Речlчlараб чIорги хисарав чиги-цого жо...

Дагъистаналъул Гъизилюрт мухъалъул Комсомольское росулъ гIумру гьабулеб буго вацал Шапиевал Руслангун Рустамица. Гьанже гьез жидерго цIарал хисун бусурбан цIарал росун руго Русланица-МухIамад, Рустамица-Абубакар. Гьезул цояс-Абу-бакарица кколеб буго исламалъул суфиязул рахъ, МухIамадица-салафиязул рахъ. Диналда хурхун цо-цо дандеккунгутIиял рукIаниги вацлъиялда рукIине ва лъикIал гьоркьорлъаби цIунизе бигьаго гьечIониги, амма жидеда бажарулин бицунеб буго кIиявго вацас.

1999 соналда Дагъистаналда къабул гьабураб «Вагьабизмалде ва цогидаб экстремистияб хIаракатчилъиялде данде» абураб къануналъ ихтияразул рахъалъ кIиго батIи-батIияб рахъалде рикьизарун руго жакъа кIиго вац МухIамадги Абубакарги. Цояв вуго официалияб бусурбабазул РухIияб идараялъул рахъги кколев, гьез малъухъеги вукIунев мюрид.

Цогидав вуго рогьалил как базе мажгиталде унаго полициялъулаз, щибго гIиллаго гьечIого, рачIун автомашиналда жанивги къазавун, гьанже гьасда щиб гьабилебин нухмалъулезда гьикъулеб бакIалда лъун.
Кин цо рокъор гIурал, цадахъ какал ралел рукIарал вацазул цояв суфиялъун хутIарав, цогияв салафиязул рахъалде ккарав? Гьеб суал нижеца кьуна Абубакарие.

Абубакар: «Россиялда вукIана цо заманалда дир вац. Нижедаса рикIкIалъана гьев гьеб мехалда. Доба интернеталдасан щиб-щиб цIалун, цоги пикру ботIролъе биччачIого, гьеб салафиязул идеологиялде гъорлъе машгъуллъун тIадвуссана гьев гьениса. Цеве гьевги вукIана исламалда суфиязул гIаркьелалъул рахъ кколев чи. Хадуб жинца гIакъида хисанин абунаха гьес».

ЭР: Эбел-инсуца щибин абулеб нужеда?

Абубакар: «Нижер эбелги суфияй йиго, кIиявго устIарасухъа вирдги босун буго гьелъ. Эбелалъе бокьилищха ниж цоцалъ квеш рукIине? Долъ абуна нижеда жиндир аманат бугин нуж вацал цоцалъ берцин рукIинин. Нижер росулъ гьаб сагIат буго кIиго мажгит. Дов уна жидергоялде дун уна нижергоялде».

ЭР: Нужеда гьоркьоб дагIба-рагIи ккечIого хутIулеб букIанищ?

Абубакар: «Узухъда хIутIулароан, тIубараб моцIица букIанин абизе бегьула нижеда гьоркьоб бахIс, къацандиялдецин ккун рукIана. Дун ун вукIана гIалимчи мунагьал чураяв ГIабдулгIапурил МухIамадихъе. Бицана нижеда гьоркьоб кколеб бугеб жоялъул. Цинги гьес абуна дида гIагарлъиялъулгун гьоркьорлъаби хвезе тезе бегьуларин. Амма вацас бицунеб дуе цIакъго рекIее гIолеб батичIони, гьесдаса рикIкIад чIайин, гурони вацлъиялъул гьоркьорлъаби хвезаругеян».

ЭР: Нуж кIиясулго хъизан-рукъ бугебищ?

Абубакар: «Буго. Лъади ячинегIан бащдаб лъагIалица дир рокъоб гIумру гьабулеб букIана МухIамадица. Гьанже гьейги ячун, жиндиего рукъги бан батIа вахъун вуго. Дирги руго лъадиги лъимерги».

ЭР: Цояв вацасул рокъоб кинаб букIаниги тадбир тIобитIулеб бугоги, масала суфияз гIатIидго тIоритIула мавлидал, дур рокъоб мавлид бугони, вац вачIунищ тIаде?

