Дагъистанияз диванханабазда бугеб ришватчилъиялде данде къеркьеялъул мурадалда, бахъараб «Туснахъалъув гьев чIаго вукIинаан...» абураб видеороликалъухъ къокъаб заманалда жаниб 270 азаргочияс халгьабун буго. Экспертаз ролик лъикIаблъун рикIкIунеб гьечIо, амма гьеб бихьизабизе гьукъиялъеги гIилла бихьулеб гьечIо гьезда.
9 маялъ YouTube – алда лъураб, 28 секундалъ халатбахъараб гьеб роликалда бихьизабулеб буго, вичун восарав диванчияс тамихIалдаса эркенги гьавун, къватIиве векерун вачIунев гIолохъанчи чIужугIаданалъ речIчIун таманчагун чIвалеб куц. РечIчIараб гуллица гьев гIолохъанчи гIодов ккезавулаго роликалда абула : «Туснахъалъул гьев чIаго вукIинаан, ришватчилъи цебетIезабулаго нилъее хIинкъи бугилаан».
Дагъистаналъул информациялъул ва печаталъул министерлъиялъул бетIер ГIумаргIусман ХIажиевасул рагIабазда рекъон печаталъ комитеталъ тIоритIулел социалияб рекламаяъул къецазда гIахьаллъи гьабулеб букIун буго гьеб видеороликалъ, амма къецазул программаялде данде ккечIого гьениса нахъе бахъун буго.
«Къецазул тIалабазде данде кколеб я магIна букIинчIо гьеб роликалъул, я гьезул тIалабал тIуралеб букIинчIо гьелъ. Къецазда халгьабун букIинчIо гьелъул, гьединлъидал Дагъистаналъул телевидениялдаса нги бихьизабичIо. Ниж ришваталде данчIун рукIаниги, нижер пикруялда рекъон, авторас гьениб бихьизабураб къагIидаялъ ришватчилъиялде данде къеркьей гьеб мекъи буго. Нилъецаго дивангьаби къануналда рекъон гьабураб хIукму хисулеблъун букIине бегьуларо», - ян абунила ХIажиевасилан хъвалеб буго Кавказский Узел сайталъ.
ХIажиевас Дагъистаналъул телевидениялдаса н бихьизабичIин гьеб жинда сверун ахIи-хIур бахъинабураб роликилан абуниги гьелъу автор, Юрий Атаевас гьес рахъарал, цебехун рехсараб роликги, гьединго сахлъицIуниялъул ъ, лъайкьеялъулъ, пачалихъияб хъулухъалда ришватчилъиялде данде рахъарал, роликалги лъагIалица цебе рихьизарунин нилъер республикаялъул телевидениялдаса нин абулеб буго.
Гьесул рагIабазда рекъон 2011 соналда Дагъистаналъул печаталъул комитеталъул ришватчилъиялде данде видеороликал рахъиялъул халгьабиялда бергьун хадуб рахъун рукIун руго гьел. Гьеб мехалдаго YouTube алдаги лъун рукIун руго, амма гьезухъ 400 чияс гурони халгьабун гьечIо.
Гьединго Атаевас бицухъ гьеб ролик бахъун букIун буго хасгьабун дагъистаниязе. Гесул пикруялда рекъон, нилъер буго хасаб менталитет ва согIаб мухъ. Москваялда бихьизабизе гьединаб ролик жиндица киданиги бахъилароанила, амма жинца централиял каналазе гьабураб хIалтIи дагъистанияздаги бичIчIуларин абулеб буго гьес. Жинца гьеб суал батIияб къагIидаялъ бихьизабун бугила, ришватбосулел чиновниказда гIайиб гьабиялъул пайда букIунарелъул гьеб кьолеб халкъалда гIайиб букIин бихьизабулеб бугилан абулеб буго Юрий Атаевас.
Адвокат Расул Къадиевасул пикруялда рекъон «Туснахъалъув гьев чIаго вукIинаан» абураб ролик социалияб реклама хIисабалда бихьизабизе бегьуларо. Гьеб роликалъ щивниги бидул рецIел босиялде ахIулел гьечIила, амма телевидеялдасан бихьизабизе рекъонги гьечIила гьеб. Адвокатас рикIкIунеб буго квешлъиялде данде цойги квешлъиги гьабун яги гьабилин хIинкъиги кьун къеркьезе бегьуларин.
БатIи-батIияб реклама ургъулей ва гьабулей махщелчIужу Мадина Мавраевалъул пикруялда рекъонги цебехун рехсараб ролик буго моралиялгун, этикияб рахъалъ кутакалда мекъи бахъараб.
Мадина Мавраева: «Гьеб буго кутакалда квешаб реклама, щайгурелъул гьелъ гьабураб асаралъ чи квешаб иш гьабизе гьесизавизе бегьула. Роликалъул авторазе бокьун букIун батила гьеб вахIшияб мисалалдалъун гIадамазул рекIее асар гьабизе. Гьеб ахIвал-хIалалъ чи чIвай гуреб ришватчилъиялде данде къеркьей бихьизабулеб гьечIо. Социалияб рекламаялъ лъикIлъиги талихIги бихьизабизе ккола, гьелдасанги гIадамаз чанги жоялъул пикру гьабула. Масала, кIудиязул адаб гьабизе ккеялъул хIакъалъулъ социалияб реклама бахъулеб бугони ,унтарав, рехун тарав, гIадада холев вугев херав вихьизавичIого, жиндирго хъизаналъ сверунги ккун, лъималазги гьезул лъималазги тIалабги гьабун вугев талихIав херав вихьизавуни лъикI букIина. Гьединал роликаз кин букIине колебали бихьизабизе ккоола».
Экспертаз цойги рикIкIунеб буго социальная реклама бугин цIакъ ургъун гьабизе кколеб иш бугилан. Гьелъие биччараб гIарацги букIине кколин, гьелда тIад юристалгун, психологалги хIалтIизе кколилан.
Дагъистаналъул информациялъул ва печаталъул министерлъиялъул бетIер ГIумаргIусман ХIажиевасул рагIабазда рекъон печаталъ комитеталъ тIоритIулел социалияб рекламаяъул къецазда гIахьаллъи гьабулеб букIун буго гьеб видеороликалъ, амма къецазул программаялде данде ккечIого гьениса нахъе бахъун буго.
«Къецазул тIалабазде данде кколеб я магIна букIинчIо гьеб роликалъул, я гьезул тIалабал тIуралеб букIинчIо гьелъ. Къецазда халгьабун букIинчIо гьелъул, гьединлъидал Дагъистаналъул телевидениялдаса
ХIажиевас Дагъистаналъул телевидениялдаса