SMS - жибго гьитΙин гьунар кΙодо

1992 соналъул 3 декабралда 22 сон барав британиялъул инженер Нейл Папворсица дунялалдаго тΙоцебе жиндирго компьютералдаса гьалмагъасул телефоналде битΙана «Мерри крисмас!» абурал рагΙабазул текст. Гьанже гьелда хадуб къого соналдаса дунялалда ритΙулел рукΙуна гьединал текстазул триллионал. Гьелдасан бугеб соналъул пайда риккунеб буго жакъа 112 миллирд доллар. Амма гьединал цо-цо лъазабиял зама-заманалда гΙиллалъун лъугьунел руго информалатазул цΙиял харбазе. Эркенлъи радиоялъул мухбир Деана Кюкалица жиндирго макъалаялда бицунеб буго информациялъул алатазул лъазабиязе кьучΙое росарал ахирисел соназда машгьуралъараб щуго СМСалъул.
1. NOKIA фирмалъул ресал хΙалтΙизарун битΙараб смсалъ хъулухъалдаса махΙрум гьавунин абизе бегьула кΙудияв хъулухъчи. 2008 соналъул апрелалда хъулухъалдаса нахъе вахъана Финляндиялъул къватΙисел ишазул министр Илкка Канерва. Гьелъие гΙиллалъун ккана гьес Scandinavian Dolls абураб эротикиял кьурдиязул группаялъул бетΙер Йоханна Туккиайненихъе смс битΙанин абураб лъазаби газетазда бахъун хадуб.

2. ХΙукуматалъул хъулухъчагΙазул цо-цо смсаз жамгΙияталда жаниб ахΙи-хΙур бахъинабиялъе ресалцин руго. Амма гьаб нухалда гьелъ ахΙи-хΙур гьитΙинабго бахъинабуниги, омралъул эффект загьир гьабуна.

2009 соналда канадаялъул транспорталъул министр Джон Бэрдица лъихъеяли битΙун буго смс «Тэтчэр хвана» абураб. Гьединаб «цΙияб хабар» цΙакъ хехго щущан буго. Канадаялъул консервативияв партиялдаса премьер-министр Стивен Гьарперил кумекчи Дмитрий Соудасица нахъ тΙамичΙого байбихьун буго Британиялъул «маххул леди хвеялда бан» официалияб зигараялъул документ хΙадуризе. Амма Бэрдица бицен гьабулеб букΙун буго гΙицΙго 16 сон бараб кето хвеялъул.

Тэтчер чΙаго йикΙин лъан хадуб премьер-министрасул кумекчияс абун буго, кето хун букΙинчΙебани, жинца гьеб гьабсагΙаталдаго чΙвазе букΙанин.

3. 2011 соналъул 22 июлалда Ослоялда хΙукуматалъул мина кьвагьизабун хадуб, Андерс Брейвик кьвагьдезе байбихьана Утойа чΙинкΙиллъиялда бугеб гΙолилазул мархьиялда. 16 сон барай Джули Бремнисица эбелалъухъе битΙун буго 40 смс. ТΙоцебеселда гьелъ хъван буго: «- Эбел, полициялда лъазабе, гьел гΙедегΙизе кколин гьанире щвезе, гьанир гΙадамал холел ругин». Эбелалъ ясалда гьарун буго гьей чΙаго йикΙин лъан букΙиналъе, чΙчΙечΙого смсал ритΙеян.

4. СМС цо-цо заманалда нухмалъиялъе букΙине бегьула цΙакъ эффективияб инструментлъунги. 2011 соналъул февралалда Мисралда револиция багъарараб мехалда, Хосни Мубаракил информациялъул министрас пайда босун буго Vodafon кампаниялъул смсал ритΙиялъул ресаздаса. Гьесул буюралда рекъон, улкаялъул гражданазухъе битΙун буго гьадинаб магΙнаялъул смс. «-Мисриялъул рагъул къуватаз нижеда божулел гΙадамал ахΙулел руго нилъер хъизанал, нилъер яхΙ ва нилъер хирияб Мисри хиянатчагΙаздаса ва таксирчагΙаздаса цΙуниялде.»

5. Франклин Рузвельтил гΙадат букΙана маркΙачΙуда берцинал риторикиял хитΙабал гьариялъул. Джон Кеннедица телевидениялдасан лъикΙал каламал гьарулел рукΙун руго ва гьел халкъалъе рокьулел рукΙана. Президентасул рищиязда цебесеб Обамал кампаниялда лъикΙ пайда босун буго социалиял интернет-сурсатаздаса. Гьес гьединго хΙалтΙизарун руго СМСазул ресалги. «Баракица Джо Байден вищана вице-президентасул хъулухъалде кандидатлъун» абураб лъазаби битΙун буго лъабго миллионгΙанав чиясухъе.
Деана Кюка