Бекилалде бухьун лъикI бетIер

Россия -- Россиялъул Пачалихъияб Гуманитарияб Университеталъул кlалтlа рукlинисел студентал, 7Июл2010

Профессор Атаев Борисица бицухъе, цебе дагьго гурого букIинчIеб, гьанже гIемерлъун бугеб хIужа рагIула росабалъа цIализе рачIунел ясазул къадар цIикIкIин васазде дандеккун.

«Гьайгьай, росабалъа щивго инароан гьенир цIализе, хIалтIизе ва яшав гьабизе шартIал рукIаралани. Гьел шартIалин абуни росабалъ гьечIо ва гьелъул хIасилалда росаби чIунтулелги руго. Гьебго заманалда цоги хиса-басиги ккун буго нилъер гIумруялъулъ. ЦIализе ритIарал васазул къисматалъ цIикIкIун рахIатхвезабулеб буго эбел-инсул, ясазулалде дандеккун», - ян бицана Атаев Борисица.

Атаев Борис: «Цебе эбел-инсуца къанагIатги риччалароан ясал цIализе. ХIинкъулаан гьезул къисматалда. Васалин абуни щибго хIинкъи гьечIого риччалаан цIализеги цогидал бакIаздеги. Гьанжейин абуни ахIвал-хIал хисун буго. Росулъ ругел эбел-эмен хIинкъулел гьечIо ясал цIализе шагьаралде ритIизе. Амма хIинкъулел руго васал цIализе ритIизе.

Щайгурелъул хIинкъи бугелъулха гьел я экстремистазул асаралде гъоркье ккелин, ялъуни наркоманаллъун рахъинин. Щибха гьабилеб гIолохъабаз, росабалъ цIализеги хIалтIизеги шартIалги гьечIони. ЦIаличIони хIалтIиги щоларелъулха. Гьединлъидал, гIемерисез абулеб буго Россиялъул шагьараздего ритIилин вассал цIализе ва гьенир ругониго гьезул ургъел гьаби бигьалъизехъин бугин».

ХIакъикъаталдаги Борисица бицухъе иш букIин тасдикъ гьабуна нижергун гара-чIвари ккаразул гIемерисезги. Масала, Бабаюрт мухъалдаса Пахрудинова Зулфиятица бицана Дагъистаналда расги лъикIаб хIал гьечIолъиялда бан жинца вас цIализе витIанила Саратовалде. АскIовго, ай МахIачхъалаялда вукIаравани жиндие гьесул ургъел цIикIкIун букIинаанила. Гьединабго пикру загьир гьабуна Казбек мухъалъул Дилималдаса Чупалаев Мухтарицаги.

Чупалаев Мухтар: «ГьабсагIат цIализе лъугьунев вас дир вукIаравани, дица Дагъистаналъул тIадегIанаб цIалул идараялде гьев витIилароан. Щайин абуни, нилъер гьаниб букIине кколеб лъайги кьоларо, тIадежоялъе ришваталги кьезе ккола гьесул цIали лъугIизегIан. Россиялде аразейин абуни лъайги щола, гIарацги анцIго нухалда дагь уна. ШартIалги гьенир гIемерго лъикIал рукIуна».

Гьеб пикру ритIухъ гьабулеб буго жиндирго яс Россиялъул шагьаралде цIализе йитIизе нигаталда йигей Беркиханова Асиятицаги.

Беркиханова Асият: «Яс къватIие цIализе йитIиялъе тIоцебесеб гIилла ккола Дагъистаналда кьолеб лъай загIипаб букIин. КIиабизе, рукъ кквезе ккола лъималазул цIали лъугIизегIан. Гьелъухъин абуни рохьгIадин гIарацги кьезе ккола. Россиялъул шагьараздайин абуни гIумру гьабулеб бакI букIуна гIадлу-низам бугеб.
Дир мурад буго ясалъул лъикIай махщелчIужу яхъин. Дунгоги йикIана гIумру гьабун гIурусазда гьоркьой. Амма Дагъистаналъул диплом цIехолеб бакI дида батичIо».

Хъвадарухъан Батирова Залмуцайин абуни рикIкIунеб буго рокъоб эбел-инсуца кьураб тарбиялда бараб букIунила лъималазул хадусеб къисматги.

Батирова Залму: «Дица абила рокъоб эбел-инсуца кьураб табиялдаса васал ругониги, ясал ругониги киниги кьуруларин. КIиабизе бугони, дирго гIагаразги абулеб рагIана МахIачхъалаялде цIализе ритIизегIан цогидал шагьаразде, ай рикIкIаде ритIизе бокьилилан. Гьедин ритIаралги руго, масала, Ростовалде. Дица гара-чIвари гьабулеб букIана Ростовалда цIалулей йигей ясалъулгун.

Гьелъ абуна цо гIадан вукIунарила мун щий, мун кин гьикъулев. МахIачхъалаялдайин абуни къотIносан унелъул цо-цо рагIи хадуб рехичIого толаро. Нилъер гьаниб бищунго квеш бугеб жо буго гIарцухъ къиматал лъолел рукIин, цIали бичулеб букIин. Гьеб бокьичIел, ай лъай щвезе бокьараз лъимал ритIулел руго рикIкIаде».

Нижергун гара-чIвари ккаразул гIемерисезги загьир гьабулеб букIана гьединабго пикру. Амма Шамил мухъалдаса Сагитов СагIитица бицухъе, «лъарагIлъиялде унилан яман яхшилъуларин» абухъе кире ритIаниги рес бугила мекъаб нухде ккезе ва гьединлъидал, бищун лъикIаб букIинила нилъерго лъимал берда цере чIезари ва бекилалде бухьараб лъикIаб бугила бетIер.