Абубакар: «БитIараб бицани вачIунаро, лъадиги йиччаларо гьес гьение. Гьеб жо жидер гIакъидаялде данде кколарин абула гьес. Амма цоги КIалбиччанкъо, КъурбанкъогIадал байрамал ругеб мехалда вачIуна. Цадахъ гIиялъажоги хъола, гъоркье-тIадеги хьвадула ниж.
Абун бугелъул биччараб чIор тIадбуссаниги хисарав чи нахъвуссунарин. Аварагасул хIадисцин гьединаб бугеб мехалда дида кин бажарилев гьев хисизавун?»

Вацаз бицухъе, цо гьезул хъизаналда гуребги руго гьединалго рикьалаби. Масала, довго Абубакарил жеги ункъго вацгIал вуго салафияв, анцIгоялдаса цIикIкIун суфиял ругеб мехалда. Гьезул цо-цоялги кколел руго цоцазе тIулбикьарал вацал

Абубакар: «Дозда лъала дун мюрид вукIин. Дидехун адабги цIунула гьез. Дие бокьулареб жо гьезги абуларо, гьезие бокьулареб дицаги абуларо».

ЭР: Нужер гьел вацал цоцалъ рекъон рукIунищ?

Абубакар: «Аслияб куцалда рекъон рукIуна. Цоцалъ къец ккечIогоги рорчIуларо гьелги. Цояз абула чIумал реххизе бегьулин, цогияз абула бегьуларин. РукIуна гьезулги цо-цо гьединал жал».

ЭР: Гъорлъе лъугьине бегьулереб, кIиязулго бахIс кколеб бакIалде лъугьинчIого бача-багIунебищ букIунеб?

Абубакар: «Уха, вац вуго вац. ГIагарлъиялъул гьоркьорлъаби цIунизе тIадаб буго нилъеда. МухIамад вуго дир кIудияв вац. Гьев тIаде вачIараб мехалда дун тIадеги вахъуна, гьесда цебе квенги лъола, гьесул адаб-хIурматги гьабула, гьевгун дандралел суалалги рукIуна дир. Гьесие дир кумек къваригIараб мехалда хIалаеги вахъуна дун. Гьесул рокъовеги уна гьесие къваригIанабги гьабула. Амма гьес дида, масала, мавлид гьабугеян абуни, дица абула: "Гьанже хабар къокъ гьабе!"-ян».

Жидеда вагьабиялин аби битIараб гьечIин, жидее официалиял информалатазда рагIи кьолеб гьечIин, полициялъ жал хIалхьиялда толел гьечIин гIарзал руго Абубакарил кIудияв вац МухIамадил.

МухIамад: «Гьанже телефоналдасан щибха дица бицинеб? Гьенисан бицунеб жо гуро гьеб. Телевидениялдасанги даимго бицуна тIарикъаталъул. Ниж кIалъазего риччалел гьечIо».

ЭР: Гьалегури нижеца кьолеб буго дуе рагIи. Радиоялдасан кIалъазе буго дуе рес.

МухIамад: «Телевидениялдасанги даимго кьолеб букIуна пропаганда. Гьал вагьабиял ругин, гьал квешал ругин, тIарикъатчагIи ритIарал ругин. Вагьабиял какула киналгIаги далилалги гьечIого. Капуразул кумекалдалъун вагьабисталин абун гъурулелги руго ниж. Диналъул вацал чанги рикъулелги, хъамулелги руго. ТIарикъаталъул чагIазги абулеб буго гьал вагьабиял ругин, гьазда хадуб как базе бегьуларин. Дида рагIараб жо буго гьеб...
Полициялъги нижее хIалхьи толеб гьечIо.
Вагьабисталинги абизе бегьуларо. Аль-Вагьаб буго Аллагьасул цIаразул цояб. Масала дир эбелалъул цIар буго Загьидат. Загьидаткаго загьидаткаян цоги чи какизе бегьулищ дица?»

ЭР:Диналъул рахъалъ дандеккунгутIиял рукIиналъ вацаллъун хутIизе гьабулеб квал-квал кIудияб бугищин?

МухIамад: « ХIаракат бахъун букIуна нижеца рекъон рукIине. Рекъонги рукIуна ниж. Цо-цо рагIирекъонгутIи ккечIогоги рукIунаро».

ЭР: Эбелги тарикъаталъул чIужу йигин бицана Абубакарица. Эбелалъулги дурги ругищ рагIирекъонгутIиял?

