Араб анкьалда Тбилисиялъ тIамуна 2008 соналда къокъабго рагъ жидергун букIараб Россиялъулгун гьоркьорлъаби лъикIлъизариялда сверун хасав вакил. КIиабилеб ноябралда гьев вакил Зураб Абашидзеца бицана Эркенлъи Радиоялъул гIурус хъулухъалъул мухбир Андрей Шариясе Москваялъулгун диалог кинаб форматалда гIуцIизе гьесда ракIалда бугебали.
ЭР: 2008 соналъул август моцIалъул лъугьа-бахъинал дуца рикIкIунищ Гуржиялъул территориязе Россиялъ оккупация гьабилъун?
Абашидзе: «Нижеца къабул гьабун буго "Оккупациялъул хIакъалъулъ" абулеб къанун. Гьеб лъугьа-бахъин оккупация бугин рикIкIунеб буго цо нижеца гуребги цо-кIиго улкаялъ хутIизегIан тIолабго дунялалъул жамгIияталъги. Гьеб термин хIалтIизабулеб буго халкъаздагьоркьосел гIемерал документаздаги. Гьединлъидал гьеб гьедин буго».
ЭР:: Россиялъул вакилзабигун гьоркьорлъаби гьанже кинан гIуцIизе ракIалда бугеб нужеда?
Абашидзе: «Дида тIадкъан буго Россиягун политикияб диалог гIуцIизе хIаракат бахъизе. Узухъда, Женевалъул формат цIунун тезе ккола. Гьанже бицен гьабулеб буго цIияб лъидаго бачIеб форматалъул, гьебги дагьалги гIатIидго суалал гьоркьор лъезелъун. Гьел суалалги хурхарал руго регионалда хIинкъигьечIолъи цIуниялда, экономикаялда, даран базаралда ва цогиялда. Нижеца гьабуна гьединаб хIукму. Москваялда гьелъул хIакъалъулъги лъалин ккола. Дипломатиял каналаздасан гьезухъе битIизе буго хасаб лъазабиги. Гьанже ниж балагьун чIун руго гьеб киналдего Россиялъул кинаб реакция букIине бугебали».
ЭР: Дида битIун бичIчIун батани, Абхазиялъул ва Жанубияб Осетиялъул статусазул суалгийищ гьоркьоб лъезе бугеб?
Абашидзе: «Нижеда жеги мухIканго лъаларо гьеб диалог букIинего бугищали. Кинабго бараб букIине буго Россиялда. Гьединаб диалог ва гьединаб формат гIуцIани, гьелъул цо пуланаб этапалда, узухъда, гьел суалалги рорхизе руго. Щайгурелъул гьел ругелъул нижер гьоркьорлъабазул аслиял суалаллъун».
ЭР:: ГьабсагIат Москвагун щиб дандбазе ракIалда бугеб нужеда?
Абашидзе: «Нижеда ккола цо кьварун дандечIей гьечIел, гумманитариял яги экономикиялгIадал суалаздасан байбихьани лъикI букIинин. КIиязего гIаммал- терроризм, яргъил трафикгIадал хIинкъигьечIолъи цIуниялъул суалалги бегьила рорхизе. Хадусан бихьилаха, гьел суалазулъ цебетIей бугони, дагьалги захIматал суалалги бегьила гьоркьор лъезе. Иллюзиял нижер гьечIо, лъикIал хIасилалги бачIинахъего рукIинин рижеда ккун гьечIо. Улкабазул гьоркьорлъаби тIокIаб рорчIизе хутIичIеб бакIалде ккун ругелъул Абхазияги Жанубияб Осетияги лъидаго рачIелъун Россиялъ къабул гьабун хадуб. Ралагьизе кколаха гьоркьорлъаби лъикIлъизаризе нухал».
ЭР: Дур ва официалияб Тбилисиялъул кинаб бугеб бербалагьи Сочиялда тIобитIизе бугеб Олимпиадаялдехун, гьел хIаял Гуржиялъул гIорхъодаса рикIкIад гьечIеб бакIалдалъидал ине ругел?
Абашидзе: «Нижер премьер-министрас абуна Сочиялда Олимпиада тIобитIиялде квешаб бербалагьи гьечIин жиндирин. Амма гьел хIаязда гуржиялъул команда гIахьалъизе бугищ гьечIищали кинаб букIаниги мухIканаб хIукму гьечIо. Кинабго бараб букIине буго Россиялдаса коллегабигун пуланал суалал рагIалде рахъинариялда, щайгурелъул гьенир руго хIасилаб хIукмуялъе асар гьабизе бегьулел цIакъ гIемерал нюансал».
ЭР:: Гуржиязул президент Михаил Саакашвилил ва премьер-министр Бидзина Иванишвилил батIи-батIиял руго Москвагун Тбилисиялъул гьоркьорлъаби лъикIлъизариялда хурхун бербалагьиял. Кин дуда кколеб, гьелъ квал-квал гьабизе бугебдай Москваялъулгун диалогалъе?
Абашидзе: «Дир хъулухъалде буго гьадинаб цIар- Россиялъулгун бухьеназда хурхун гуржиязул премьер-министрасул хасав вакил абун. Гуржиялда рищиязда хадуб лъугьараб ахIвал-хIалалъ дие кинаб букIаниги квал-квал гьабизе бугин дида кколаро. Гьеб хъулухъалда дун вугелдаса жакъа буго кIиабилеб къо (велъулаго), дие сундулго квал-квал гьечIо. Политикияб рахъалъ Гуржия рукьналъанго хисана. Дида ккола Москваялдаги гьеб бихьулеб бугин ва цIияб ахIвал-хIалалъе кколеб къимат кьолеб бугин».
ЭР::Эдуард Шварднадзе президентлъун вукIанаб заманалда мун вукIана Москваялда Гуржиялъул вакиллъун. Рес буго россиялъул политикияб букIана жамгIияб букIа элитаялъулгун дур хасал яги официалияб гьоркьорлъаби цIунун хутIизеги. Дуда ракIалда бугищ официалияб гуреб дипломатия хIалтIизабизе дур гьанжесеб хIалтIулъ лъикIал хIасилал щвезелъун?
Абашидзе: «Гьаб этапалда ниж унел руго рагьараб официалияб нухдасан. ГьечIо нижеца хIалтIизарулел кинал рукIаниги балъгоял бухьенал. Гьединаб хIукму къабул гьабун букIана гуржиязул хIукуматалъ. Нижеца россиялъул рахъалъухъе гьеб инициативагун бегьулеб буго квер. Кинал рукIаниги балъгоял хIаял нижеца гьарулел рукIинчIо. Гьеб цIияб формат гIуцIун рагIалде бахъани, узухъда, дун дандчIвазе вуго Москваялда ругел ва бухьенал гьал киналго соназ цIунун ругел дирго гьудулзабигун».
ЭР: Мун Москваялда хIалтIулев вукIана гьенивго Бидзина Иванишвили бизнесменлъун вукIараб мехалда. Кинал гьоркьорлъаби нужер цере рукIарал ва гьанже кинал гьоркьорлъаби нужер ругел?
Абашидзе: «Цебе Москваялдаги рукIана нижер гIемерго лъикIал гьоркьорлъаби гьанже Тбилисиялдаги руго нижер цIакъ лъикIал гьоркьорлъаби».
Андрей Шарый