Россиялда гьеб щай бажарулареб?

Рес бугищ Украиналъул сценарий Россиялда такрарлъизе, ай рес бугищ хIукуматалъул хIукмуялда разиял гьечIел аза-азар чи къватIахъе вахъине ва гьелда жидерго разилъи гьечIолъи загьир гьабизе? ГьечIо. Щайгурелъул тIубараб Россия Калининградалдаса Сахалинскалде щвезегIан цоккураб букIун, тIалъие мутIигIлъи жиндихъа бичун босулеб бугеб Кавказ хутIизегIан. Гьедин хъвалеб буго Владимир Голышев абулев чияс Каспаров.ру сайталда «Россиялда гьеб щай бажарулареб?» абураб макъалаялда.
Россиялъул халкъ цо ккураб букIин бичIчIарав Россиялъул президент Владимир Путиница гьелдаса лъагIалидаса лъагIалиде махщалида пайда босулеб бугин хъвалеб буго тIадехун рехсараб макъалаялда Голышев абулев чияс. Гьес гьениб Кавказ батIа толеб буго ва абулеб буго централдаса бачIунеб гIарцул гIор къараб мехалда гьезул Кремлалъе мутIигIлъиялъул лъалкIги хутIизе гьечIин ва Кавказалъул гьениб бицунеб гьечIин.

Ахиралдаги Россия цо чи вугин цебе чIезабуни гьев вугин, рекIел хехлъиги бачIунев, комплексалгун хIинкъабиги ругев, лъидаго божуларев, дагьавго гIантамахIав, хеккого барщулев, жахIда гъорлъ бугев, хIалихьатав, кIвахIалав ва гIамал кIудияв чи. Гьеб сияхI жеги халат бахъинабизе бегьулин хъвалеб буго авторас ва тIаде жубалеб буго гьесулго квер гIатIилъиялъул, гIакълу-лъаялъул, таваккалалъул ва къамартIлъиялъул бицине лъугьине бегьулин нужин. Амма жинца бицен гьабулеб бугин гьеб жамгIияталъул аслуялъул, кьучIалъул ва гьелъул кьучI гьединаб бугин абулеб буго гьес. Гьел ругин къоркьан ратIлъилъ рукIунел, цояз рас кIургIизабизе лъурал бигудиял кьоялъ рахъулерел ва цогиял майка-алкоголичкаялда жанир гIураб жамгIият. ТIасан гьел кин къачIарал рукIаниги жаниса гьел гьединал ругин. ГIадатияв чиясул щаклъи ккезе рес бугин жив вахьна вукIиналда, амма креативиявин живго рикIкIунев чиясул гьединаб пикру киданиги бижуларин хъвалеб буго Голышевас.

Гьесул пикруялда Путин вуго гIантав, лъай щвечIев ва хьвадизе лъаларев гопник. Путница Россиялда билъанхъизабулеб бугеб политика бичIчIизабизе Голышевас бачунеб буго гьадинаб мисал: бецIаб къотIносан унев вугила айфон кодоб ккурав студент. «Гьаб щиб духъ бугеб? Бихьизе кье я цо»,-янги абулаго гьесде аскIове вачIунев вугила цо гIоркьилав. Жинда гIайиб ккарав кинниги тIепарав студентас кьолеб бугила гьесухъе жиндирго айфон. «Хадуб нахъе кьезе» «заманаялъ» гьесул гьебги босун хIацIуги чIинтIулаго унила гIоркьилав.
Студентасдаги кколеб бугила талихIалъ гьев тIаса кканин нус бахъизеги рес букIанин гьесан.

Гьединал гIоркьилазда чи вихьарабго лъалин гьезул ургьиб бугеб, жидеразул къукъа бихьидал хехлъулеб гьезул галиги, хIинкъараб балагьиги, жиндихъ бугеб къиматаб жоялде тIаде жиндаго лъачIого бегьулеб кверги, гьанисайищ яги вачIаравищалиги, киве унев вугевалиги, ахирисеб нухалда вагъизе кида ккун вукIаравалиги ва цоги гIемерабги.
Гьезде аскIоре ккарал цоги гIолилазги кIудияб хIаракат бахъулин гьезда жалго берцин рихьизаризе. Гьебги гьел лъай щвечIел, гIадамаз адаб гьабуларел гIадамал рукIаниги.

