Россиялъул батІи-батІиял бакІазда жакъа ризго загьирлъулел руго цІалдохъабазе кІаз къазе гьукъи, гьез цІалул идарабазул къагІидаби хвезарулин абурал багьанабиги рехсон. Ахирисел моцІазда Ставрополалъул регионалдаса рачІунел руго лъазабиял ясазул улбуздаги педагогаздаги гьоркьоб унел конфликтазул хІакъалъулъ. Ахирисеб гьединаб хІужжа буго Нины росулъан. Гьениб бусурбабазул ясазе гьукъун буго школалде хІижаб къан рачІине. Гьединлъидал эбел-инсуца лъимал рукъор чІезарун ругин, лъазабулеб буго информалатазе ясазул улбуз. Гьеб хІужжаялде жидерго кІвар буссинабулеб буго социалияб тІалаб-агъаз гьабиялъул идараялъ.
Информациялъул алатазул лъазабиязда рекъон, бусурбабазул проблема дагьалъги хІалуццинабун буго Ставрополалъул хІукуматалъ школалъул хасаб реформа лъазабиялъги. Гьелда рекъон, 20 декабаралдаса нахъе цІалдохъабаз ретІизе кколеб буго цокІалаб хасаб ретІел. Гьелда кинниги бихьизабун гьечІо ясаз кІаз къай.
«Россия-24» телекомпаниялъ бихьизабураб репортажалда бихьизабулеб буго Зеленокумск шагьаралъул школалъул нухмалъиялдаса Татьяна Лепехиналъ школалдаса къаз кьарай яс нахъе йитІулеб куц.
Татьяна Лепехина: «Гьай ясалъ къаз къан буго. Гьеб данде кколеб гьечІо школалъул тІалабазде. Нижеца гьей йитІулей йиго рукъуе.»
Школалъул бутІруз абулеб буго жидехъе бачІун бугин лъай кьеялъул системаялъул хасаб буюрин.
Директор жисулей: «Гьаниб хъван буго, щиб бегьулеб, щиб бегьулареб. Бегьуларо дарсазде тІасияб ретІелгун яги тагъур-кІазгун рукІине.»
ЦІалдохъаналъул эмен: «Дица кьелаан лъимер хасаб школалялде. Амма дида кІолеб гьечІо гьединаб бакΙ лъимадуе батІизе.»
Лъугьун бугеб ахІвал-хІал дандбазелъун Пятигорскалда дагьалъ цебе данчІван рукІун руго рухІиял лидералги жамгІиял хІаракатчагІиги, нухмалъиялъул вакилзабиги. Регионалъул муфтий МахІамад РахІимовас лъазабун буго, нилъеца гьукъизе кколин, лъица кинаб ретІел ретІизе колебали бихьизабулел буюрал кьезейин, хасго лъаялъул рукъуб, школаялдайин.
ГІисинал миллатазул комитеталдаса Сергей Зениница лъазабуна, диниял гурел школазда хІижабазе бакΙ гьечІин.
Сергей Зенин: «ХІижаб ккола динияб лъай кьеялъул ишара. Гьабин абуни, ккола динияб гуреб школа. Гьаб мадрас букІарабани, лъицаниги щибниги абулароан.»
Советский мухъалда гьанже гьеб реформаялъ ва лъай кьеялъул сфераялъул хІалтІухъабазул тІалабаз ясазул улбул букІинилъе ккезарун ругин, риккунеб буго ахирисезе юридикияб кумек гьабулев адвокат Мусаев Мурадица. Цо рахъалъан гьезул лъимал жал ругьунаб ретІелгун риччалел гьечІо дарсазде, цогидаб рахъалъан школаялъ гІарз гьабулеб буго социалияб тІалаб-агъаз гьабиялъул идраялде. Гьезулин абуни жидерго къагІидаби ва ресал руго эбел-инсуде асар гьабиялъул.
Юристасул рагІабазда Регионалда лъай кьеялъул системаялда жакъа хІалтІизабулеб буго Россиялъул конституциялде данде кколареб къагІида. Гьесулго рагІабазда лъай кьеялдаса хъулухъчагІаз ургъараб реформаги хурхараб буго гІицІго школаялде хІижаб ретІи гьукъиялъе ва жибго лъай кьеялъул процессалде гьелъул кинабгІаги хурхун гьечІо.