул каютаяздаса вахъана гьев тIаде цIияб гьава чIвазе».

Палубаялдаса Мурзаканида бихьанила гамаги кIудияб айсберги цоцалъ къан бугеблъи. Гьес хал-шал гьабулеб букIана лъугьа-бахъаралъухъ. Байбихьуда хIинкъи букIинчIо. Дагь-дагь ккун баянлъана – балагь гIагарлъулеб букIин. ХIакъикъаталдаги заман арабгIан гама гъанкъулаан. Гьеб мехалъ Мурзакан тIокIаб чара гьечIого кIанцIана лъадалъе. ТIубараб сордо бана гьес цIорораб ралъдалъ.

Кадзова Индира: «Расаялда рекIараз гьев хвасар гьавуна. Щвезавуна азарханаялде. КIиго моцIалда жанив вегун вукIана гьев гъова. Кьуна гьесие гIарац - компенсация хIисабалда. ТIад вуссана гьев Гьириялде гIарацгун кодоб. Бана ахир-къад рукъги».

Кадзова Индираца абулеб буго жиндир кIудаинсул къисматалде, хасго гьеб лъугьа-бахъиналде гьедегIан кIудияб кIвар байбихьуда лъицаниги кьолеб букIинчIин, цо гIолохъанав хъвадарухъанас гурони.

Кадзова Индира: «Дир кIудаинсул хIакъалъулъ хъвазе тIоцебего пикру бижана Россиялъул шималияб рахъалда хIалтIулев вукIарав цо васасул. Гьес дир инсул хIакъалъулъ тIехь хъвалеб букIана доб мехалда. Дир эмен-геолог хIалтIулаан доб бакIалда бугеб цо магIданалъул бетIерлъун. Гьалеха, инсуца гьесде абуна - дун щивин? Дир вакьад - гьале гъов вукIанин кIудияв инсан. Тарихияв инсан! - Уищ? - Уин, жавабги кьуна гьес. Вакьад «Титаник» абулеб гамида рекIкIаразул цоявлъун вукIанила, ва гьесда кIванила хвасарлъизе. ВачIана дов хъвадарухъан нижехъе. Гьикъана - бегьулищ гьадинаб макъала хъвазеин абун. - Бегьулилан. Хъвана. КIудияб интерес баккинчIо доб мехалда гьеб макъалаялъул. Хадуб «Титаникалъул» хIакъалъулъ кино бахъараб мехалда баккана интересги гьеб темаялъул».