Россиялъул статистикияб идараялъул бетIер Александр Суриновас гьал къоязда гьарун руго 2010 соналда гьабун букIараб халкъалъул хъвай-хъвагIаялъул (переписалъул) иргадулал гьоркьохъел хIасилал.
Гьезда рекъон, Россиялда гIумру гьабулел гIурусазде ва цоги миллатазде дандеккун Шималияб Кавказалъул регионазда гIумру гьабулел халкъал кколел руго дагь цIалулел, цIикIкIун пачалихъалъул пособиял росулел ва гIемер лъимал гьарулел халкъаллъун.
Россиялъул статистикияб идараялъ гьаб нухалда гьарурал гьоркьохъел хIасилал хурхарал рукIана улкаялда гIумру гьабун ругел кIудиял миллатазул социалиябгун экономикияб рахъалда. «КIудияб миллатин» абураб термин социологаз хIалтIизабулеб буго 400 азаргоялдаса цIикIкIун чи вугеб халкъалде. Россиялда батун буго гьединаб 22 миллат.
2010 соналда гьабураб халкъалъул хъвай-хъвагIиялъул сияхIалдаса гьаб нухалда рортун руго немцал.
Цебе гьоркьохъеб абулеб хъвай-хъвагIай гьабун букIараб 2002 соналде дандеккун гьезул къадар 200 азаргогIан чияс дагьлъун буго (597 азаргоялдаса рещтIун буго 394 азаргоялде).
Цо немцазул гуребги гIамм гьабун Россиялъул тIолабго халкъги дагьлъулеб букIин бихьизабулеб буго бицен гьабулеб хъвай-хъвагIаялъ. 2002 соналдаса нахъе россиялъул халкъ дагьлъун буго кIиго миллион чияс.
Амма руго Россиялда жидер къадар цIикIкIунеб бугел халкъалги. Гьединаб буго 10 миллат: лъарагI, дарги, лезги, авар, якута, гъалгъаял (ингушал), чачанал, арменал, бурятал ва гьириял (осетиназул). Гьедин бихьулеб буго аслияб къагIидаялда Шималияб Кавказалъул халкъазул къадар цIикIкIунеб букIин.
ГIемерал гурел миллатазда гьоркьор лъалаго цIикIкIун буго хъиргъизазул къадар. 2002 соналде дандеккун гьезул къадар 33 азаргоялдаса бахун буго I03 азаргоялде, узбеказул I23 азаргоялдаса 290 азаргоялде ва таджиказул I20 азаргоялдаса 200 азаргоялде. Амма Россиялъул гIаммаб халкъалда гьоркьоб гьел киназулго гIаммаб къадаралъ цо процентцин кколеб гьечIо. Гьел цIикIкIунелги ругин миграциялъул хIасилалдайин рикIкIунеб буго статистаз.
Шагьаразда гIумру гьабулеб халкъалда гьоркьоб гIурусазул, украиназул ва белорусазул къадар цIикIкIараб буго цебегогIадин. Гьеб сияхIалда ункъабилеб бакIалде рачIун руго азербажанал. Росабалъ гIумру гьабулеб бугин аслияб къагIидаялда чачаназ, казахаз, даргияз, авараз, гъалгъаяз ва якутазин абулеб буго Росстаталъул баяналда.
Гьебго идараялъ лъазабухъе, Россиялда 1000 бихьинчиясде данде руччабазул къадар 1163 кколеб буго. Хал гьабураб мехалда россиялъул киналго миллатазда бихьиназдаса руччабазул къадар цIикIкIараб батун буго азербажаназул, арменазул ва лезгиязул хутIизегIан.
Россиялъул статистикияб идараялъул бетIер Александр Суриновасул баяназда рекъон улкаялда хIалтIул ригьалъул халкъалъул къадар дагьлъун буго цо миллионалъ.
Жакъа Россиялда бищунго цIикIкIун херал чагIи руго белорусазул, украиназул ва мордваязул.
Дагь-дагьккун букIаниги улкаялда гьарулел лъималазул къадарги цIикIкIунеб букIин бихьизабулеб буго Суриновасул баяналъ. 1000 чIужугIаданалъе кколеб буго 1469-гIан лъимер. Бищунго цIикIкIун лъимал руго гъалгъаязул (2257), чачаназул (2196) ва даргиязул (1975).
