ИчIго сон барай яс чIварав рекIекълъун вуго

Дагъистан, Тарумовка мухъ. Коктюбей росу.

ИчIго сон барай яс чIваялъулда гIайибиявлъун рикIкIунев 25-сон барав украиналъулав чIвазе лъугьун рукIун руго Тарумовка мухъалда гIумру гьабулел.
Коктюбей росулъ гIумру гьабулей ясалъул жаназа батун буго чугIил комбинаталда гIагарда бугеб хIориниб. Экспертазул баяназда рекъон, гьей яс гъанкъизаюн йиго лъелъ. Гъанкъизаюлелда цее гьей хIакъир гьаюн йиго.

Яс чIварай валагьулаго, полициялъулаз ккун вуго хIалтIи цIехолаго росулъе вачIарав 25-сон барав украиналъулав. Коктюбей росулъ гIумру гьабуразда гьоркьосан цоясда вихьун вуго гьев ясалда аскIов.

Гьикъа-бакъиялда полициялъулаз ккурав мукIурлъун вуго жинда гIунтIизарулел гIайибазда. Гьес бицун йиго жинца яс гъанкъизаюнин гьей инжит гьаюлаго.

Гьев украинияв Тарумовка мухъалде вачIун вуго хIалтIи балагьулаго. Коктюбей росдалчагIаз гьесие гIарацги кьун гьев вачунаанин батIи-батIияб хIалтIи гьабиялъе хIалае. Гьедин бицана Тарумовка мухъалъул цIех-рехалъул бутIаялъул нухмалъулев хисулев Къади Айдамировас.

ЦIех-рех чагIаз гьикъа-бакъи гьабун хадуб, гIайиб гIунтIизабулев полициялъулаз вачун вуго такъсир гьабураб бакIалде. Гьенир низам цIунулез цIех-рехалъулал тадбирал гьаруна. ГIайиб гIунтIизабулес бицана тадбиралда яс гъанкъизаюн хадуй гьелъул жаназа жинца къамышазда жаниб бахчанин. Къади Амировас абуна журналистазда цIех-рехалъулал тадбирал жеги рукIине ругин.

13 августалда тадбирал тIоритIулел бакIалде Коктюбей росулъ гIумру гьабулел ракIарун рукIана. Яс чIварав полициялъулазухъа вахъизе хIалбихьун буго гьез. Низам цIунулезда росдалчагIаз абун буго жидеца гьев чIвазе вугин. Амма полициялъулазда кIун буго гьев чи хвасар гьавизе. Автомобилалда жанивги къазавун гьев вачун ун вуго полициялъул бутIаялде.

Суравалда гьес абун буго жив рекIекълъанин гьабуралдасаилан. Яс чIваялда хурхун цIех-рех чагIаз такъсир гьабиялъул иш рагьун буго уголовияб кодексалъул лъабго бутаIаялдалъун: «чи чIвай», «зулму гьаби», «зулмуги гьабун гьоркьоблъиялда тIами».

Гьединго низам цIунулез лъазабулеб буго гIайиб гIунтIизабулев кколин Украинаялъул Херсон ракьалдасан. Ахирияб заманалда гьес гIумру гьабулеб букIун буго Курскалда. Лъабго нухалъ гьев туснахъалда тIамун вукIун вуго.

Коктюбей росдалчагIаз гIайиб гIунтIизабулев чIвачIого вукIине гьев низам цIунулез Тарумовка росулъ вачун вуго.

РакIалде щвезабила, Дагъистаналда цере ккунги рукIана гIадамаз такъсирчагIазе жидецаго диван гьабиялъул хIужжаби. Микьго сон барай кIиго яс чIварав вухIана Башлыкент росулъ гIумру гьабулез. РосдалчагIаз гьесул рукъги бухIана, росулъ гIумру гьабулеб гьесул гIагарлъиги нахъе къотIана.

1997 соналда Буйнаксалда чIварай гьитIинай ясалъул гIагараз чIагоял рукIаго рухIана гIайиб гIунтIизабулел кIигоял.

Лъималазул ихтиярал цIунулеб идараялъул вакил Александр Николаевас абуна Эркенлъи радиоялъе къанунал къвакIизаризе кколин педофилиялъул рахъалъан.

Александр Николаев: «Гьелда данде кин къеркьезе кколеблъи диди лъаларо. Интернеталдаса цин гьеб тIибитIун буго. БатIи-батIиял улкабазда педофилиялде данде къеркьолел руго батIи-батIияб хIалалъ. Россиялда педофилиялъул чанги такъсирал руго, амма гьезие кIвар кьолеб гьечIо букIине кколеб къагIидаялъ. Къанунал къвакIлъизаризе кколаан».

Гьал къоязда лъана Россиялъул жанисел ишазул министерлъиялъ буюурхъ кьураблъи полициялъул идарабазда хасал бутIаби рагьизе. Гьел бутIаби педофилиялде данде къеркьезе руго. Гьединаб хIукму къотIана министерлъиялъул нухмалъулев Владимир Колокольцевас.