Жидер проект какулезе ХIакъикъаталъул жаваб

МугIрузул мухъазул газетаби цIунизейин бахъараб ахIи.

Зульфиял материалалда бицунеб гьеб проекталъул

http://www.radioerkenli.com/content/municipal-newspapers-dagestan/27485716.html

мухIканлъаби нижеца цIехана «ХIакъикъат» газетаялъул бетIерав редактор хисулей СултIанбегова Шамсиятида. Гьелъ бицана магIарул мухъазул бутIруз гьарулеб букIанин жидеда мухъазул газетаби тIуранго лъугIиялдаса рорчIизаризе кумек гьабейин.

Шамсият: «Гьеб буго гIицIго проект. Цониги чи хIал гьабун гьелда разилъизе нижеца тIамулев гьечIо. ГIемерал мухъазул бутIрул руго гIарз гьабулел жидер дора газета гьабизе чи гьечIин, кумек гьабеян. Кин гьабизе бегьулеб кумек?

-ЛъугIун унеб буго газета. Гьеб гьабизе рес гьечIо,-ян абулеб буго гьез.

Гьеб проектги нижго лъикIал лъугьун гIуцIараб жо букIинчIо. Гьеб букIана мухъазул бутIрулгун бухьенги ккун гьабураб жо. Гьезул гьабураб хIалтIиги республикаялда бихьизабизейин абун. Нижер хIалтIи цIикIкIин гурого нижее гьелдасан бугеб хайирги гьечIо. БукIинищха? Амма газетаби цIуниялъе гIоло гьел гьелде рачIунел ругонани гьеб гьабизе ниж хIадурал рукIана».

ЭР: ГьедигIан хайир щолареб хIалтIи, гьезул газетаби цIунизейин абун гьедигIан цIакъ тIаде босун нужее щай?

Шамсият: «МацI цIунизеха. Щибизе букIинеб! Гьелъул хайир букIине бегьула дозул газета хъвалел чагIаз нижер газетаги хъваялъул. ТIокIаб батIияб жо гьениб гьечIо. ТIадежоялъе нижеца цониги мухъалъул газетаялъул хIалтIухъан нахъеги рехун, гьебги къан гьабейин абулеб жо букIинчIо. Нижее гьенисан къваригIараб жо букIана информация. Цониги хутIичIого мухъалъул бетIерас абула гьел газетал "листовкабазде" сверун ругин, гьезда жаниб информацияги гьечIин. Руго лъикIал газеталги мухъазда. Амма гIемерисел ругоха гьединал. Нижехъе нижехъего рачIарал мухъазул бутIрулги рукIана кумек гьабун. Гъоркьиса нижеца "Гъуниб" газетаялъе тIубараб лъагIалица кумек гьабуна. Нижеда жаниб бичIчIачIониги, батIаго бичIчIазе».

ЭР: "ХIакъикъат" газетацин магIарул росабалъе щвеялъул проблема букIин балъголъи гуро. Почал гьечIо кирго хIалтIулел. Нужеда цадахъ къан кьабулеб бугони гьезул мухъазул газетабиги кватIун щвезе рес гьечIищ?

Шамсият: «Гьеб буго гьезул газетаги нижер газетаги заманалда щвеялъе бугеб лъикIаб хIукму. Гъозул хIалтIухъаби нахъе рехейин гурелъул абулеб бугеб. Гьез газета щвезабиялъе хIалтIи гьабизе бегьула. Руго лъилго кумек къваригIунарел лъикIал газетабиги, масала хундерил газета. Ругоха риххун лъугIаралги. Гьел загIипал газетал ругел мухъазул бутIрузе бокьун гьечIо гьел гьединал рукIине. Гьезие бокьун буго жидецаго гьабураб хIалтIи бихьизабизе».

ЭР: Мухъазул газетал нужеца кьолел ругони, мухъалъул бюджетаздаса гьелъие бихьизабураб гIарац кибе ине бугеб?

Шамсият: «Мухъазул бюджетаздаса бихьизабураб гIарац бичIчIантеха гьез жидерго хIалтIухъабазе кьезе. БичIчIантеха гьениб корпункт букIине. Гьеб буго гIицIго проект. РагIа-ракъанде щун киналго суалал рагIалде рахъинарун гьечIо гьенир.

ГьабсагIат Фейсбукалда бицунеб бугеб куцалда Камаловас (Камалов ГIали, ХIакъикъаталъул бетIерав редактор. ред) кинабго жиндирго кверщаликье босизе гьабулеб жо гуро гьеб. Гьеб буго мухъазул бутIрузул гьари тIубазабураб жо. Гьадинабги букIине бугьула гьеб проблема рагIалде бахъинабиялъе нухин абун гьабураб проект».

ЭР: Фейсбукалда бугеб ахIи-хIурги бихьун, цо-цо редакторазул кьварараб дандечIейги бихьун, гьеб проект рагIалде бахъинин кколищ дуда?

Шамсият: «Щибаб цIияб жоялде данде чи вахъунев гьечIони, гьелда абула хвараб жамагIатин. Гьеб проекталъулги рагIун, живго лъикI хIалтIулев редактор гьелде данде кIалъачIони, гьев чиги бетIерав редактор вукIунаро. Гьеб буго букIине кколеб реакция».

ЭР: Гьеб проекталда гIахьаллъизе бокьарал редакторалги гIахьаллъун, бокьичIелги гIахьаллъичIого рагIалде бахъинабизе рес бугищ гьеб?

Шамсият: Буго. Щай букIунареб? Бокьарал ричIчIанте. ХIинкъун рукIинеги рес буго гьел гьеб къабул гьабизе. Щагурелъул гьеб буго жегиги гьабун букIинчIеб жо».

Гьей йикIана «ХIакъикъат» газетаялъул редактор хисулей СултIанбегова Шамсият.