Москваялдаcа гlолилав Егор Свиридов чIваялъулъ гlахьаллъиялъул гIайиб тIадчIезабурав щуго дагъистанияв Дагъистаналде витIун вачIун туснахъалъув тIамизе. Гьел ккола Артур Арсибиев, ХIасан Ибрагьимов, Нариман ИсмагIилов, Рамазан Утарбиев, Акай Акаев. Гьел рачIун руго цоял февралалда, цогидал марталда.
Гьеб хIужаялда тIасан разилъи гьечIолъи бихьизабулеб буго Россиялъул СМИязги цогидазги. Гьев щугоясда цадахъ вукIарав аслияв гIайибиявин рикIкIунев Черкесов Аслан Красноярскиялда вуго туснахъалда. Гьесие кьун буго 20 сон.
Мун гьаниса чIаго къватIиве ворчIуларилан кIалал гьикъун рагIула Красноярскиялда жанив тIамун вугев Черкесов Асланида колониялъул хIалтIухъанас. Дагьалъ цебе хабар баккун букIана гьев гьенир жанир ругез вухун рагIулиланги.
ЗагIипго вукIиналъ азарханаялда вегизавурав гьев хIинкъун вукIун вуго жив загьруги кьун хвезавилилан. Гьедин вакъун чIарав гьесде цIа-кан бахун буго. Гьединаб хIалалда вукIаниги Аслание гьабулеб дару-сабаб букIун гьечIо, гьесул яцалъ бицухъе.
73 абилеб къануналда рекъон, Аслан жанив тIамизе ккола яги такъсир гьбаураб бакIалда – Москваялда, яги жинца гIумру гьабулеб бакIалда – Нальчикалда. Амма низам цIунулел тIирун чIун ругин гьев Красноярскиялда вукIине кколинги абун. Гьелъие гIиллаги баян гьабулеб гьечIила. Гьедин бицана ЭР-ялъе Черкесова Аняца.
МоцIие щуазарго гъурущ гIечIеб жо гурони пенсияги щоларей, Асланил васги хьихьизе кколей жиндир эбелалъул рес гьечIин щибаб нухалда Нальчикалдаса Красноярскиялде щвезегIан Асланида хадуй туснахъалде хьвадизеян абуна Аняца.
Черкесова Аня: «Дида ккола Красноярскиялде ургъунго витIанин гьев колониялъул хIалтIухъабазда хадуб нижер хъаравуллъи букIинаредухъила н. Гьаниб аскIобегIан бугеб Ставрополалъул колониялде витIизе бегьуларищин Асланилан чанцIулго хитIаб гьабуна нижеца. Амма киса-кибго инкар гьабулеб буго нижее».
ГIемерисеб мехалда Кавказалдаса къватIир щай тсунахъ гьарулелали бицунеб буго ГIабасова Сайбатица. Гьей ккола полковник, Гъизилюрталда бугеб руччабазул колониялъул нухмалъулей.
ГIабасова Сайбат: «Дагъистаналдаги Чачаналдаги гьечIо, масала, терроризмалъе яги гьелда релълъараб цогидалъе гIоло гIадамал жанир тIамулел хасал колониял. Гьединлъидал гьел Россиялде ритIула. Гурони жинца гIумру гьабулеб бакIалда гIагардегIан толеб гIадат буго туснахъ гьавурав, ялъуни такъсир Россиялда гьабун батани, гьев дова тола. Амма рукIа-рахъиналъу лъ, ресукълъи-буголъ иялъухъ балагьун гIагарлъи бугеб бакIалдегIан туснахъ гьарула гьел».
Цо заманалда абулеб букIаан Чачан Республикаялъул нухмалъулев Къадиров Рамзаница тIалаб гьабулеб бугин туснахъалда лъезе хIукму къотIарал киналго чачанал Чачаналде рачIинаризе ругин жанир тIамизе.
Гьелъул рахъкколеб буго Дагъистаналдаса ГIабасова Сайбатицаги.
ГIабасова Сайбат: «Щибаб моцIалъ Дагъистаналдаса, Чачаналдаса Якутиялде яги цогидаб бакIалде туснахъ гьарурал жидер гIагаралгун дандчIвазе ине куталда захIмалъизеги захIмалъула гIадамазе, сваказеги свакала гьел. Гьединлъидал гIезегIан лъикIал рахъал руго туснахъ гьарурал киналго ракьцоял цохIо жидерго республикаялда тезе кколин абураб пикруялъулъ».
