Тохтур: «Тамашаяб жо-Амиров жеги чIаго вукIин»

Владимир Постанюк (квегIиса тIоцевесев) Амировасул ишалда сверун диванханаялда. Доналда бугеб Ростов, 10Авг2015

МахIачхъалаялъул вукIарав мэр СагIид Амировги, гьесул вацасул вас Жапаров Юсупги, цоги жанив тIамун вугев лъабго вацазул цояв АхIмадов МухIамадги гIумруялъго туснахъалъур тIамизе кколин рикIкIунеб буго прокурорас. Гьединаб тIалаб гьес гьабуна итни къоялда Доналда бугеб Ростовалъул рагъулаб диванханаялда. ХутIаразе гьес т1алаб гьабуна туснахъалъул ичIгоялдаса къогоялде щвезегIан сонал. Гьезда гIунтIизабулеб буго Россиялъул ЦIех-рехалъул комитеталъул хIалтIухъан А.ХIажибеков чIваялъулъ гIахьллъи абураб гIайиб. Кинабниги гьеб ишалда сверун жанив тIамун вуго ичIго чи.

Диваналъул процесс унеб бугеб куцалда сверун ва прокурорасул тIалабалда хурхун нижер суалазе жавабал кьолел руго Амировасул адвокатазул къукъаялъул бетIер Владимир Постанюкица.

В. Постанюк: «СагIид Амиров ккурав мехалда ЦIех-рехалъул комитеталъул нухмалъиялъ лъазабулеб букIана гьесда хадуб 2 соналъ хал ккун букIанин ва гьес гьарурал такъсиразул далилал ракIарулел рукIанин.

Жакъа диваналъул процессалда нижеда бихьулеб буго сундул рукIаниги кинал рукIаниги далилал гьез ракIарун рукIинчIолъи. Гьез гьабураб жо буго цо -лъагIалица гIакъуба кьолеб букIана ГIабдулхIалимовасе, лъабго вац АхIмадовазе, ГIалиевасе ва Мутаевасе. Гьеле гьел къанцIон къватIире рачIинарулел рукIана Амировасда ва цогиязда сверун такъсирал гьарунин абурал баянал.

Амировасул ишалда сверун диванханаялда. Доналда бугеб Ростов, 10Авг2015

Доналда бугеб Ростовалда унеб гьаб процессалда нижеда рагIараб жого буго гьеле гьел гIадамазе гIакъуба кьолеб букIанин абураб. Нижеца цIалана цебесеб цIех-рех гьабулаго гьез кьурал баяналги. Бихьулеб букIана такъсир гьабиялъул ишалъул цебетIеялде балагьун гуреб гьел рухулеб букIараб куцалъул гучалде, гьезие гьабулеб букIараб зулмуялде балагьун гьел баянал хиселул рукIараблъи. зулму цIикIкIинабун рекъе-решезарулел рукIана баянал. Гьанже гьеле гьеб жоялда тIад гIуцIун буго тIолабго диваналъул процесс.

Нижер ццим бахъиялъе гIурхъи букIинчIо итни къоялъ прокурорас диваналда жиндирго тIалабал цIалун хадуб. Диванчиясцин гьабуна гьесие тIасанкIалъай, протокол цIаличIого далилазе къимат кьейин. Гьелдаса хадубги, далилазе къиматги кьечIого прокурорас Амировасе, Жапаровасе ва АхIмадовасе тIалаб гьабуна гIумруялъго жанир тIамизе хIукму. ХутIаразе туснахъалъул ичIгоялдаса къогоялде щвезегIан сонал.

Гьениб такъсир гьабун букIин чIезабурал далилазе кинабгIаги къимат кьечIо. букIинчIо кинабгIаги анализ. Дида вичIчIула прокурор, щайгурелъул гьес къимат кьезеги, гьес анализ гьабизеги жо букIинчIелъул.

Гьеб процессалда цониги нугIас цониги нухалда Амировасул цIарцин бахъичIо. МугъчIвай гьабулеб буго цебесеб цIех-рехалда кьурал баяназда, амма диваналъул заманаялда гьесул ва гьес гьабураб жоялъул лъицаго цIар бахъичIо.

БичIчIулеб буго диванханаялда такъсир гьабиялъул ишалъул гуреб, политикияб магIна бугеб ишалъул хал гьабулеб букIин. Гьеб батизе рес буго яги гьесул бакI чIобого гьаби яги политикияб аренаялдаса гьев нахъе рехи, дида лъаларо. Амма гьев ва гьесда цадахъ жанир ругел къватIире риччазе Такъсир гьабиялъул кодексалда рекъон киналгIаги квал-квалал гьечIо».

ЭР: Россиялъул тамихI гьабиялъул системаялъул рихьизариязда рекъон, Амиров гIадин унтарав ва сакъатлъиялъул тIоцебесеб группа бугев чи киназего гIаммал шартIал гурони гьечIеб туснахъалда жанив тIамизе бегьулищ?

В. Постанюк: «Россиялда хIалтIулеб буго 2004 соналда премьер-министрлъун вукIраб мехалда Михаил Касаньяновас гъулбас лъураб документ. Гьелда рекъон, Амировасул гIадинал унтабиги сакъатлъиги бугел гIадамал туснахъалъур тIамизе бегьуларо. Гьел рукIине ккола сахгьарулел бакIазда.