МухIамад: «Дица абуна гьелда, эбел, гьеб вирдалъулъ щибго квешаб жо гьечIин. Гьелда рикIкIунел жал рикIкIун лъикIаб букIунин хъван батана дида хIадисалда. Гьел дицаги цIалула, килщаз цIалула. Абун бугелъул килщаз цIалеян, килщаз нугIлъи гьабулин. ЧIумазда гуреб килщазда цIалула дица. Жибго дица абуна эбелалда дуца гьарулеб жо Аллагьасда гьареян.
Дица абула гьоркьохъаби гьечIого цохIо Аллагьасда гьаризе захIмалъунищ нужее бугебин? Вирдин абураб жо буго -постоянство ай хисардичIого вукIин абураб жо. Дицаги цIалула вирдал, амма дица дол устIарасда гьарулароха».

ЭР: ЧIикIаса СагIид Апанди чIвалелда цебе букIана Дагъистаналъул суфиялгун салафияз гьоркьоб рекъел гьабулеб бугин хабар. Цоцазде кIалъазе, диалогалъе кинаб букIаниги бакIал бугищ жакъа нужер росулъ-мажгиталда букIа яги цоги батIияб бакIалда букIа?

МухIамад: «Ургъулев вукIана дун гьеб суалалда тIад. ГIалимзабиги ракIарун цо гьединаб диалог гьабизе кIолищали хIалбихьизе буго нижеца. Цебе букIараб данделъиялда нижер Агьлу-Суннаталъул вакилас абун букIана цолъизе гьабулеб хабар гурин гьабин гьаб бугин ритIухълъи тIатинабизе гьабулеб кIалъайин. Къуръан, хIадисалда масала цо пуланаб жо гьадиниса хъван букIин лъалеб буго дуда, довцояв мекъи вукIинги бихьулеб буго дуда, гьеб мехалда кинха кIиялго цолъилел? Цолъизе бегьуларо гьедин, Аллагьас гьеб гьукъун буго».

ЭР: Жакъа Дагъистаналда гражданияб рагъ унеб бугин рикIкIуна цо-цо экспертаз. Къойилго абухъе руго чIвалел гIолохъаби кIиябго рахъалдасан. ГIолохъаби «рохьахъе» иналъе гIилла дуда кинаб бихьулеб бугеб?

МухIамад: «Гьеб суалалда сверун пикраби гIемерал руго, «рохьилазул» киналго методал ритIарал ругинги абиларо дица. Амма шаригIаталда сверун хIукму букIана Генуб, Чабанмахьи, Карамахьи росабалъ. Гъур-гъурана гьеб хIукму капураз милициялъул кумекалдалъун. Гьенир рукIаралги кверде рачIинчIо ва мукIурлъичIо, жидерго иш халат бахъинабизе гьел ана рохьоре».

ЭР: Пачалихъалда жаниб кинабгIаги юридикияб кьучI гьечIеб нухмалъиялъул къагIида чIезабизе ихтияр букIунищ лъил бугониги? Улкаялда киназего гIаммаллъидал рукIунел гIурхъабиги, президентги, Конституцияги.

МухIамад: «Гьебха гьеб киналъулго захIмалъи. Кинабго къуватги ярагъги гьазухъ бугеб мехалда Аллагьас нилъее захIмалъиха кьун бугеб гьелдалъун».

ЭР: Мун разияв вугищ суфиялги, салафиялги, шигIиталги, гIисал диналъулалги, цогиялги-киналго цадахъ, ракълида, цоцазул адабалда гIумру гьабизе-гьединаб рес щвани?

МухIамад: «ГьечIо, гьечIо. Разияв гьечIо дун. ШигIитал данде кколаро. Аварагасул хъизан какулел чагIи дие данде ккелищха?»

ЭР: Масала, нужер росулъ доб авалалда гIумру гьабулев вуго цо шигIитав. ШигIитав вукIунин абун гьев чIвазе ине кколарогури мун? ГIурусав вугин абун чи чIвазейищ бегьулев? РукIаха гьел жидерго рокъор жидерго гIумру- магIишаталда, мунги вукIинарищха дурго яшав-магIишаталда. Цоцазе квал-квал гьабичIого, щивас жиндирго динги гьабун рукIине щай бегьуларел?

МухIамад: Къуръан хIадисалда рекъон бегьулищ гьедин рукIине? Нилъецаго ургъун гIемераб жо бицине бегьула. Аллагьасги аварагасги щиб бихьизабун бугеб?

