"Исламияб пачалихъ" гIуцIиялъ некIсияб Пальмира кодоб босизехъин буго
Цо соналъ цебе Пальмираялда парахатаб ахIвал-хIал букIана. 2014 соналъул 14 марталда бахъараб сураталда – шагьаралда гIумру гьабулел тира-сверулел руго.
2-леб гIасруялда бан букIараб Рималъул театр. Гьеб бакIалда Пальмираялда фестивалал тIоритIулаан.
Ливаналдаса кочIохъан Нажва Карамалъ кечI ахIулеб буго 2010-леб соналда Пальмираялъул Фестиваль рагьулаго.
Рималъул архитектураялъул чIватIелал. ТIоцебесеб гIасруялда Пальмира Рималъул империялде гъорлъ бачIинабуна. Гьелдаса хадуб шагьаралда лъикIал хиса-басиял кканилан рикIкIунеб буго тарихчагIаз.
ТIоцебесеб гIасруялда Пальмираялда идоласе бараб храм букIараб бакIалда хъаравуллъиялда чIарав полициялъулав. Сурат араб соналъул марталда бахъана.
Соломоница гIуцIараблъун рикIкIунаан Пальмира.
КIиабилеб гIасруялда гьабураб рельеф. 2008 соналда батана гьеб Пальмираялда археологазе.
Археологазе Пальмираялда батараб цойги рельеф.
Пальмираялъул чIватIелал. 2010 соналда бахъараб сурат.