ЧIван вуго шайих СагIид Апанди

Sheik Said Afandi from Daghestan

28 августалда жиндирго гIагараб ЧIикIаб росулъ чIван вуго 74 сон барав шайих СагIид Афанди.
28 августалда жиндирго гIагараб ЧIикIаб росулъ чIван вуго шайих СагIид Афанди. Дагъистан республикаялъул жанисел ишазул министерлъиялъул баяналда рекъон жийго жинцаго чIвазе х1укму гьабурай цо чIужу гIаданалъ шайих СагIид Афандица вагIза гьабулеб мехалда аскIоеги ячIун кьвагьулеб алат хIалтIизабуна ва жиндаго цадахъ шайихги, жеги анлъго чиги чIванин. Гьезда гъорлъ – 12 сон барав васги. Шайих СагIид Афанди чIвай иргадулаб провокация бугин абулеб буго Россиялъул Исламияб комитеталъул бетIер ХIайдар Жамалица:

ХIайдар Жамал: «ТохалчагIаз некIо абулаан Дагъистаналда гражданияб рагъ багъариялъе шартIал гIуцIизе ругилан ва салафитаздаги суфияздаги гьоркьоб бидулаб питна байбихьилилан. Гьединал ишал гIемерал рахъазе пайдаяллъун рукIинаанин. ТIоцебесеб ирграялда гьел ишал пайда кьезе бегьулин Кремлалъул квер бакъи тIалаб гьабулел хIакимзабазе.

Дица абиларо гьеб радикалиял салафитаз гьабураб иш бугин. Дида ккола гьел тIамун ругин гьеб иш гьабизе. Ахирисеб заманалда гIемерал галаби тIамун ругоан салафитазда ва суфиязда гьоркьоб маслигьата гьабиялде. ГIемерал данделъаби тIоритIана.

Гьарун ругоан цо-цо къотIи къаял. Ва жамагIаталъул аслияб бутIа цолъун бугоан квершеллъиялде данде буссараб кьучIалда. Щай гурелъул суфиязги мех-мехалъ хисулеб букIана жидерго бербалагьи. Гьалеха гьадинаб процесс гьоркьоса-къотIизаби ва салафиталги суфиялги цоцаде гьуси мурадалда гьеб иш гьабунги батила. Суфиязулги кIудияб къуват букIиндал гьадинаб операция тIобитIун букIанин дида ккола».

Гьадинабго пикру буго «Дагъистаниял» абулеб газетаялъул бетIерав редактор ГIалисултIан ГъазимухIаммадовасулги. Нижехъе телефоналъ ахIун гьес гьадин абуна:

Your browser doesn’t support HTML5

ГIалисултIан ГъазимухIаммадов