Сталин: Гlумру суратаздалъун
Иосиф Сталинил эбел Кетеван Геладзе Джугашвили (1858-1937), гlага-шагарго 1930 сон
Сталинил эмен Бесарион Ванович Джугашвили (1849/1850-1909)
Сталинил тlоцеесей лъади Екатерина "Като" Сванидзе (1885-1907), 1904 соналда. Гьез ригьин гьабун букlана 1906 сналда Тбилисиялда. Гьелъ 1907 соналда гьавуна Сталиние вас Яков. Катол хъизамалъул цlикlкlунисев чи гьелъул вацалги яцалги малъун чlван рукlана Кlудияб Терроралъул заманада. Яков Джугашвили 1941 соналда фашистаз асир гьавула ва 1943 соналъул апрелалда концлагералда чlвала.
Надежда Аллилуева, Сталинил кlиабилей лъади вас Василийгун 1922 соналда. Сталиница гьей ячун йикlана 1919 соналда. Гьеб мехалда Сталиние букlана 41 ва Надеждае букlана 18 сон. Гьей хвана 1932 соналда. Сталин хун хадув Василий микьго соналъ тlамун вукlана туснахъалъув. Гьесие гьукъун букlана жиндирго офицерасул униформа ретlине ва медалал разе. Василий хола 1962 соналда гьекъолдун. 1999 соналда гьесие гьабун букlана тlубараб гуреб реабилитация.
Сталин яс Светланагун 1935 сон. 1926 соналда гьаюрай гьей Сталин хун хадуй к1иго лъимерги Советияб Союзалда тун Америкалде лъутун йикlана. Гьей хола 2011 соналда ракалъ унтун.
1980 соналда Советияб календаралда Сталинил сурат.