Малик ккола Бельгиялда гIумру гьабун вугев чачанав. Жиндиргун миллатцоязулго гIадаб ургъел буго гьесие гIайиб гьечIого Россиялъул туснахъазда лъурал ингушазулги, цогидал кавказиязулги. Гьединлъидал кIвараб жо гьабулеб буго гьел эркен гьаризеги. Масала, гьес тIаде босун буго гьедин туснахъ гьавурав щуго чачанасе кумек гьабизе. Изну гьечIого яргъид гIуцIаразда гъорлъ рукIиналъул гIайибги гIунтIизабун гьезул лъабгояв 9 – 18 сонги кьун Уфаялда жанив тIамун вуго. Телефоналги нахъе росун рукIиналъ гьезулгун бухьен гьабизе щолеб гьечIо Маликие. Амма гьесда лъалеб буго гьезие гIакъуба кьолеб букIин. Маликица ЭР-ялъе бицухъе, цохIо чачаналгун ингушал рукIиналъ хIакъир гьарулел ругин гьелин абулеб буго Маликица.
Малик: «Гьеб колониялда хIалтIулел руго Чачаналда рагъулел рукIарал низам цIунулел. Гьединлъидал нилъер гIолохъабазе гIакъубаги кьолеб бугеб, гIицIго гьелъие гIоло. Чачаналги, ингушалги, дагъистаниялги – гьеле гьез гIакъуба кьолеб лъабго миллат».
Маликица бицана хас гьабун «обиженка» абулеб камераялъур тIамулел ругила колониялъул хIалтIухъабаз туснахъ гьарурал. Гьел кколила бищун нахъе ккарал чагIи тIамулеб камера. Гьебги ургъунго гьабулеб бугила кавказиязул напс гIодобегIан гьабизе.
Малик: «Россиялъ щиб абуниги, гьабулеб буго. Дида лъаларо, жидерго халкъалъул ургъел щай гьазие букIунаребани».
Щиб хIалалда гьел ругелали цIех-рех гьабизе, яги гьезухъе щвезе ракьцоялги инсанасул ихтиярал цIунулелги къватIире щай рахъунарелали бичIчIулеб гьечIо гьесда.
Маликица бицараб тасдикъ гьбауна ЭР-ялъе колониялда хIалтIулев вукIарав Гъуниб мухъалдаса Абакаров МухIамадгIарипиц а.
МухIамадгIарип: «Гьеб жо битIараблъун рикIкIине бегьулеб жо буго, дир хIисабалда. Щайгурелъул гъора жанир хIалтIулезулги, жанир тIамуразулги гьебго пикру букIана. Чачаналда рагъулел рукIарал низам цIунулезул бербалагьи нилъераздехун цIакъго батIияб букIунеб буго. ХIалтIизе дове, Россиялде арал нилъераз бицунеб жоги гьелдаго релълъараб букIуна».
Амма МухIамадгIарипиц аги Маликицаги бицаралда тIадрекъолев гьечIо Хасавюрталъул СИЗОялъул хIалтIухъан Хасуев Ражаб.
Хасуев Ражаб: «Шагьаразда гIадатиял гIадамазда гьоркьобги букIуна жидерго миллатчилъиги цогидабги. Жанир тIамурал чагIазул букIуна жидедаго гьоркьор хасал къануналги, рукIа-рахъиналъу л къагIидабиги. ГIаданасул гIаданасдехун гIадба бербалагьи букIуна гьезул. ГIурусал-магIару лал абураб жоги букIунаро гъозул. Цо цIакъго хIалихьатал жал гьарурал чагIи рукIунарищха (гIисинлъимал инжит гьарурал, руччабазда хIал гьабурал…) – гьединал чагIи цо хIокIалъ гIодорегIан чIезарун рукIуна гъоз. Гурони гъозул гIакълу-лъаялъе, черхалъе кьолеб гIакъуба букIунаро, жидерго болжал лъугIизегIан чIун рукIуна».