ЭР: Щивас кьелеб жиндирго жаваб жинцаго. Дуца досул жаваб кьезе кколищ?

МухIамад: «Диеги бокьун буго шаригIат гьабизе. Кье дие гьединаб рес. Дие бокьун гьечIо президент Путиница малъухъе вукIине ва гьесие мукIурлъизе. Дир Дагъистаналда, дир рокъоб дие бокьун буго шаригIат. Толищ дида гьеб гьабизе?»

ЭР: ШаригIат бокьунинги абун дур вац чIвазе ине кколарогури мун?

МухIамад: «Дун унев гьечIо дир вац чIвазе, дун чIвазе рачIине руго. Гьаб сагIат гьеб шаригIаталъул дица майдан бакьулъ абуни, дун милициялъ вачун ун чIвала. ЧIвалагури?! Дир гьудул тIагIана араб бакI лъачIого.
Дун чанцIул вачинчIев полициялде. Цо къоялъ рогьалил какде унев вукIана дун. БачIун аскIоб чIана полициялъул УАЗ, къазавуна дун гьенив жанив. Мун киведила унев вукIарав? Какде унев вукIанин абуна дица. Гурила, мун жидедаса лъутулев вукIанила. ВукIинчIин абуна дица. Хадув вуго цо полицияв рациялдасан цогиясухъе ахIулев гьасда щиб гьабилебан.
Дос жаваб кьуна лъелгойищ гьев унев вукIаравин. Уйилан абуна гьав цояс. Цинги дос гьикъана нужеца щибизейинха гьев ккурав виччан теян.
Дов чияс, масала, дунги вихьичIого, дун чIвайин яги вухейин абун букIарабани, тIубазе букIанагурин гьаз буюри...»

ГIемерал жамгIиял ва диниял хIаракатчагIазулгогIадин Дагъистаналъул гIолилал цоцаца чIван лъугIиялда хIинкъи буго Абубакарил. Гьелъие бугеб гIиллаги гьес мисалалдалъун бичIчIизабулеб буго.

Абу-бакар: «Жанисел ишазул министрлъун вукIараб мехалда Рашид НургIалиевас нижер росдал клубалде ракIарун рукIана милициял-росал чIварал руччаби. Гьезул тIубараб армия букIана гьенибе бачIун. ГIолохъанал руччабиха...Дозда гьанже щиб гьабулеб? Дозиеги бокьиларищ росазда рукIинеги, лъимал гьаризеги, талихIаллъун рукIинеги?
Цо заманалда дун хIалтIулев вукIана МахIачхъалаялда ригьиназулъ гьоркьохъанлъи гьабулеб агенлъиялда. Гьениб 250 бихьинчиясул гIарза букIун батани, руччабазул гIаразаби 600ялдаса цIикIкIун рукIана. Херал чагIи хьихьизе гIадамал хутIулел гьечIо гьанже нилъер гьаниб. Баллагь бачIун буго гьанибе».

МухIамадицаги Абубакарицаги кIиясго рикIкIунеб буго цогияв вац къосун вугин ва кIиязго абулеб буго имам Магьди вачIараб мехалда балагьилин абун. Къиямасеб къо гIагарлъиялъул гIаламатлъун ккола бусурбаби цолъизаризе вачIунев имам Магьди вахъин. Имам Магьдил гIемер бицунеб буго гьаб заманалда Дагъистаналда. Амма гьев вачIиналде гьабизе кколеб кIиявго вацасдаго батIа-батIайиса бихьулеб буго.

МухIамад: «Дир вац Рустам вуго абулев, чIая цо, Магьди вачIинегIан, цинги бихьилин нужеда нижедаха... Дица абуна, я дир вац, Магьди вачIинегIанго хIинкъарал нуж Магьди вачIун хадусанги досие щибизеян?».

Магьдица абизе бугелдаса цIикIкIун Аллагьасда цеве чIезе вугеб куцалъул ургъел буго Абубакарида.

Абубакар: «Цоцаца чIвазейищха кколел? Дица вацищ чIвазе кколев гьанже? Гьебищха нилъер нух? Дир мурад буго Аллагьасда цеве вацIцIад вахъун чIей. Гьелъул миллат гьабизе ккеларищ дица? Гьав вагьабияв вуго, дов кинавалиго вуго...гьеб щиб жо ха? Дида лъаларо...