«КIудияб терроралъул» соназ 20 азаргоялдаса цикIкIун чи чIван вукIараб Москваялда НКВДялъул Бутовский полигон абулеб бакIалда тIобитIун букIана «РакIалде щвеялъул гьаракь» абулеб акция. Гьенире ракIарараз цояз цогиял хисун иргаялда цIалулел рукIана гьенир чIваразул цIарал. ЧIваразул цIарал цIалулел рукIана Петербург, Тула, Воронеж, Тверь, Рязань, Екатеринбург, Архангельск, Псков, Томск ва жеги гIемерал шагьаразда. Инсанасул ихтиярал цIунулезул баяназда рекъон, «КIудияб терроралъул» соназ къотIун букIана 720 азаргоялдаса цIикIкIун чи чIвазе хIукму. Жиндир заманаялда гьел вахIщилъаби гьарулел рукIаниги Иосиф Сталинил рахъ кколел жакъаги дагьал гьечIо Россиялда ва Дагъистаналда. Дагъистаниязе Сталин щай вокьулев ва ругищ Россиялъул жакъасел политикиял туснахъал?
1974 соналъул 30 октябралда диссидент Кронид Любарскиясул жигаралдалъун тIоцебе ракъи лъазабиялдалъун ва хIедул чирахъал ракиялдалъун кIодо гьабун букIана «Политикиял туснахъазул къо». Гьелдаса хадуб щибаб лъагIалица 30 октябралда политикиял туснахъаз ракъи лъазабиялдалъун ракIалде щвезарулел рукIана репрессиязул къурбанал ва 1984 соналдаса нахъе гьеб къоялъ Москваялда, Ленинградалда, Тбилисиялда ва цоги шагьаразда тIоритIизе байбихьун рукIана демонстрациял. Политикиял репрессиязул къурбанал ракIалде щвезарулеб официалияб къолъун 30 октябрь лъазабун букIана 1991 соналда.
Дагъистаналда репрессиязул къурбаналлъун анцI-анцI гурел, нус-нус гурел, аза-азар чи вукIаниги я митингалде щивниги вахъунарин, я цониги политикас яги философас гьеб къо ракIалде щвезабуларин, Халкъияб Мажлисалъул цониги депутатас гьеб къоялъ сессия тIобитIулеб букIаниги гьелъул цIар бахъуларин бицана Эркенлъи Радиоялъе Дагъистаналдаса адвокат Къадиев Расулица. Мажгитазда имамзабазцин ракIалде щвезаруларин гьел аслияб куцалда Ислам диналъе гIоло репрессиязде ккарал рукIанигиян рикIкIунеб буго гьес.
Гьебни кин букIаниги бичIчIине батани, гьеб къоялъ Пачалихъияб ТIадегIанаб цIалул идараялъул минаялда бараб Иосиф Сталинил сурат бахчунгутIи кинго жинда бичIчIунарин абуна гьес, МахIачхъалаялда Автодорожный Университеталъул минаялда бараб Сталинил суратги ракIалде щвезабулаго.
Дагъистаналда Иосиф Сталинил культ советияб заманаялдацин букIанин, гIемерал автомашинабазул яги автобусазул цIурдузда чIвараб гьесул сурат киназдаго лъалин бицана нахъеги адвокатас. Гьелъие бугеб гIиллаги гьес гьадин бичIчIизабуна.
Къадиев Расул: «Дагъистаниязул буго цо гIадат, квешабищ лъикIабищали дида лъаларо, амма гьез адаб гьабулеб жо буго къуват, гьебги лъихъ гьеб бугебали балагьичIого. Къуваталъул культ букIуна гьаниб кидаго. Сталинил сурат Пачалихъияб ТIадегIанаб цIалул идараялъул минаялда байги, Каспийскаялъул цо къватIалъе Сталинил цIар кьейин 600 чияс гъулбасараб кагъат шагьаралъул администрациялде битIиги-гьеб кинабго доб заманаялда вукIарав Сталин вокьун яги гьединав чи къваригIун гьабулеб жо гурин ккола дида.
Гьеб буго гьанже бугеб тIалъиялда гьединаб куцалда жидерго разилъи гьечIолъи бихьизаби. БитIараб бицани, дов цеве вукIарав Сталин кинав вукIарав ва доб заманго кинаб букIарабали гIадамазда лъикI лъалебги гьечIо. Гьез кIвар кьоларо доб заманаялда рукIарал репрессиязе, тарихиял хIужабазе. Гьез абулеб жо буго гIадатияб халкъалдехун Сталинил бербалагьи лъикIаб букIанин. Дагъистаналда Сталинил цIар цIигьабизе журалел цо-цо багъа-башариязулъ дида бихьулеб буго протесталъул гIаламат.
Сталинил рахъ кколез абула цIогь чIезабизе кколин. Кколаха, амма Сталинида бараб жо щиб гьениб бугебин ва тIоцеве гьесул зарукье мун ккелин кколарищин дудайин гьикъидал гьез абула: «ДунгIаги сундухъ гьесул зарукье ккезе кколев?»-ян».
РЭ: Къадиевасул пикруялда, жакъа Сталинил цIар цIигьабизе гIадамаз хIаракат бахъулеб буго гьанже бугеб улкаялъул нухмалъи рекIее гIолеб гьечIолъиялъ.