Кин букIаниги Россиялда кавказияздехун гIемер беццилеб бербалагьи гьечIолъи бичIчIула улкаялъул прессаялдасанги машгьурал политологазулгун экспертазул церерахъиназдаса ги.
Черкесова Аня: «Нижеда лъала Аслание хIукму Россиялъул гражданинасе гIадин, хас гьабун кавказиясе гIадин къотIараблъи. Славяназул миллаталъул вукIаравани гьебщинаб сон кьолароан. Гьанивин абуни славяназул квердасан миллион чи хола, гьелщинал соналги кьоларо. ГIисинлъимал инжитги гьарун, чIван, цинги консервазде сверизарун кваналел чагIазе микьго яги ичIго сон кьола, живго чIвангунгутIиялъ е цIодорлъи гьабуралъухъ дир вацасейин абуни къого сон кьуна».
Гьедин абуна ЭР-ялъе Аслан Черкесовасул яц Аняца. Гьелъги эбелалъги Россиялъул Генералияб прокуратураялдег ун цIех-рехалъул комитеталде хитIаб гьабун буго дагьалъ цебе. Аслан туснахъалъув чIвазе бегьулин абураб хIинкъи буго гьезул.
Мун гьаниса чIаго къватIиве ворчIуларилан кIалал гьикъун рагIула Красноярскиялда жанив тIамун вугев Черкесов Асланида колониялъул хIалтIухъанас. Дагьалъ цебе хабар баккун букIана гьев гьенир жанир ругез вухун рагIулиланги.
ЗагIипго вукIиналъ азарханаялда вегизавурав гьев хIинкъун вукIун вуго жив загьруги кьун хвезавилилан. Гьедин вакъун чIарав гьесде цIа-кан бахун буго. Гьединаб хIалалда вукIаниги Аслание гьабулеб дару-сабаб букIун гьечIо, гьесул яцалъ бицухъе.
73 абилеб къануналда рекъон, Аслан жанив тIамизе ккола яги такъсир гьбаураб бакIалда – Москваялда, яги жинца гIумру гьабулеб бакIалда – Нальчикалда. Амма низам цIунулел тIирун чIун ругин гьев Красноярскиялда вукIине кколинги абун. Гьелъие гIиллаги баян гьабулеб гьечIила. Гьедин бицана ЭР-ялъе Черкесова Аняца.
МоцIие щуазарго гъурущ гIечIеб жо гурони пенсияги щоларей, Асланил васги хьихьизе кколей жиндир эбелалъул рес гьечIин щибаб нухалда Нальчикалдаса Красноярскиялде щвезегIан Асланида хадуй туснахъалде хьвадизеян абуна Аняца.
Черкесова Аня: «Дида ккола Красноярскиялде ургъунго витIанин гьев колониялъул хIалтIухъабазда хадуб нижер хъаравуллъи букIинаредухъила
ГIемерисеб мехалда Кавказалдаса къватIир щай тсунахъ гьарулелали бицунеб буго ГIабасова Сайбатица. Гьей ккола полковник, Гъизилюрталда бугеб руччабазул колониялъул нухмалъулей.
ГIабасова Сайбат: «Дагъистаналдаги Чачаналдаги гьечIо, масала, терроризмалъе яги гьелда релълъараб цогидалъе гIоло гIадамал жанир тIамулел хасал колониял. Гьединлъидал гьел Россиялде ритIула. Гурони жинца гIумру гьабулеб бакIалда гIагардегIан толеб гIадат буго туснахъ гьавурав, ялъуни такъсир Россиялда гьабун батани, гьев дова тола. Амма рукIа-рахъиналъу
Цо заманалда абулеб букIаан Чачан Республикаялъул нухмалъулев Къадиров Рамзаница тIалаб гьабулеб бугин туснахъалда лъезе хIукму къотIарал киналго чачанал Чачаналде рачIинаризе ругин жанир тIамизе.
Гьелъул рахъкколеб буго Дагъистаналдаса ГIабасова Сайбатицаги.
ГIабасова Сайбат: «Щибаб моцIалъ Дагъистаналдаса, Чачаналдаса Якутиялде яги цогидаб бакIалде туснахъ гьарурал жидер гIагаралгун дандчIвазе ине куталда захIмалъизеги захIмалъула гIадамазе, сваказеги свакала гьел. Гьединлъидал гIезегIан лъикIал рахъал руго туснахъ гьарурал киналго ракьцоял цохIо жидерго республикаялда тезе кколин абураб пикруялъулъ».
