«СР»-алда Дагъистаналъул нухмалъуда жидерго чагIи рихьулел руго

2 июналда «Известия» газеталъ тIибитIизабуна бищун цебесеб кьерда ругел Россиялъул губернаторазул сияхI. «Бищун кIудияб рейтинг» абураб бутIаялде ккун вуго Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIипов. Россиялда вугев 80 губернаторасда гьоркьоб 21 абилеб бакIалда вуго гьев.
Амма гьелдаго цадахъ рехсезе бегьула гьал къоязда Дагъистаналда ругел «Справедливая Россиялъул» вакилзабаз тIобитIараб съездалда республикаялъул нухмалъулев ГIабдулатIиповасе кьураб къиматги. Гьезул пикру рекъон, гьев нахъе ине ккола республикаялъул нухмалъиялдаса. Гьедин гьабсагIаталда Дагъистаналъул нухмалъулев вищулев вукIаравани, «Справедливая Россиялъул» вакилзабаз Рамазан ГIабдулатIиповасул бакIалде вищизехъин вуго жидерго партиялъул нухмалъулев ХIажимурад ГIумаров. КIиабилеб бакIалда вуго Россиялъул Федерациялъул Шураялъул сенатор Иляс ГIумаханов, лъабабилеб бакIалда – Хасавюрт шагьаралъул мэр Сайгидпаша ГIумаханов.

«Справедливая Россиялъул» вакилзабаз тIобитIана гьеб съездалда цIар лъун букIана «Дагъистаналъул халкъазул нахъбахъичIого гьабулеб съездилан». Амма гьенир рукIана гIицIго жидерго партиялъул вакилзаби. Ахирисеб къоялде щвезегIан гьез балъго гьабун бугоан данделъи тIобитIулеб бакIги. Гьедин гьел ракIарун рукIана МахIачхъалаялъул рагIалда бугеб бертаби гьарулеб залалде. Данделъулеб бакI балъго гьабиялъе гIиллалъун кканин цебесеб нухалда гIадин тIадчагIазул тIадкъаялдалъун омоналъ жал нахъе гъеялда хIинкъи букIинилан бичIчIизабуна гьез. Данделъи бачунеб букIана цеве Пенсиязул фондалъул нухмалъиялда вукIарав Амучи Амутиновас. МухIу ГIалиев президентлъиялдаса аравго гьев хъулухъалдаса махIрумлъана.

Амутиновасда аскIов чIун вукIана Москваялда вугев бизнесмен, гьединго «Справедливая Россиялъул» Дагъистаналда вугев нухмалъулев ХIажимурад ГIумаров.

ПалхIасил, гьанже ккун хадувги ГIабдулатIипов хъулухъалда хутIани, гьес республика нахъехун гиризабизе бугин кIалъана гьенир. Масала, гьесда тIуразе кIвечIел суалал рехсана партиялъул вакил ГIали МухIамадовас.

ГIали МухIамадов: «ХIинкъи гьечIолъи чIезаби, ришватчилъиялдагун тухумчилъиялда данде рагъ бай, экстремизмалда данде къеркьей, экономика цебетIезаби – гьел суалал тIуразе кIвечIо цIияб тIалъиялда. Гьелда тIадеги цIикIкIана бусурбабазде гьарулел гьужумал – диниял гIадамал кквей, диниял школал, ясли-ахал къай. Гьеб киналъго гIаксияб магIна кьуна».

КIалъазе рахъа-рахъараз батIи-батIиял гIайибалги гIунтIизарун, Рамазан ГIабдулатIипов республикаялъул нухмалъиялдаса нахъе ине кколин суал цебе лъолеб мехалда, гьединаб тIалаб цебе лъей жеги цудунго бугин кIалъана гьенив ЛъаратIа мухъалдаса инсанасул ихтиярал цIунулев ГIусманов Асилдар. ГьанжелъагIан рукIарал президенталги хисанила, щибдила гьелъул ккараб? ХIалтIул къагIида хисисзабеян суал лъезе бегьуларищдила гьесда цебе. Масала, цо гIакъилас абун бугила кинаб кьералъул букIаниги щибин кету, гьелъ гIункIкIал кколел ругелдаса нахъе. Гьеб мехалда гьоркьов жувана Амучи Амутинов. Гьелейинха, гьел гIункIкIаллъидалинха катица кколел гьечIел, гьеб кету хисизе къваригIун бугилан. Амма ГIусманов Асилдарица абуна жив республикаялъул нухмалъулесул ракьцояв вукIунилан, гьев цIунулев чийин ккогейила нужеда.

