Татарстан: протесталъул пикру щулалъулеб буго

Tatarstan -- The picket in support of muslims detained by police, Kazan, 29Jul2012

Казаналда нусгогΙанав чи гΙахьаллъана къанунияб гуреб къагΙидаялда гΙадамал кквеялде данде тΙобитΙараб пикеталда. ГΙадамал кколел руго Татарстаналъул рухΙияб идараялъул хΙаракатчагΙазде гьарурал тΙадекΙанцΙиязда гΙахьаллъиялъул щаклъи букΙун. Акциялъул гΙахьалчагΙазухъ рукΙана исламияб символика бахъарал байрахъал ва низам цΙунулел идараби какулел игΙланал.
Нижер радиоялъул мухбиразул лъазабиязда рекъон, шагьаралъул администрациялъулгун дандбан букΙараб акция тΙобитΙана ракълилаб къагΙидаялда сагΙатгΙанаб заманалда. Гьеб тадбир гΙуцΙун букΙана «Азатлык» абураб татаразул гΙолилазул цолъиялъ ва Аль Ихлак абураб мажгиталъул нухмалъиялъ. Пикеталъул гΙахьалчагΙаз къабул гьабуна Татарстаналъул президентасухъе рагьараб кагъат.

«Низам цΙунулел гΙацΙабаз инкар гьабизе ккола жидерго хΙалтΙул сурукъаб къагΙиадялдасан. Кодоре щварал рачиналъул къагΙидаялъ полициялде рокьукълъи бижинабула халкъалда гъоркьоб. ЦΙехх-рехх гьабизе ккола щвалде щун, чΙезабизе ккола бусурбабазул магΙна гьечΙеб чΙухь баялдаса.» - ян лъазабуна информациялъул алатазе пикет гΙуцΙаразул цояс.

ГΙахьалчагΙаз киназго гьаркьал кьун къабул гьабураб Татарстаналъул президент Рустам Миннихановасухъе рагьараб кагътида хъвалеб буго, полициялъ аресталде гъоркье росаразул къадар кколила 400-ялдаса 600 чиясде щвезегΙанила. 200 чисяухъ чΙухь банила, гьезул гΙемериселги сардикь тΙоритΙанила. ГΙадамазухъа рахъанила диниял тахьалги компьютералги, абун.

Казань. Полициялъ ккурал бусурбабазул рахъ кквеялъул пикет.

Кагътил авторазул пикруялда, гьеб ккола бусурбаби хΙакъир гьари. Гьез лъазабулеб буго зарал кколеб бугин щибниги гΙайиб гьечΙел гΙадамазеги хъизаназеги. Нижер радиоялъул татар сервисалъул журналист Алик Гильмулиница абулеб буго, бусурбабазул бищунго цим бахъинабун бугила, Рамазан моцΙалде балагьичΙого, низам цΙунулез гьединал вахΙшиял галаби гьарулел рукΙиналъила.

ГΙали Гилми: "Гьез гьел кквеялда бангуребги гΙарз гьубулеб буго жидерго ихтиярал хвезарулел рукΙиналда банги. Цингиги гьезул цΙакъ цΙин бахъинабун буго гьеб кинабго Рамазан моцΙалда загьирлъулеб букΙиналда бан. Гьез гΙарз гьабулеб буго гьединго жидер я как базе я цогидал тΙадал диниял тадбирал гьаризе ресал гьечΙилан абун. Гьеб хΙакъикъаталъ буго бусурбабазул жамгΙияталъул ургъел ккезабун."

«Мун бусурбанав чи гурищ, дуца цо нухалъгуреб гΙадамазда цебе как балеб букΙараб. Гьарула кумек гьабе нижей гΙайиб гьечΙел гΙадамал репрессияздасан цΙунизе» - ян хитΙаб гьабулеб буго автораз конституциялъул гарант хΙисабалда республикаялъул президентасухъе. Протесталъул акциялъул гΙахьалчагΙаз президентасда гьарана, репрессиял чΙезарун, тасса лъугьин гьарун, гΙайиб гьечΙел гΙадамал ккурал бакΙаздасан эркен гьари.

Казань. 29июл2012. Наил Набиулин, "Азатлык" татаразул гΙолилазул цолъиялъул лидер цеве вахъунев вуго ккурал бусурбабазул рахъ кквеялъул акциялда

ГΙемерисел экспертаз риккунеб буго Татарстаналда гьанже лъугьа-бахъунеб кколила Шималияб Кавказалъул сценарий такрарлъулеб букΙинила. Амма Алик Гилмановас абулеб буго, жибго татарстаналъул политикиял экспертаз гьедин риккунарила. Гьезул пикруялда, гьениб лъугьа-бахъунеб ккола республикаялъул нухмалъиялъул гъалатаΙаз багъаризабураб ситуация.

ГΙали Гилми: "Загьир гьарулел рукΙуна гьединал пикраби. Хасго федералиял информациялъул алатазда гΙемер бицунеб буго кавказалъул лъалкΙалъул хΙакъалъулъ. БакΙалъулал экспертаз гьединал пикраби загьир гьариялдасан инкар гьабулеб буго гьанжеги. Гьеб нижее ккола цΙияб ситуация. Нижер бакΙалъулал экпертаз инкар гьабулеб буго кавказалъул сценарий загьирлъулеб букΙиналда божизе."

Гьесул рагΙабазда татаразул экспертазул цояз риккунеб рагΙула, республикаялъул президентас протесталъул акциялъул гΙахьалчагΙазул тΙалабал тΙуразаруни, ахΙвал-хΙал республикаялда рукΙалиде буссунилан. Гьанжейин абуни, пикет гΙуцΙаразда ракΙалда рагΙула гΙагарисеб заманалда протест загьир гьабун, митинг тΙобитΙизе.