Гьелде тIадеги нижехъ руго Россиялъулги къватIисел улкабазулги тохтурзабаз кьурал гIемерал документал. Гьезда рекъон, Россиялъул къануназде балагьун гьев туснахъалъув вукIине кколарин абурал».

ЭР: Кинал шартIал ругел туснахъалда Амировасул? Гьев живго цо рокъовищ вугев, аскIов чийищ вугев?

В. Постанюк: «Амировасда цадахъ цо рокъов жанив вуго цоги чиги. Карандаса гъоркье гьесул къаркъала хIалтIуларо, квешго хIалтIулеб буго цояб кверги. Гьесде аскIоре рачIуна тохтурзабиги. МоцI цебе Алманиялдаса гьесухъе вачIун вукIана гьесул тохтурзабазул цояв. Гьев чияс гьуя-гьарай бачунеб букIана гьединал шартIазда гьедин унтарав чи кквезе бегьуларин абун. Цо рахъалъан гьев гIажаиблъулевцин вукIана Амиров жеги чIаго кин хутIаравин абун. Гьесие цIакъ захIмат буго. Цоги суал буго живго Амировас гIарз гьабунгутIи.

Киназдаго бичIчIулеб буго гьев гьенив вукIине бегьунгутIи. Кинадаго бихьулеб буго гьес такъсир гьабун букIин чIезабулел кинал рукIаниги далилал гьечIолъи. БукIанги, гьев къватIиве виччаялъул бакIалда гьев гIумруялъго жанив тIамизе тIалаб гьабулеб буго прокурорас».

ЭР: Кин дуда кколеб, дуца абухъе, кодобе босун бихьизабизе такъсир гьабиялъул далилги гьечIого чи жанив тIамизе бахъулеб хIаракат гьев къуркьизавизе бахъулеб хIаракат бугищ?

Амировасул ишалда сверун диванханаялда. Доналда бугеб Ростов, 10Авг2015

В. Постанюк: «Дида кколеб буго киназдаго бичIчIулеб бугин гьев чи моралияб куцалда къуркьизавизе кIвезе гьечIолъи. Гьес гьеб бахчулебги гьечIо. Гьесда кколеб буго жамгIияталда гьоркьоса гIумруялъго гьев рикIкIад гьавизе къваригIун бугин. Дихъ ругел медициналъул документазда рекъон, даимго гьесда унтулеб бакI буго, амма гьес гьелъул бицунаро. Гьесие чIезарун ругел шартIазда дагьабго заман бани гьев къуркьизе вугин ва азарханаялда вегизавуралъухъ сундуего мукIурлъизе вугин ккун букIун батани, гьезул хьулал хIорлъана. Моралияб куцалда гьев къуркьизавизе кIвезе гьечIо».

ЭР: Амиров къватIиве виччазе вукIиналда хьул ва божилъи бугищ дур?

В. Постанюк: «Амиров къватIиве виччазе хьул ва божилъи кинаб бугебин даимго гьикъула дида. Амма хьулазул бицине кколев чи гуро адвокат. Адвокатасда тIадаб буго жинца цIунулев чиясул къисмат лъикIлъизабизе кIварабщинаб хIалтIи гьаби. Жакъа къоялде абуни, Амировасул такъсир чIезабулел далилал тIабигIаталдаго гьечIо. Гьениб бицине жого гьечIо. Нижеца ралагьулел руго гьесда гIайиб гьечIолъи чIезабулел кинал рукIаниги далилал. Нижеца кIвараб гьабизе буго гьесдаги Юсуп Жапаровасдаги гIайиб гьечIолъи чIезабизе. ЦIех-рехалда бажарулеб букIинчIо гьесда цадахъ жанир тIамуразулги Амировасулги бухьен чIезабизе. Гьезул хьул букIана Юсупидасан гьеб чIезабизе».

Чияс нугIлъи гьабураб, гьелде тIадеги чи такъсиралъе мукIурлъицин кколаро такъсиралъе далиллъун. Зулму кьун рахъарал баяназда тIад гIуцIун буго Амировасул иш. Гьеб процесс жеги лъугIун гьечIин ва жиндие рагIи жеги кьун букIинчIин бицана СагIид Амировасул адвокат Владимир Постанюкица Эркенлъи Радиоялъе.

Амиров ккун ун вукIана 2013 соналъул 1 июналда. Дагъистаналъул Пенсиязул фондалъул нухмалъулев С. МуртазгIалиев чIвазе къасд гьабулеб букIанин абун гьанжеялде гьесие кьун буго туснахъалъул 10 сон.

Нижергун гара-чIвари букIарал цо-цояз рикIкIунеб буго Амировасда гIайиб хIакъикъаталдаги батанигицин диваналъул процесс унеб бугеб куц бихьун ва х1акъикъаталдаги далилал чIезарун гьечIониги гьев жанив тIамизе бахъулеб хIаракат бихьун Россиялъул диванханаялъул системаялдего гIемерал суалал рижулел ругин.

Диванханаялда С. Амировасул калам

https://www.youtube.com/watch?v=bk6BCkzivPo&feature=youtu.be

https://www.youtube.com/watch?v=xeqQQWky-Us&feature=youtu.be