ДиванчагIазе бадирчIваял гьаруна.

ХIалуцараб рагъулаб дандечIей бугеб Шималияб Кавказалда ва хасго Дагъистаналда гIемер дандчIвала инсанасул ихтиярал хвезариялъул хIужаби. Гьединаб ахIвал-хIалалда щвалде щвараб диваналъулаб система букIине ккеялъул бицунеб буго улкаялъул тIалъиялъ.
АрбагI къоялъ Дагъистаналъул диванчагIазул коллегиялъ бадибчIвай гьабуна Каспийск ва Дербент шагьаразул ва Лак мухъалъул федералиял диванчагIазе. Дербент шагьаралъул диванчи ХIажиев Джамбулатица жиндир хIалтIулъ гIемерал гъалатIалги риччан мекъаб диванги гьабун, гIайиб гьечIев чиясе тамихI къотIун бугилан лъазабулеб буго республикаялъул тIадегIанаб диваналъул сайталда.

«Гьединал гъалатIаз диванчагIазул къадру гIодобегIан гьабулеб буго ва гьезул ритIухълъиялда гIадамал щаклъизе тIамулел руго», - ян бицунеб буго рехсараб лъазабиялда. Каспийск шагьаралъул диван къотIулей МухIамадова Гульбикаца ва Лак мухъалъул диванчи ГIабдурахIманов Абакарица хвезабун буго диванчагIазул этика ва жидер хIалтIулъ гIемерал гIунгутIаби рихьизарун ругилан хъвалеб буго гьебго сайталда.

Щиб жо кколеб диванчагIазе Коллегиялъул бадибчIвай, кинал гъалатIазухъ гьеб гьабулеб абурал суалазе баян кьолеб буго МахIачхъалаялдаса юрист НурмухIамадов Мурадица:

НурмухIамадов Мурад: «Квалификационнияб коллегия абураб идара буго. Гьеб идараялъ гьабула бадибчIвай ялъуни цоги тамихI диванчагIазе. Жидер хIалтIуде росулагоги киналго диванчагIи гьеб идараялъул халгьабиялдаса хадур росула. ХIалтIулъ гъалатIал гьарурал диванчагIазе бихьизабун буго кIиго тамихI.

ТIоцебесеб – бадибчIвай гьаби, кIиабилеб – хIалтIудаса нахъе гьари. КIиго нухалъ бадибчIвай гьабуралги хIалтIудаса нахъе гьаризе бегьула. Диваналъулаб этика хвезабуниялъул ялъуни цоги къанун хвезабиялъул хIужа букIине бегьула чанго батIияб.

Мисалалъе, цебеккунго къанун хвезабураб диваналъулаб акт, диваналъулаб процессалъул заманалда диванчиясе рекъечIеб вагъа-вашари, ялъуни бицине гIураб гIилла гьечIого диваналъулаб процессалъул заман халат бахъун, диваналъул хIукму нахъе бахъулеб бугони.

ДиванчагIазул буго диваналъулаб этикаялъул кодекс абураб бичIчIи. Гьеб къабул гьабула тIолго Россиялъул диванчагIазул данделъиялда. Гьеб кодексалда рекъон щивав диванчияс гьаризе бегьулелги, бегьуларелги жал руго. Квалификационнияб коллегиялъул хIукмуялда рази гьечIони, диванчияс гIарза хъвазе бегьула тIадехун бугеб Коллегиялде, ай, федералияб даражаялда бугеб идараялде».

Республикаялда тIадегIанаб диваналъул нухмалъуде цIияв нухмалъулев Мирзаев Руслан щваралдаса нахъе диваналъулаб системаялда реформа гьабизе байбихьун бугилан рикIкIунеб буго жиндирго макъалаялда «Новое дело» газеталъул журналист АхIмаднабиев АхIмаднабица. ГIага-шагарго гьелдаго релълъараб пикру загьир гьабулеб буго адвокат Къадиев Расулицаги.

