Лъабго къоялъ халат бахъараб хасаб операциялъул хIасилалда МахIачхъалаялда чIвана чанго соналъ федералияб цIех-рехалда вукIарав Генуб росулъа изну гьечIого яргъид гIуцIаразул нухмалъулев ХIажидадаев Ибрагьим. Гьесда цадахъ чIвана Унсоколо мухъалъул депутатазул данделъиялъул спикер МухIамадгIалиев МухIамадхIабиб.
Хасаб операция байбихьарабго, арбагI къоялъул радал киналго информалатаз бицунеб букIана Семендер абураб МахIачхъалаялъул авалалда сверун ккун бугин Унсоколо мухъалъул бакIалъулаб депутатазул корпусалъул нухмалъулев МухIамадгIалиев МухIамадхIабибил рукъ.
Рокъов живго депутат гурев, гьесул чIужугун лъималги ругин лъабазулеб букIана. Амма хадуб лъабазуна гьезда цадахъ сверун ккураб рокъов вугин гендерил инзу гьечIого яргъид гIуцIараб къокъаялъул нухмалъулев ХIажидадаев Ирабагьим.
Хадусеб къоялъ бакъанида терроралда данде чIараб комиссиялъул вакилас лъазабуна И. ХIажидадаев чIванин. Гьесдаго цадахъ чIван вугин М. МухIамадгIалиевгиян лъазабулеб буго информалатаз.
МухIканго чан чи гьенив чIварав ва гьезул цIарал жеги рехсолел гьечIо. Къуваталъул идарабазул хIалтIухъабазул кIиго чи чIвана ва кIигояв лъукъана.
Чанго соналъ федералияб цIех-рехалда вукIарав яргъид гIуцIаразул цевехъан, республикаялда гьарурал гIемерал такъсиразул жавабчилъи жинца тIаде босарав ва къуваталъул идарабаз лъазабухъе, вищунго кквезе захIматав «рохьилазул» нухмалъулев чIванилан щиб хисизе бугеб, кин муниципалияв хIакимчи, «Цолъараб Россия» партиялъул депутат М. МухIамадгIалиевгун гьев цадахъ ккарав абурал суалал кьуна нижеца Шималияб Кавказалъул исламиял цIех-рехазул централъул нухмалъулев Гереев Руслание.
Гереев Руслан: «Ахирал соназда жанир гIемерал чIвана изну гьечIого яргъид гIуцIаразул церехъаби батIи-батIиял хасал операциязул хIасилалда. Гьеб хIужаялъ хьул лъолеб буго, тIубанго лъугIичIониги, изну гьечIого яргъид гIуцIаразул къуват дагьлъилин.
Амма Ибрагьим ХIажидадаев чIваялъ регионалда унел политикиял ва диниял процессазда асар гьабилин дида кколаро. Щайгурелъул гьебго параялъ гьесул бакIалда вачIина чанго батIияв цогидав, яргъид гIуцIаразул хIалтIи букIараб хIалалъ ине буго.
Гьанже депутатасул бицани, гьев гьеб хъулухъалде вищулеб мехалъ гьев радикалиял пикрабазул рахъ кколев чи вукIинчIо, гьев хадув вачIана гьелде. ЦIакъго гIажаибаб жо дида гьениб бихьулеб гьечIо.
Изну гьечIого яргъид гIуцIараз гьабсагIат нух бахъулеб буго тIалъиялде, хIалбихьулеб буго муниципалияб даражаялда тIалъиялда асар гьабизе.
Гьеб тасдикъ гьабулеб мисаллъунги гьаб нилъеца рехсолеб хIужа босизе бегьула. Изну гьечIого яргъид гIуцIаразда бихьулеб буго ахир гьечIеб дандечIеялъ хIасил кьолеб гьечIолъи ва дагь-дагьккун къануналъул кумекалдалъун жидее санагIат гьабизе хIалбихьулеб буго.
Дида ккола гьединал хIалбихьиял цоги бакIазда гьарулел ругин гьез, ва хадурккунги гьаризе ругин. Дагъистаналда гьабсагIат бугеб системаялъухъ балагьани, гьаниб бугеб ришватчилъиялъул хIисаб гьабуни, цониги изну гьечIого яргъид гIуцIараз гьабизе кIолареб жо гьаниб гьечIо.
