Шайих СагIид-Афанди чIварай Ислам босарай гIурусай Алла Сапрыкиналъе буюрухъал кьолел рукIун руго «гIурус вагьабияс», ян лъазабулеб буго низам цIунулел идарабаз.
Шайих чIвазе тIад къарав ватун вугилан ва гьев кколилан Белгород шагьаралдаса. Гьес абулеб буго жинда цIар ГIабдул Малик бугин. Амма цIех-рехчагIаз чIезабун буго гьев 24 сон барав Алексей Пашенцев кколевлъи. Гьал къоязда гьесул видео-хитIабги загьирабун буго интернеталда.
ЦIех-рехчагIаз лъазабулеб буго 28 августалда Пашенцевас Сапрыкиналъе буюрухъал кьолел рукIанин. Жиб-жиб гьелъул галиялда хадуб халкколеб гьес рикIкIунеб буго низам цIунулез.
Гьез тIибитIизабураб информациялда рекъон, Алексей Пашенцев 2008 соналда цIализе восана Белгородалъул пачалихъияб университеталде. Амма университеталдаса гьев нахъе рехун вуго гьесул цIали цебе билъунеб букIун гьечIолъидал.
Университет тун хадуб, 2010 соналда гьесул бухьенал тIад чIезарун руго Белгородалда гIумру гьабулел радикалиялилан абулел буссурбабигун. Цодагьаб заман ун хадуб Исламалде гъорлъе лъугьун вуго Пашенцев. Диниял лъаял цIикIкIинаризеян Мисиралъул машгьураб Аль-Азгьар университеталда цIализе лъугьине мурад букIун буго гьесул. Амма Пашенцевасе диниял дарсал кьолел рукIараз 2012 соналъул январалда гьев витIун вуго Дагъистаналде.
Рагъулал малъа-хъваял гьесие кьун руго Буйнахъск мухъалда ругел изну гьечIого яргъидгIуцIараз. Гьеб къокъаялъул цевехъанлъун вукIана Рустам Асилдаров.
35 сон барав Асилдаров риидал вахъана тIолго Дагъистаналъул изну гьечIого яргъидгIуцIаразул нухмалъулевлъун. Гьес жиндирго бакIалда тана Пашенцев.
Низам цIунулез лъазабухъе, Буйнахъскалъул рохьилазул цевехъанлъун Пашенцев вахъун хадув, мухъалда цIикIкIана терроралъулал такъсирал.
Алла Сапрыкиналъул рос вукIун вуго Пашенцевасул къокъаялда гъорлъ. Гьев хун хадув Сапрыкиналъе малъа-хъваял Пашенцевас кьолел рукIун руго ва жийго жинцаго чIваялъе гьес гьей хIадур гьаюнилан рикIкIунеб буго низам цIунулез.
Хасал хъулухъазул хIалтIухъабазухъе щун буго Пашенцевасул видео-хитIаб. Гьес гьеб хитIабалда бичIизабулеб буго сундуе гIоло шайих СагIид-Афанди чIварав.
Видеоялда гьес абулеб буго шайих чIваялъе гьабураб операциялъул пайдаялда щаклъи бугес цIидасанго цIале илан Алагьасул рагIи. Пашенцевасул пикруялда рекъон, СагIид Афанади чIвана буссурбан гIаданалъ, гьелъ жиндирго гIумру бичанила Исламалъе гIоло.
Шайих СагIид Афанди чIвана 28 августалда. Сапрыкина гьесухъ рокъой ячIана вирд босизеян. Ккараб кьвагьиялда хвана шайихги гьесухъе рачIун рукIарал анлъго чиги.
«Москваялъулабгун Хельсинкиялъул къокъаялъул» Дагъистаналда йигей вакил Мадина Мусаевалъ «Эркенлъи» радиоялъе абуна шайихасул муридал чIун ругин официялияб цIех-рехалъул хIисалазда ралагьунилан.
Мадина Мусаева: «Шайих чIвай чара гьечIого рагъизе кколеб такъсир буго. Гьелда хурхун цIех-рех бачунес кIвар кьезе ккела гIаийбал ратизе, щайгурелъул цIех-рехалъул хIасилазда ралагьун руго Саид Афандил муридзаби. Дагъистаналъул нухмалъулес абун буго цIех-рех жинца хIисабалде босун бугилан.
Гьесул рагIаби рагIабилъун хутIизе бегьиларо, щайгурелъул цIидасанго раккила салафияздаги суфияздаги гьоркьор бидулал ричIунгутIиял. Нухмалъулес рагIи кьуна, гьес гьеб ккуни, цIех-рехалъе гьеб кIвараб кумек гьабизе бугин ккола».
Шайих чIваялъулъ Дагъистаналъул буссурбабазул динияб идараялъ гIаийб чIвалеб буго салафиязда. Дагъистаналъул муфтиясул чIужу ПатIимат ХIамзатовалъ хъвараб макъалаялда гьеб бичIулеб буго. Гьелъул макъалаялъ кIудияб дагдерижи багъаризабуна Дагъистаналда.
Гьениб, мисалъе, хъван буго апрелалда суфиязулги салафиязулги рекъел гьабизе пикру кин ккарабали. Гьелъ хъваралда рекъон, устаргун дандбан букIун буго суфиязулги салафиязулги ракълилаб къотIи-къай.
РакIалде щвезабилин апрелалда МахIачхъалаялъул централияб мажгиталда Динияб идараялъулгун «Агьлю сунна Валь жамагIа» абураб гIуцIиялъул вакилзабаз ракълилаб резолюция хъван букIана. Гьелда рекъон, кIиязго тIаде босулеб букIана цереккун рукIарал ракIхвеялги кIочон тезе, цIиял масъалабиги цадахъ рекъон тIуразе.
Цо-цояз гьеб рикIкIунеб букIана рекъеллъун, цогидаз бицунеб букIана гьеб гьабичIого гьезул рес букIинчIин. Амма гьеб букIана кIиябго рахъалъе кIвар бугеб гали. Гьениб кинабгIаги пачалихъалъул гIахьаллъи букIинчIо.
Амма диалогалъул жо ккечIолъи бичIизабуна мутфиясул чIужуялъ жиндирго макъалаялда. «Гьелъул рукIине ругел хIасил лъаларого гуро, шайихасе бокьун букIана жидее рекъел гьабизе рес кьечIин гьел гьаб дунялалда зигардунгутIизе ва Къиямасеб къоялъ Аллагьасда цебе гьезие бицине жо букIунгутIизе.
Рекъел гьабизе кьураб ресалдаса гьез пайда босичIо. Гьез букъана гьеб устар СагIид-Афандиясда цадахъ чIикIасезул хабалалъ», - илан хъвалеб букIана ХIамзатовалъ.