Къадиев Расул: «ЦIияв нухмалъулесс гьабулеб хIалтIуда реформаян абизе кIоларо, реформа букIине ккола жеги тIадегIанаб даражаялда. Гьес хIалтIи цIияб къагIидаялъ бачунеб бугилан абизе бегьула. Гьеб лъикIищ бугеб квешищ тарихалъ бихьизабила.

Гьев щвезегIан цониги диванчи квалификационнияб коллегиялъ диванчиясул статусалдаса махIрум гьавун вукIинчIо. Гьел киналго батIи-батIияб къагIидаялъ: цоял жидеего бокьун гIарза хъван хIалтIудаса ун, цогидал батIияб къагIидаялъ тамихIалдаса унел рукIана.

ГьабсагIат гIуцIун руго кьварарал хIалтIун шартIал ва гIемерисел диванчагIи жидерго гъалатIазухъ тамихIалде цIалел руго. КIвар кьун хал гьабулеб буго диванчагIазул рукIа-рахъиналда, гьез къотIулел хIукмабазда хадуб. Цебеккун гIадамазул гIарзазул хал гьабулеб букIуна батани кIиго анкьида жаниб цо нухалъ, гьабсагIаталда щибаб анкьалъ гьединал данделъаби тIоритIула.

ТIубанго батIияб къагIидаялъ гьабизе байбихьун буго хIалтIи. Кинабго къокъаб заманалда гьабун бажаруларо. Цо хасаб бакIалда алжан гьабизе кIоларо, тIубанго нилъер диваналъулаб системаялда. Амма Дагъистаналъул тIадегIанаб диваналъул нухмалъулес диваналъулаб системялда гIадлу гьабизе байбихьун букIин якъинаб жо буго».

Дагьалъ цебе «Спектр-инфо» сайталда кьурал баяназда рекъон, дагъистаниязул 66 процент гIадамазул божулел гьечIо республикаялда ритIухъаб диван къотIиялда. 71 процент божарал руго ришват кьуни бокьараб судалъул хIукму къотIизе бегьиялда.

Рехсараб цIех-рехалда хурхун жиндирго пикру загьир гьабулев адвокат НурмухIамадов Мурадица бицана араб чанго соналъ тIатIала цохIо республикаялда гуреб, тIубараб улкаялдаго букIанин щвалде щвечIеб диваналъулаб система, гьабсагIаталда кинабго рукIалиде кколеб бугин дагь-дагьккун.

Гьесул пикруялда рекъон, Владимир Путиница гражданияб жамгIият гIуцIизе кколин лъазабиялъги, гьелдаго хадуб Дмитрий Медведевас диваналъулаб системаялъул реформа гьабизе байбихьиялъги улкаялда ритIухъаб диван букIинабиялде кIудияб хьул бугин.

АрбагI къоялъ федералиял диванчагIазе гьарурал бадирчIваял республикаялъул диваналъулаб системаялда гIадлу гьабиялъе гIоло гьабулеб галилъун бихьулеб буго «Черновик» газеталъул бетIерав редактор МухIамадов Бияхъайидаги. Гьес мисалалъе бачунеб буго дагьалъ цебе республикаялъул ТIадегIанаб диваналда цебе Мирзаев Ризваница гьабураб кIалъай.

Бияхъайица ракIалде щвезарулел руго бетIерав диванчияс 34 диванчиясул цIарал рехсанин ва гьезда лъазабунин гьезул хIалтIи гIей гьечIеб бугилан. Гьезда гьоркьоса хас гьарун рехсанин Казбек мухъалъул диванчи ГIабдулаев МухIамад, Гъизилюрт шагьаралъул диванчи ХIамидов МухIамад ва бищунго хашго хIалтIулев Шамил мухъалъул федералияв диванчи ХIайбулаев МухIамад.

Гьебго данделъиялда жиндирго хIалтIудаса нахъе гьавун вукIана ГIахъуша мухъалъул федералиев диванчи ИсмагIилов Мурад.