Шамиль: «Рохьоре унезда абизе жо батуларо…»

Кодоб ярагъги ккун пачалихъалда данде къеркьезе рахъарал гIолилал ракълилаб гIумруялде тIадруссинаризе ккани гьез пачалихъалда цере лъолел шартIал тIуразаризе кколилан рикIкIунеб буго Бельгиялда гIумру гьабун вугев дагъистанияв Маликов Шамилица. Жинца ва жив гурел цоги гIемерисел гIолилаз пачалихъалдаса тIалаб гьабулеб жо бугин рагьун ширкалде данде ва тавхIидалъе хIалтIизе риччай.
ХIалуцараб рагъулаб дандечIей бугеб Шималияб Кавказалда изну гьечIого яргъид гIуцIаразул кьеразулъе арал, ялъуни ине къачIарал гIолилал чIезариялъе гIоло гьабулеб хIалтIи лъикI унеб бугилан бицана дагьалъ цебе Дагъистаналъулгун блоггеразул букIараб дандчIваялда Дагъистаналдаса Пачалихъияб Думаялда вугев депутат Къурбанов Ризваница. Гьелдаго цадахъ, дагьалъ цебе Хасавюрталда шагьаралъул нухмалъулев Сайгидпаша ГIумахановасул хIаракаталдалъун рохьоса чанго чи нахъе руссанин бицунеб букIана «Черновик» газеталда Агъаев Маирбегил макъалаялда. Изну гьечIого яргъид гIуцIаразул кьеразде рохьоре арал гIолилазул эбел-инсуца гьел нахъруссиналъе гIоло ракъи лъазабиялъул хIакъалъулъги бицунеб букIана цебе Эркенлъи Радиоялъ.

Бельгиялда гIумру гьабун вугев Хасавюрт мухъалъул ЦIиябчуртахъ росулъа Маликов Шамилица рикIкIунеб буго яргъид гIуцIаразул къокъабазде гъорлъе ине къачIарал, ялъуни гьезда цадахъ ругел цо-цо гIолилал ракълилаб гIумруялде руссине ругин пачалихъалъ рагьун гьезие дин гьабизе изну кьуниян. ЭР-ялъе гьес бицана гьез данде цо-цо мехалъ рохьоре ине къачIарал гIолилазе данде бачине далил гьечIого хутIулила жив, пачалихъалъ гьездехун гIилла гьечIеб къуват хIалтIизабулеб букIиналъ.

Маликов Шамиль: «Гьез абулеб буго жидее рохьоре инчIого тIокIаб нух гьечIин, дуда бихьичIищан шайих МуртазагIали чIвараб куц. Рагьун тавхIид гьабизе жал риччалел гьечIо, гьелъул цIар бахъарав, мегеж тарав щинав чIвалев вугилан. Дица гъозда абулеб буго гьеб гьедин гьечIин, аварагзабаздаса мисалги босун, сабурги гьабун чIезе кколин. ГIалимзабазда цIехарабго гьел мекъи кколел руго. Пачалихъалъ изну кьезе ккола тавхIид тIибитIизабизе, ярагъ босичIого гьел чIезе ккани. Гьукъун гьечIин гьебилан абила нужеца. Гьукъун гьечIин кин абилеб, дагьалъ цебе чIвана гури Учкенталда вукIарав салафияв, жундул нахъе гьарулев чи. Гьев я рохьилав вукIинчIо, я цоги пачалихъалда данде чIараб вагъа-вакари бугев чи вукIинчIо.
Щибизе гьев чIвалев, 60 сон барав, лъиениги зарал гьабуларев чи. Пачалихъалда данде идеологиялдалъун дандечIей гьабизе изну кьолеб гьечIо. Рагьараб къагIидаялъ исламалде тIадецуй гьабулеб буго. ХIукуматалъ тIоцебе гьезда данде гали гьабуни гьезул рагIи букIунаро рохьоре ине».

Жалго рохьор ругел, пачалихъалда данде къеркьолелги мекъи ругилан чIезабулеб буго Маликов Шамилица. Гьес рикIкIунеб буго гьанже заманалъул гIалимзабаз кодоб ярагъ гьечIел, къуват гьечIел гIадамазда тIадаблъун гьабун гьечIин жигьад. Дагь-дагьккун киназдаго исламги бичIчIизабун, биял тIечIого исламалде рачIунеб къагIида гьабизе кколин. Амма гьеб гьабизе ккани пачалихъалъ бусурбабазда данде ракълилаб гали лъезе кколин тIадеги жубалеб буго.