ГIамм гьабун улкаялда гьарулел лъималазул къадаралдаса дагь лъимал гьарулеб миллат буго цохIо гIурус миллат. Гьезул 1000 чIужугIаданалъе кколеб буго 1405 лъимер.
Статистикалъул баяназда гьанже щаклъизе бачIунин жиндирин бицана Эркенлъи Радиоялъе Дагъистаналда щибаб анкьица къватIибе бачIунеб лъидаго бачIеб «Миллат» газеталъул редактор БисавгIалиев МухIамадица.
Россиялда 131-билеб абулеб федералияб къануналда рекъон регионазда нухмалъи гьабиялъул иш жидехъего кьураб мехалда рес бакканин регионалъе биччалеб гIарацул къадар цIикIкIун щвезелъун гьенир гIумру гьабулезул къадарги цIикIкIинабизе, амма гьарулел лъималазул къадаралда сверун баянал ритIарал рукIинеги рес бугин абулеб буго гьес.
БисавгIалиев МухIамад: «Демографияб проблема абулеб лъимал гьариялъул рахъалъ тIолабго Россиялда цересезул кьерда ратула Шималияб Кавказалъул республикаби. Дагъистаналда жанибго босани, бищунго гIемер лъимал ратула мугIрузул мухъазда, кигIанго шартIал дагьал бакIазда. Гъоб гIаданлъун лъугьун буго.
Дун гьитIинаб мехалдаги щуго-анлъго лъимер гьечIеб хъизан букIунароан. Гьаб сагIатги гьоркьохъеб хъизамалда лъабго-ункъго лъимер буго. Бащдаб халкъ гIолилал ругеб республикалъун рикIкIуна Дагъистан».
Гьарулел лъимал дагьал рукIаниги гIурусал бищунго лъай бугезде гьоркьоре унин абулеб буго Росстаталъул баяналда. ГIурусазул 1000 чиясе кколеб бугин тIадегIанаб лъаялъул 243 диплом, хадур ругин гьириял, бурятал, украинал ва якутал. ТIадегIанаб лъаялъул рахъ бищунго квешаб бугин казахазул, чачаназул ва мариязулин.
Гьел баяназда тIад рекъолев гьечIо БисавгIалиев. Лъаялъул даражаялъул жинца бицинарин, амма Дагъистаналда щибаб къотIноб абухъе ТIадегIанаб цIалул идара яги гьелъул филиал бугеб мехалда, тIадегIанаб лъай щвеялъул дипломазул къадарниги цIикIкIараб букIине кколин.
БисавгIалиев МухIамад: «Россиялъул журналист Юлия Латыниналъ "Эхо Москвы" радияолда чанго моцIалъ цебе жиндирго программаялда бицунеб букIана советияб заманалда абулаанин улкаялда бищунго лъай бугел цIаларал гIадамал ругин цин жугьутIазул, хадуб дагъистаниялгун чачанзулин. Гьеб мехалда лъайкьеялъул системаги букIанин гьанжеялде дандеккун гIемерго кьучIабин. Дун тIубан божула Латыниналъ бицунелда.
Гьанжеги тIадегIанаб лъай бугин абун кодоре кьурал дипломазул къадар босунги Дагъистанги Шималияб Кавказалъул республикабиги цересезул кьерда ратула. Лъаялъул рахъалъул дица бицунеб гьечIо, амма къадаралъул рахъалъ дида ккола гьел статистикиял баянал мекъал ругин».
БетIербахъиялъе харж хIалтIулеб бакIалдаса бачIунин жидеейин бихьизабун буго улкаялъул халкъалъул 48 проценталъ. Гьединазул къадар цIикIкIараб буго украиназда, удмуртазда, белорусазда, гIурусазда ва татаразда гьоркьоб. Бищунго дагьаб къадар буго чачаназул-20 %. Амма пачалихъалъул рахъалдасан кумек щолезул къадар чачаналгун гъалгъаязда гьоркьоб буго бищунго цIикIкIараб - 53% ва 41% .
БатIи-батIияб заманаялда статистикаялдехун бербалагьи халкъазул бук1ана батIи-батIияб. Жиндир заманалда машгьурав хъвадарухъан Марк Твеница хъван букIана гьереси букIунин лъабго батIиябин - жибго гьереси, нич тараб гьереси ва статистикаян.