Гьединаб буго, авторасул пикруялда рекъон, Путиница цоги гIадамалгун гуребги тIубараб Россиягун жиндирго гьоркьорлъаби гIуцIун ругеб къагIида. Гьезда гьоркьоса авторас Шималияб Кавказ нахъе бахъун буго-гьенир гIоркьилал дагьалги гIурхъаби лъаларел ругин рикIкIунеб буго гьес.
Путиница щиб абуниги ва гьабуниги гьелде данде чIиван вахъунев чи вукIунарин, халкъ хъахIлъун багъарлъун гьимулин жавабалъе ва ахиралдаги кIихIирихъиялде кколин жалго гьесда релъинелъун.
Жеги 10-15 сон цебе кинаб букIаниги жиндирго пикруги, гьумерги, гIамалги букIараб улка гьанже релъун бугин иш лъугIараб чмоялда. Гьанже гьеб бекерулеб бугин Путин сверун бугебщинаб рощное «пивогун сигаретал» росизеян абулеб буго Владимир Голышевас Каспаров.ру сайталда кьураб «Россиялда гьеб щай бажарулареб?» абураб макъалаялда.

Украиналде тIадруссани, гьенибги гьебго хасият бихьизабизе бокьун букIанин Путиние ва гьелъие гIоло кIвараб хIаракатги бахъулеб букIанин гьесин абулеб буго Голышевас. Гьесул пикруялда Украина гьечIо цоккураб. Гьенир руго крымалъул татаралги, одесситалги, киевалъулалги, гуцалалги-гьел киналго руго цоцаздаса гIемерго батIиял гIадамал.

Мотоциклалда рекIун Севастополалде щвезегIанги анин гьев, патриарх Кириллицаги сапарал рухьун бухьенал гIемер гьарулел рукIанин гьенир ва Украиналъул жанубияб ва машрикъалъул халкъалъе жив рекIее гIолев вугони гIезе бугин кканин гьесда. Гьез вищизе вугин жиндие къваригIарав президентги ТIадегIанаб Радаялдаги «жиндирал» цIикIкIун рукIине ругин кколеб букIанин гьесда. Гьеб киналдего тIаде хасел щолеб букIиналъ газалъул суалги кIвар бугеблъун гьабунин, амма гьениб иш гьесие бокьухъе инчIин хъвалеб буго авторас.

Гьезулги ругин щивасул жинде-жидер проблемаби, амма букIаниги гьезул евромайданги бугин. Путинил асаралде гъоркье ккарав Украиналъул президент Виктор Януковичас Европаялъул Цолъигун ассоциация гьабиялъул къотIи-къай хъваялъул суал нахъбахъиялда разиял гьечIел украиналъулаз бихьизабунин гьесда дунял цо «гIоркьиласул азбар гуреблъи» ян рикIкIунеб буго Голышевас. Евромайдан нахъе хъамизе Москваялъул инструкторал рачIун рукIанищ рукIинчищали жинда лъаларин, амма гьеб спецоперациялъул гьури Кремлалдасан пураб букIиналда щаклъизе бакI гьечIин хъалеб буго гьес.

Хадуб щиб букIине бугебали жакъа абизе лъаларин, амма Путинил партнеразе гамидаса лъутизе бакI гьечIин ва гьез халкъалде тIадецуй цIикIкIинабизе бугин ва гьелде тIадеги Россиягун «Кумурукханаялъулаб Цолъиялде» лъугьиналъул къотIи къабул гьабиги тIадчIун бугин рикIкIунеб буго авторас.
Гьесул пикруялда гьеб букIине рес буго Януковичас гъулбас лъурал къотIиязул ахирисезул цояблъун ва гьесда хадув вачIарав президентас гьеб хвезеги гьабизе буго.


Гьаб букIана Каспаров. Ру сайталда кьураб Владимир Голышевасул «Россиялда гьеб щай бажарулареб?» абураб макъалаялъул къокъаб хIасил.