Гьелъул гIаксалда, жинца Рамазан ГIабдулатIиповасда тIасан диваналде гIарзагицин хъван букIанин, гьес гIумруялъул 55 сон бугел чагIи хъулухъазде росизе гьукъулеб букIиналда банин. Амма 10 къоялда жаниб хал гьабизе кколеб букIараб гьеб гIарза диванчагIаз цоцазде тIамиги гьабун, щибгIаги хIасилги ккечIого бегун бугила. Гьединлъидал ГIабдулатIиповасда лъазецин лъалеб гьечIин жинца гьесда тIасан диван гIарза хъван букIинилан бицана ГIусманов Асилдарица. БитIараб бугила гьаниб нужеца бицунеб жо – республикаялъул нухмалъиялда ругел чагIазда бугила гIайиб. Жинца республикаялъул бетIерасухъе 33 нухалда хъвараб кагътил хъвай-хъвагIайгицин гьабун батичIила.

ГIусманов Асилдар: «Президентасда сверухъ бан буго кIудияб китаялъул къед. РачIа ургъизе, кин гьеб борлъилебали. Чингисханида кIвана гурищ – гьабизе жо тIагIараб мехалда чIварал жиндирго рагъухъабиги гъоркь лъун тIасан вахана гьев. Амма гьедигIан рес къотIараб хIал нилъерги гьечIелъул жакъа! Нужеца абулеб буго экономика нахъа ккун бугилан. Дун вуго аудитор. БатIи-батIиял хал гьабиязда гIахьаллъулев чи хIисабалда, дида лъала иш гьедин гьечIолъи. Дагъистаналда бизнесалъул 70 процент батIи-батIиял тухумазухъ буго. Жакъа дие гIоло цохIо жо - Рамазан ГIабдулатIипов криминалалда гъорлъ гьечIолъи ккола гьеб. ГIахьвалазул вакилас абуна гьаниб Рамазаница миллияб суал тIубалеб гьечIин, гIисинал миллатазул статус къваригIун бугин жидее. Гьеб Рамазаница тIубалеб суал гуро. ГIахьвалал, дидоял гурелги, ниж, магIарулал, лъарагIал, даргиялги гьечIо дунялалъул цолъарал миллатазул гIуцIиялда рихьизе гьарун. Гьединлъидал, дие бокьун гьечIо жинца гьаричIел мунагьазухъ чиясде нужеца гьаниб жакъа кьаби щвезабизе».

Амма гьесухъги гIенеккичIого, данделъараз байбихьана Дагъистаналъул нухмалъиялде кандидатазе гьаркьал кьезе. Аслияб куцалда гьеб бугин «Черновик» газеталда бахъун букIараб кандидатазул сияхIилан абуна гьениб Амучи Амутиновас. Масала, тIоцебесеб иргаялда букIана Рамазан ГIабдулатIиповасул цIар, хадув – туснахъалда вугев МахIачхъалаялъул экс-мэр СагIид Амиров, спикер Хизри ШихсагIидов ва цогидал. Бокьарав чияс гьезда тIадеги цIарал хъвазе бегьулин абуна Амучи Амутиновас. Гьедин баккана гьеб сияхIалда ХIажимурад ГIумаровасул цIарги. Амутиновасда дурго цIарги хъвайин гьенибилан ахIулеб букIана залалъусан цо-цояз. Жиндие къваригIараб жо гурин гьеб, гьединго данделъи бачуневги вугелъул, жиндие гьаркьал кьезе нуж тIами сурараб жо бугилан жаваб кьуна Амутиновас.

Хасал чагIазе тIадегIанал хъулухъал къваригIун гьабураб тадбир бугин гьебилан хъвадарана гьеб данделъиялда хурхун интернеталдаса пайда босулел цо-цо дагъистаниял.