Your browser doesn’t support HTML5
Гьезул щаклъи ккун буго гьенире хьвадулел гIадамазул цо-цоял Сириялде рагъизе иналда.
«Аэропорталъулабин» цIар лъураб салафиязул мажгит Дербенталда бан букIана 5-6 соналъ цебе. Гьенив жанив гьунаан кIиазариде гIагарун чи. Гьал къоязда гьениб цIа ккана. Гьелъие гIиллаги чIезабун гьечIо. Амма гьенире хьвадулел чагIаз рикIкIунеб буго ургъунго гъунин гьелда цIаги, ургъунгорачIунел рукIинчIин гьеб свинабизе хасал хъулухъалги.
ЦIа свинабулез гьереси гьабулеб буго жидеде гIунтIизабулеб гIайиб. «Аэропорталъул» мажгиталде хьвадулев Абу ХIасаница ЭР-ялъе гьадин бицана:
Абу ХIасан: «Дида чIванкъотIун абизе кIоларо мажгиталда цIа гъун бугилан. Амма гьениб жаниб букIинчIо канлъиги газги. Гьеб мехалда цIа кисан бачIине кколеб жоха? Низам цIунулел рачIунаан зама-заманалдасан гьеб къазе кколилан. ГьабсагIаталда туснахъалъув вуго гьеб мажгиталъул имам – ХIажирасул ХIусенов. Гьев хисулевги вуго викъун ун».
Исана февралалда туснахъ гьавуна гьеб мажгиталъул имам. Зулмуялдалъун цо гIолохъанчIужуги гьелъул гьитIинаб лъимерги рачун гьес мажгиталда жанир тIамун ратун. Гьелдаса хадуб халкъ бакIарун букIана Дербенталда гьев къватIиве виччаян тIалаб гьабун.
Гьедин имам туснахъ гьавун хадуса мажгит кколеб куцалда хIалтIулеб букIинчIин, свинабун букIанин гьениб жаниб канлъигун газгиян бицана гьенире хьвадулел рукIарал салафияз.
Дой лъимергун цадахъ мажгиталдеги ячун, зулмуялдалъун гьений жаний гIолохъанчIужу тIами гуребги, цойги гIайибги буго низам цIунулез мажгиталъул имам ХIажирасул ХIусеновасде гIунтIизабулеб. Гьес вагIзаби гьарулеб мажгиталдаса чагIи анила Сириялде рагъизе.
Гьединан лъималгун гIагарлъи Сириялде арал руччаби ругин жал абурал гIадамаз гъоркьисала риидал интернеталда тIибитIизабун букIана видео. Гьез гьениб бицунеб букIана Дербенталда бугеб «аэропорталъулабин» лъалеб мажгит къазе тIалъиялъ квербакъизе ккеялъул.
Гьеб «аэропорталъул» мажгит гуребги, салафиязул рукIиналъ къарал мажгитал руго республикаялда. Масала, гIемер чиясда лъалеб МахIачхъалаялда Котровасул къотIноб бугеб мажгит. Гьелдаго хадуб къазехъин букIана Венгриялъул къотIноб бугебги. Гьеб мехалда гьелъул вакилзабаз хитIаб гьабуна жал ДАГIШалде (Россиялда терроралъулаблъун лъазабураб гIуцIи) ругилан.
Мажгитал рухIизе бегьуларин, гьезда малъизе жо букIунин бицана ЭР-лъе Ислам. Даг сайталъул нухмалъулев ГIабдулхIамид ХIажиевас.
ГIабдулхIамид ХIажиев: «Мажгитал рухIизе бегьилищха, бегьуларо! Амма гьелдаса питна бугони, гьелъ гIолохъаби чIвазеги ахIулел ругони, къан маслихIат буго гьелъул, Котровасул къотIноб бугеб мажгитго гIадин. Гьениб жаниб щиб букIаниги гIадамазе пайдаяб хIалтIиги ургъизе бегьила – ясли-ах рагьун, яги цогидаб гьабун…».
ЭР: «Салафиязде тIадецуй гьабизе бегьуларин, гурони, жамгIияталда жаниб хIалуцин цIикIкIунилан абуларищха инсанасул ихтиярал цIунулезги цогидазги…?»
ГIабдулхIамид ХIажиев: «Гьезулги цо рахъ ккураб гурони пикру букIунаро. Гьезда хъвараб мехалда гурони рагъаруларо гьел. Салафиял гурелги, гIезегIан диниял гIалимзабиги полициялъулалги чIвалел руго гурищ? Гьеб мехалда щай гьел къватIире рахъунарел?».