Гьеб гIадатияб ахIвал-хIал буго, бокьарав такъсирчиясе бокьула прокурорасул бакIалде вачIине ва жинцаго диван къотIизе».
ГIемерисел журналистаз ва политологаз кьолеб суал буго, щай чанго соналъ кквезе кIоларого вукIарав яргъид гIуцIаразул нухмалъулев гьанже чIварав абураб. Цо-цояз гьеб бухьинабулеб буго республикаялда тIалъи хисиялда, цогидаз гьеб лъугьа-бахъинги, республикаялъул нухмалъи хисиги цого процесс бугилан рикIкIунеб буго.
Руслан Гереевасул пикруялда рекъон гьеб rIиго хIужа цоцада бухьараб гьечIо.
Гереев Руслан: «Гьеб лъугьа-бахъинги республикаялъул нухмалъуде Рамазан ГIабдулатIипов вачIинго цоцада хурхинабизе бегьуларо. Гьеб мекъи буго.
Р. ГIабдулатIипов вуго республикаялъул тIалъи, изну гьечIого яргъид гIуцIаралгун абуни къеркьолел руго федералиял къуваталъул идараби. Гьеб кинабго Россиялъул къануназда бихьизабун буго ва лъицаниги гьел къанунал хвезаруларо».
ГIажаибаб къисматалъул чи вуго живго Ибрагьим ХIажидадаев. Информалатазул ва батIи-батIиял цоги баяназда рекъон, Дагъистаналъул изну гьечIого яргъид гIуцIаразда гъорлъ бищунго цIикIкIун машгьурлъараздаса цояв вуго гьев.
Гьавуна 1974 соналъ машгьураб Генуб росулъ. Цевехун кIицIул Европаялъул ва дунялалъул чемпионлъун вахъана ушу-саньдаялъул рахъалъ. Эмен вукIана школалъул директорлъун, имгIал Буйнакск шагьаралъул мэрлъун.
2005 абилеб соналдаса нахъе вуго федералияб цIех-рехалда. Гьес жинда тIаде росана гIемерал ракI гъанцIизабулел ва машгьурал чIвай-хъвеял. 2007 абилеб соналъ Халкъияб данделъиялъул депутат, росуцояв Генуса ГъазимухIамад чIвай, 2009 абилеб соналъ республикаялъул жанисел ишазул министр ГIадилгерей МухIмадтIагьиров чIвай ва Москваялъул метроялда гьарурал терактал.
Гьединго Терроралда данде чIараб комиссиялъул вакилас лъазабухъе, И. ХIажидадаев гIахьаллъана 2007 соналъ Гъуниб мухъалъул Гьонода росулъ 9 гIолохъанчи чIвалеб бакIалда.
Гьединабго интересаб къисматалъул ва бухьеназул чи вуго депутат МухIамадхIабиб МухIамадгIалиевги. Интернеталда дандчIвала МухIмадхIабибил ва Ибрагьим ХIажидадаевасул бухьен букIин тасдикъ гьабулел макъалаби. Гьединго хъвалеб буго МухIамадхIабибие батIи-батIиял такъсиразухъ диваналъ тамихI къотIун букIанин.
Араб соналъ рукIарал Унсоколо районалъул бетIерасул рищиязда МухIмадхIабиб МухIмадгIалиевасулги букIана кандидатура. ГIемераз гьев бергьулиланги абулеб букIана, амма ахиралда кандидатура нахъе бахъана.
Гьеб бахъизабуна республикаялъул нухмалъулез бетIерлъуде Генуса Шамил МухIмадов ккезавизеян абулеб букIана гIадамаз. «Новое дело» газеталъ доб заманалда хъвавухъе МухIамадхIабиб МухIамадовасул рахъалда рукIана кIудияб асар республикаялъулго политикаялда гьабулел аваразул политикал – Сайгид МуртазагIалиев, Хунзахъа республикаялъул парламенталда вугев депутат МухIамад МухIамадов, спорталъул министр МухIамад МухIамадов ва республикаялъул парламенталъул вице-спикер СайгидахIмад АхIмадов.