Экспертазул батIи-батIиял пикраби руго ахираб заманалда жаниб Рамазан ГIабдулатIиповас кIицIул Дагъистаналъул хIукумат хисиялда тIасан. Цояз хIукумат хиси битIараб бугин, щивав министрасда, хIалтIи гьабулеб гьечIони гьев хъулухъалдаса бигьаго вахъулеблъи бихьизабизе кколин, рикIкIунеб буго. Цойгидал экспертазул пикруядла рекъон гIицIго цIияв хIукуматалъул бетIер тезе къваригIиналъ хисун буго ГIабдулатIиповас хIукумат.
Россиялъул «Халкъияб эркенлъиялъул партиялъул» политсоветалде гьоркьове унев Мехтиев Велица жиндирго блогалда хъвалеб буго Дагъистаналъул хIукуматалъул бетIер Мухтар Мажидовасда чIалгIанин Рамазан ГIабдулатIиповгун хIалтIун, гьес жиндие хъулухъалдаса ине бокьун бугин абидал, ГIабдулатIиповас гIицIго гьесие гIоло нахъе битIун бугин хIукуматилан.
Мехтиевас блогалда гьадин хъвалеб буго:
«Дир пикруялда рекъон хIукуматалдаса нахъе хъулухъалдаса ине бокьун букIарал министрал. ХIукумат нахъе битIанинги дица абиларо, дир пикруялда рекъон Рамазан ГIабдулатIиповасе къваригIун букIана жиндиего санагIалъи бугеб хIалалъ Мухтар Мажидов хIалтIудаса ин бихьизаби.
Бокьани , рачIун бокьани нахъе ун бажаруларелъул гьединаб тIадегIанаб хъулухъалдаса. Мажидов жиндиего бокьун нахъе иналда сверунги ахIи-хIур камилароан.
Дир пикруялда рекъон Мухтар вуго хIалбихьи бугеб хIакимчи ва лъикIав менеджер.
Гьесда бичIчIулеб буго Рамазан ГIабдулатIиповас бицунелда хадуб гьабулеб гъолеб гьечIолъи.
Гьеб гъезабунг и бажарулареблъи. Хасго Дагъистаналъул президентасул ишал тIуралес жинца абураб щинаб гIумруялде бахъинабиялъул жаваб Мухтар Мажидовас кьезе бугинги лъазабун букIиндал»
Социолог ва Кавказ лъазабулев Энвер Кисриевасул пикруялда рекъонги Дагъистаналъул хIукумат нахъе битIиялъе гIиллалъун буго премьер-министр Мухтар Маждов хъулухъалдаса нахъе ин.
Энвер Кисриев: «Дир пикруялда рекъон хIукумат нахъе битIиялъе аслияб гIилла буго гьелъул нухмалъулев хъулухъалдаса нахъе ин. Щай гьев нахъе аравалиги дида лъаларо.
Амма премьер-министр хисулелъул хIукуматги хисизе ккола. ЦIияв нухмалъулесул пикруялъухъ гIинги тIамун гIуцIцIизе ккола цIияб министразул кабинетги.
БатIаго, цере рукIарал министрал цIияб парламенталда рукIине бегьуларин абунги кибниги хъван гьечIо»
Гьединго Кисриевасул пикруялда рекъон Рамазан ГIабдулатIипов Россиялъул нухмалъиялъ хъулухъалда тарав чи вугелъул гьес сункьаниги хIинкъичIого жиндирго политика билълъинабуле буго Дагъистаналда.
Гьединлъидал кканани 8 сентябралда тIоритIизе ругел Дагъистаналъул президентасул рищиязул заман щвезегIан цойги нух хIукумат хисизеги нахъе къаларин ГIабдулатIиповилан рикIкIунеб буго социологас.
Энвер Кисриев: «Рамазан ГIабдулатIиповасул бищунго къуватаб рахълъун рикIкIине бегьула гьев жиндирго хъулухъалде Россиялъул тIалъиялъ лъурав чи вукIин.
ГIабдулатIиповасул политикияб гучлъун ккола Дагъистаналъе нухмалъи гьабизеги гьев Владимир Путиница ахIун вукIин.
Амма цохIо гьелъ Рамазан ГIабдулатIиповасул политикияб рахъ щулалъизабулин яги чучгьабулин абизеги бегьуларо.
Гьеб бищун цебе бараб буго ГIабдулатIиповасул хIалтIуда ва гьеб гьабулеб къагIидаялда.
Кин бугониги Россиялъул тIалъиялъухъ балагьун гьес жиндирго хIалтIи гIуцIулеблъиги гьеб хIакъаб жо буго. Гьесул хIалтIи хвезабизеги, Россиялъул нухмалъиялда гьев квешаб рахъалъ вихьизавизе къваригIаралги къо бахъанагIан цIикIкIунел руго.
Дир пикруялда рекъон гьединазул хIалтIилъун рикIкIун бегьула гьаб кIиго-лъабго къоялда жанир Дагъистаналда ккаралщинал такъсирал: Ильяс хIажи чIвай ва тукаби кьвагьи».
Ахираб заманалда Дагъистаналда ккарал такъсирал Рамазан ГIабдулатIиповасда республикаялда гIадлу билълъанхъинабизе кIолеб гьечIолъи Россиляъул нухмалиялда бихьизабиялъе гIоло гьарун ругин рикIкIунеб буго Facebook сайталда бугеб Дагъистаналъул журналистазул къокъаялда хъвадарулезги.
Дагъистаналъул ЦIех-рехалъул идараялъул хIалтIухъан Арсен ХIажибегов чIваялъул гIайибги гIунтIизабун туснахъ гьавун вугев МахIачхъалаялъул вукIарав мэр СагIид Амировасул чагIаз Рамазан ГIабдулатIиповасдаса рецIел босиялъе гIоло гьарулел ругин гьел такъсиралин рикIкIунелги камулел гьечIо интернеталда.