Дагъистаналъул Хъумторхъала мухъалъул Учкент росулъ 13 октябралда чIван вуго 60 сон барав ХIажиев ИсмагIил. Биценазда рекъон, гьев вукIун вуго жундул нахъе хъамулев чи. Дагъистаналда ва Шималияб Кавказалъул цоги республикабазда диниял хIаракатачагIи дагьал гьечIо чIвалел ахираб заманалда. Гьезде дандеккун ХIажиев вукIун вуго салавиязул гIаркьелалъул рахъ ккурав чи.
Жундул нахъе хъамиялъул ай экзорцизмалъул исламалъулгун гьоркьоблъи кинаб бугеб? Гьеб ва цоги суалал нижеца кьуна динияв хIаракатчи ГъазимухIамадов Шагьрурамазание.
ГъазимухIамадов Шагьрурамазан: «Жундулин абун щиб букIинеб, унтарал чагIазда тIад Къуръан цIалулев чи вукIана гьев. Гьединго биги биччалаан гьес. ТIакIаб гьес щиб гьабулеб букIарабали дида лъаларо».
ЭР: «Дуца абухъе, унтаразда тIад Къуръан цIализе, экзорцизм гьабизе тIадеги лъихъа букIаниги изну букIине кколищ бусурман чиясул? Масала католиказул кардиналаз кьола гьединаб изну. Исламалда гьединаб изну букIине кколищ? Масала, дуда кIолищ гьеб гьабизе?».
ГъазимухIамадов Шагьрурамазан: «Дица гьабуларо гьеб. Гьукъараб жоги гьечIо гьеб. Лъихъа букIаниги гьелъие изну босизеги кколаро. ШаргIалда рекъонги гьелъул бегьунгутIи гьечIо.
Астрология, пал къотIи яги цоги гьелда релъараб жо исламалъ цIакъ гьукъараб жо буго. КIудияб мунагь буго гьеб. Исламалъ бегьизе гьабула гIисинал лъимал ругони, гьезда гьайкал-сабабал разе. Къуръаналъул аятал хъварал сабабал бегьула лъималазда разе. ЧIахIиязда гьелцин разе бегьизабун гьечIо гIалимзамзабаз. Бегьизабун буго унтарасда тIад Къуръан цIализе».
ЭР: «Лъиениги балъголъи гуро Дагъистаналда ахираб заманалда диналда батIи-батIиял рикьалаби лъугьун рукIин. Унтаразда тIад Къуръаналъул аятал цIалиялде салафиязулги суфиязулги бербалагьи цогояб бугебищ?»
ГъазимухIамадов Шагьрурамазан: «Буго. Киназго гьеб бегьизабун буго. Масала, жундуца ккурав чи вугони, гьесул унтиги кIийиде бикьила нилъеца. БукIине рес буго гьев чиясул нервабазул унтиги, чи жундуца ккун вукIинеги рес буго. Жундуца ккун вугони гьесда тIад Къуръан цIали киназго бегьизабула. Нерваби унтун ругони гьев тохтурзабаз сахлъизавизе кколаха».
ЭР: «Гьев сах гьавизе тIаде босарал чагIазда лъалебищ чиясул нервабазул унтийищ бугеб яги жундузищ гьев ккун вугевали батIа бахъизе?»
ГъазимухIамадов Шагьрурамазан: «Лъала, лъала. Къуръан тIаде цIалулеб мехалда чиясул черх бахъарула, теркIола, батIияб гьаракьалда кIалъазе жувала гьев. Гьедин лъала гьев жундуз ккун вукIин. Гьединал жал гьаризе чи лъугьинчIони, гьеб букIунин абула нервабазул унти, жундузулгун гIаммаб жо гьениб гьечIин абула. Къуръан тIаде цIализе журан гурони гьеб унти кинаб бугебалиги цебеккун абизе лъаларин абула».
ЭР: «Дагъистаналда ахираб заманалда чIварал диниял хIаракатчагIазул яги батIи-батIиял дараби гьарулелин абулел чагIазул гIемерисел рукIана суфиял. Абулебги букIана гьел салафияз яги изну гьечIого яргъидгIуцIараз чIвалел ругин. Учкенталда чIварав ХIажиев ИсмагIил салафияв вукIанин абулеб буго. Гьев лъицаха чIвазе рес букIараб?»
ГъазимухIамадов Шагьрурамазан: «Бицен буго: «ЦIогьорасе цо мунагьин-досул хважаинасе ункъго-щуго мунагьин» гьесул щакдариялъухъ. Лъидаха гьанже щакдарилел? Бокьараб жо букIине рес буго жакъа гьаниб Дагъистаналда. Аллагьас лъикIалда тIобитIайгиха...»
ЭР: «ИсмагIилица сабабал хъвалаанищ?»
ГъазимухIамадов Шагьрурамазан: «Киса?! Хъвалароан... Гьеб мухъалъул чи вукIинчIо дов. Сабабал салафиял абулел чагIаца гьукъулелъул. ХIарамаб жолъун рикIкIуна гьез гьеб. Хурдуздалъун дару-сабабги гьес гьабулароанин ккола. ЦоцIул-кIицIул рузманалда вихьун гурони, дида гьев лъикI лъалароан. АскIов гIодов чIун щуго минуталъги хабар- кIалалъеги вихьарав чи вукIинчIо дида гьев.
Зигаралъеги щвана ниж, гьев чIвараб бакIалги бихьана. Рокъоса ахIун ун вуго гьев къватIиве. Цо унтарай гIадан йигин нужер кIудаэмен ахIеян абун буго гьесул лъимадул лъималазда. КъватIиве вачIараб бакIалда гьел лъималазда цеве чIван реххун вуго. Гьесул васас бицана гьедин. Гьесго абуна жинда бихьанин кIиго автомашина, дагьаб роркьегIан УАЗ автомашинаги чIун букIанин. Гьеб параялъго азарханаялде вачунаго нухда рухIги бахъун буго гьесул. Гьеб жо бицана зигаралъе араб бакIалда. Гьадинаб питна буго гьаниб. Киналниги гIалимзаби-гIакъилзаби цолъизе, ургъизе ккола гьаб жо чIезабизе».
Цо-цояз youtube.com сайталда лъолел руго экзорцизмалъул сеансазул видео.
http://www.youtube.com/embed/sUP1lEvWERM