Сочиялъул Олимпиада тарихаздалъун

Владимир Путин Сочиялда Олимпиадаялъул халкъаздагьоркьосеб комитеталда цебе калам гьабулаго, 06Фев2014

КигIанасеб гIарац харж гьабураб гьелда тIад, чан спортсмен гьалде гIахьаллъизе вугев, чан улкаялдаса делегация гьенибе бачIараб, чан чи гьунев гьенир рарал объектазда? Гьел ва жеги гIемерал тарихазде кIвар кьолеб буго гьал къоялдазда гIадамаз.
Сочиялъул Олимпиада рикIкIуна олимпиадабазул тарихалда жанибго бищун хираго чIараблъун. Гьелда тIад харж гьабун буго 50 млдр. доллар. Гьеб гIарцулги 90% пачалихъияб гIарац бугин рикIкIунеб буго РПР-ПАРНАС партиялъул нухмалъулезул цояв Борис Немцовас.

Борис Немцов: «Араб соналъул маялда къватIибе бахъараб «Субтропиказда хасалил Олимпиад» абулеб докладалда нижеца мухIканаб цIех-рех гьабун букIана олимпиадаялъул объектазда букIараб коррупциялъул. Гьеб гьединаб тIоцебесеб доклад букIанинги абизе бегьула.
Адлер – Красная Поляна абулеб нух базе хIукуматалъ харж гьабун буго 260 миллиардалдаса цIикIкIун бюджеталъул гIарац. «Олимпстрой» компания– гьеб буго пачалихъияб компания. Гьелъие бюджеталдаса кьун буго 306 млрд. гъурущ.

Хадубги: 240 млрд. гъурущида бащадал кредитал Внешэкономбанкалъ кьун букIана олигархал Потанингун Дерипаскае, гьеб кьун букIана «Сбербанкалъеги». Гьедин Сбербанкалъ босун буго Внешэкономбанкалъухъа кредит – гьеб комедияб гуро, фарс буго. Гьеле гьел тарихал тIатIала рехарабго бакIкIула 800 млдр. гъурущ пачалихъияб гIарцул. Гьелде тIадеги харж гьабун буго пачалихъиял корпорациязулгун компаниязул гIарацги. Гьелъ бихьизабулеб буго буго гьеб Олимпиадаялда харж гьабураб цIикIкIунисеб гIарац пачалихъияб букIин».

Эркенлъи Радиоялъул ГIурус хъулухъалъе кьураб интервьюялда Немцовас жеги абуна Олимпиадаялъул багьа 214 млрд.гъурущ ай 6,5 млдр. доллар бугинги абун президент Владимир Путиница гьереси бицанин ва хадуб гьес бицараб премьер Дмитрий Медведевас битIизабун букIанин. Медведевас рехсарал тарихал жидер докладалда ругезда релъарал ругин ва гьанже дунялалъул жамгIияталъго гьел ритIараллъун рикIкIунел ругин бицана Немцовас. Путиницаги гьеб гьереси ургъунго, лъалаго бицараб букIанин рикIкIунеб буго гьес. Гьесул баяназда рекъон Путинил цо гьудул Ротенбергие щун буго бакIал разе 227 млдр. гъурщ.

Адлералда лъел электростанцияги, газ бачунеб рогIороги бан буго «Газпромалъ». Гьеб рогIороялъул халалъи ккола 17- километр ва гьелъул къуват бащалъулеб буго 4 млдр. кубаметралда.
Немцовасул тарихазда рекъон, гьеб газил рогIороялъул цо километр базе харж гьабун буго 7,5 млн. доллар.
Коррупциялъул рахъалъ Россиялда релъараб ва тIабигIиял бечелъаби ругеб Нигериялда гьединаб ралъдада гъоркьан унеб Магърибияб африкалъулаб абулеб газ бачунеб рогIоро щуго нухалда учуз бан бугин бицана Борис Немцовас Эркенлъи Радиоялъул ГIурус хъулухъалъе кьураб интервьюялда.

Кин бугониги, Сочиялъул Олимпиадаялде жидерго делегациял ритIун руго дунялалъул 88 улкаялъ.

Гьениб бан буго 11 цIияб спротивияб арена. ГIамм гьабун, гьезда жанив гьунев вуго 113, 500 чи.

Олимпиадаялъул къецазда гIахьаллъи гьабизе буго 2800 атлетас.
Олимпиадаялде рачIаразе хIадур гьабун буго петеразда 40 азарго рукъ. ХIаязухъ балагьизе абуни гьениве вачIине вуго 500 азарго чи.
ХIаязул хIинкъигьечIолъи цIунизе буго 70 азарго чияс. Гьенир хIажаталъуб кумек гьабизе буго 25 азарго волонтёрас.

Сочиялдасан Олимпиадаялъул бицине буго дунялалдаса 12 азарго журналистас. Телевизораздасан Олимпиадаялъухъ балагьизе вуго 1,5 млрд. чи.
Гьениб кьезе буго 1300 медаль ва гьезул гIаммаб бакIлъи бахунеб буго 703 килограммалда. ТIоцебесеб бакIалъухъ кьолеб медалалда буго меседил 6 граммги хутIараб 525 грамм гIарцул буго гьелда.
Кинабниги бикьизе буго медалалзул 98 комплект.

Олимпиадаялъул цIаялъ нахъа тун буго Олимпиадаялъул тарихалда жанибго бищунго кIудияб нух. Гьеб бащалъулеб буго 65, 800 километралда. Олимпиадаялъул цIа нухдасан цоцахъе кьун буго 14 азарго чияс.