Къадиев Расул: «Жакъа гIадамазе Сталин щибизе? Жакъа бугеб нухмалъиялда разиялищ гьечIел гIадамал? Сталин аятолла Хаменеи яги Махатма Ганди гIадинав рухIияв цевехъан гурелъул. Сталин вукIана улкаялъул бетIер. Гьединлъидал Сталин къваригIаразда гьесулъ бихьулеб буго улкаялъе нухмалъи гьабиялъул идеял. Идеял гьев ватани, гьанже вугев рекIее гIолев гьечIоха. Гьедин кколеб буго.
Сталинистазда гьоркьор руго гьес жидер гIага-божаразе репрессиял гьарурал гIадамалги. Цо чияс жакъа радал дие бицун букIана жиндир бащдаб тухум тIагIинабун букIанин Сталиницайин. Гьевги вукIана сталинист. Гьезда кколеб буго гьес язихъазул ургъел гьабулеб букIанин».
РЭ: Сталинил репрессиязул дандерижи жакъаги рагIула Дагъистаналда жидеца гIумру гьабулеб букIараб Ауховский мухъ цIигьабейин ахIулел чачаназул гьаркьилъги, гьел гочинарурал бакIазде ритIарал ва гьанже гьениса нахъе гочейин лъазабурал тумазул магIарулазул гьаркьазулъги. Гьеб кинабго жакъаги жеги унтулеб ругъун бугеб мехалда щай дагъистаниязул Сталинидехун бербалагьи лъикIаб бугеб? Гьеб рахъалъ лъайкьеялъул хIалтIи хашго гьабулеб букIиналъул гIаламатлъун бихьулищ дуда гьебин гьикъана нижеца Къадиев Расулида.
Къадиев Расул: «Гьелъие буго кIиго гIилла. Цо бугони, тарих лъангутIи. КIиабизе бугони, дагъистаниязда ахираб заманаялда бажарулеб гьечIо жидерго гражданиял политикиял мурадал цIунизе. Гьез абулеб жого буго доб мехалда лъикI букIанин.
-Доб мех гьеб кинаб мех?
-Сталинил заманаялда.
Дагъистанияз бащадаб адаб гьабула имам Шамилилги Сталинилги. Цоцаздаса гьедигIан батIи-батIиял гIадамазул бащадго адаб гьабула гьез».
РЭ: Жиндир культ какараб Комунист партиялъул 20-билеб съездалдаса хадуб кIочене тун букIараб Сталинил цIар цIигьабиялъул суал исана федералияб даражаялдаги баккун букIана. РукIана ВатIанияб рагъул заманаялда Сталинград цIунулаго хварал бахIарзазул адаб гьабун Волгоград шагьаралъул цIар нахъеги Сталинград гьабизе кколин рикIкIунелги пикраби.
Къадиев Расул: «Дие щай рекIее гIоларев Сталинги, МахIачхъала бакьулъ бугеб минаялда гьесул сурат чIвайги? Гьеб буго цевехъанасул культ. ГIадамазе гьелъул ургъел гьечIо. Гьез абула:
-Нормальный хозяин вачIине ккола,-ян.
Гьезда кколеб буго жидер бакIалда гьес кинабго гьабизе бугин, гIумруги лъикIлъизе бугин.
Культалъул рахъ гьез кколеб бугони, гьелъул магIна ккола пачалихъалъул цIаралдасан политикиял мурадазе гIоло гIадамал талавур гьаризеги чIвазеги бегьулин абураб. Узухъда, дица гьеб пикруялъул рахъ кколаро ва дица рикIкIуна гражданазул кIвар пачалихъалъул кIвараласа цIикIкIараб бугин».
РЭ: Россиялъул президентлъун Владимир Путин вачIаралдаса Сталинидехун бербалагьи дагь-дагьккун хисизе ай лъикIлъизе лъугьанин рикIкIунеб буго Къадиевас.
Къадиев Расул: «Президент Владимир Путиница абула политикиял репрессиязул къурбаназе мемориал гьабизе кколин. Гьебго заманаялда гьес цIигьабула Дзержинскиясул цIар кьураб дивизия. Щай? Щайгурелъул политик хIисабалда гьес пуланал гIадамазе бокьулеб жо бицине кколеб букIун. Гьезие бокьулеб жо мекъаб букIаниги политик хIисабалда гьезул гьобоялде гьес лъим тIолеб букIун».
РЭ: Сталинил заманаялда рукIарал экономикиял бергьенлъабиги лагъзал гIадин халкъги хIалтIизабун щварал рукIанин, гьел бергьенлъаби кIодо-кIодо гьарун бицунебги гьереси букIанин абуна Къадиевас.
Къадиев Расул: «Цоцазул кIалдиса босун цо жо букIуна сталинистаз бицунеб:
-Сталин лъикIав вукIана. Гьесул заманаялда багьаби гIодоре кколел рукIана.
Гьанибго абизе ккола СССРалда щуго сонил болжалалда гьабизе бихьизабураб хIалтIи ай пятилетка цониги нухалда тIубазабун букIинчIин. Цониги нухалда! Доб мехалда бицунеб букIарабги, кьолел рукIарал тарихалги-гьел киналго гьерсал руго. Доб заманаялда раралщинал бакIал рукIана лагъзал гIадин халкъи хIалтIизабун рарал бакIал».
Щиб лъалеб жакъа гIун бачIунеб гIелалда Сталин ва гьес улкаялъе нухмалъи гьабулеб букIараб заманаялъул хIакъалъулъ. Гьеб суал нижеца кьуна МахIачхъалаялда ва Каспийкаялда гIумру гьабун ругел жеги балугълъиялде рахинчIел лъималазда.
Your browser doesn’t support HTML5
http://www.radioerkenli.com/media/photogallery/24919272.html