Владивостокалъул гьайбатал кьоял
Владивостокалъул централда аскІобехун бугеб Золотой Рог абураб лъел квачІ къотІун къокъаб кьо базе байбихьун букІана 2008 соналдда.
Золотой Рог абураб лъел квачІалдасахун бараб кьоялъул ахирисеб секция лъун буго гьаб соналъул апрелалда.
Официалияб къагІидаялда Золотой Рогалда бараб кьо рагьана 11 августалда, амма гІадамазе гьенисан хьвадизе тІоцебесеб киІго къоялъгурони рес кьечІо.
Владивостокалъул кІиабилеб кьо ккола вантазул къоязда гъорлъан дунялалдаго бищунго кІудияб. Гьеб бан буго Босфор Восточный абураб лъел къварилъиялдасан ва гьелъ Владивосток бухьинабулеб буго Русский абураб чІинкІиллъигун.
1104 метр халалъиялъул Русский абураб чІинкІиллдъиялде унеб кьоялъул ахирисеб панел хІалтІухъабаз лъуна апрелалда.
Русский чІинкІиллъиялде унеб кьо дандбалеб букІуна гьанже Сан-Францискоялда бугеб Меседил Каваби абураб кьоялда.