Малик ккола Бельгиялда гIумру гьабун вугев чачанав. Жиндиргун миллатцоязулго гIадаб ургъел буго гьесие гIайиб гьечIого Россиялъул туснахъазда лъурал ингушазулги, цогидал кавказиязулги. Гьединлъидал кIвараб жо гьабулеб буго гьел эркен гьаризеги. Масала, гьес тIаде босун буго гьедин туснахъ гьавурав щуго чачанасе кумек гьабизе. Изну гьечIого яргъид гIуцIаразда гъорлъ рукIиналъул гIайибги гIунтIизабун гьезул лъабгояв 9 – 18 сонги кьун Уфаялда жанив тIамун вуго. Телефоналги нахъе росун рукIиналъ гьезулгун бухьен гьабизе щолеб гьечIо Маликие. Амма гьесда лъалеб буго гьезие гIакъуба кьолеб букIин. Маликица ЭР-ялъе бицухъе, цохIо чачаналгун ингушал рукIиналъ хIакъир гьарулел ругин гьелин абулеб буго Маликица.
Малик: «Гьеб колониялда хIалтIулел руго Чачаналда рагъулел рукIарал низам цIунулел. Гьединлъидал нилъер гIолохъабазе гIакъубаги кьолеб бугеб, гIицIго гьелъие гIоло. Чачаналги, ингушалги, дагъистаниялги – гьеле гьез гIакъуба кьолеб лъабго миллат».
Маликица бицана хас гьабун «обиженка» абулеб камераялъур тIамулел ругила колониялъул хIалтIухъабаз туснахъ гьарурал. Гьел кколила бищун нахъе ккарал чагIи тIамулеб камера. Гьебги ургъунго гьабулеб бугила кавказиязул напс гIодобегIан гьабизе.
Малик: «Россиялъ щиб абуниги, гьабулеб буго. Дида лъаларо, жидерго халкъалъул ургъел щай гьазие букIунаребани».
Щиб хIалалда гьел ругелали цIех-рех гьабизе, яги гьезухъе щвезе ракьцоялги инсанасул ихтиярал цIунулелги къватIире щай рахъунарелали бичIчIулеб гьечIо гьесда.
Маликица бицараб тасдикъ гьбауна ЭР-ялъе колониялда хIалтIулев вукIарав Гъуниб мухъалдаса Абакаров МухIамадгIарипиц
МухIамадгIарип: «Гьеб жо битIараблъун рикIкIине бегьулеб жо буго, дир хIисабалда. Щайгурелъул гъора жанир хIалтIулезулги, жанир тIамуразулги гьебго пикру букIана. Чачаналда рагъулел рукIарал низам цIунулезул бербалагьи нилъераздехун цIакъго батIияб букIунеб буго. ХIалтIизе дове, Россиялде арал нилъераз бицунеб жоги гьелдаго релълъараб букIуна».
Амма МухIамадгIарипиц
Хасуев Ражаб: «Шагьаразда гIадатиял гIадамазда гьоркьобги букIуна жидерго миллатчилъиги цогидабги. Жанир тIамурал чагIазул букIуна жидедаго гьоркьор хасал къануналги, рукIа-рахъиналъу
Кин букIаниги Россиялда кавказияздехун гIемер беццилеб бербалагьи гьечIолъи бичIчIула улкаялъул прессаялдасанги машгьурал политологазулгун экспертазул церерахъиназдаса
Черкесова Аня: «Нижеда лъала Аслание хIукму Россиялъул гражданинасе гIадин, хас гьабун кавказиясе гIадин къотIараблъи. Славяназул миллаталъул вукIаравани гьебщинаб сон кьолароан. Гьанивин абуни славяназул квердасан миллион чи хола, гьелщинал соналги кьоларо. ГIисинлъимал инжитги гьарун, чIван, цинги консервазде сверизарун кваналел чагIазе микьго яги ичIго сон кьола, живго чIвангунгутIиялъ
Гьедин абуна ЭР-ялъе Аслан Черкесовасул яц Аняца. Гьелъги эбелалъги Россиялъул Генералияб прокуратураялдег