ЖамгIияталдаса бахчараб бесдал лъималазул проблема

Митингалги тIоритIун лъугIана Россиялъул бесдалазул проблемаги, гьезие гIицIго Цолъарал Штатазда гьабулеб къварилъиялъулги бицун лъугIана. КидалъизегIан? ЦIидасан цоги лъимер хванин Цолъарал Штатазда, гьеб хьихьизе бачаразул кIвар гьечIолъиялдалъунилан рагIизегIанищ?
Бесдал лъималазул проблемайищ кIвар бугеблъун кколеб митингазде рахъиналъе, яги халкъазда гьоркьосел къецазул къурбаналлъунищ лъималазул къисмат кколеб бугеб?

ХIакъикъаталдаги Россиялдаса хьихьизе рачарал лъималаздехун цолъарал щтатаз гьабулеб бербалагьиялдаса разигьечIелищ митингазде рачIун рукIарал? Яги «Магнитскиясул къануналде» данде Россиялъул рахъалъ къабул гьабураб «Дима Яковлевасул къануналъул» рахъ кквезелъун къватIибе бахъинабураб халкъищ букIараб?

РакIбацIадго бесдал лъималазул рахъ кквезелъун, гьезда ракIги гурхIун рачIарал митингалда рукIараблъи, нахъ чIвазе бегьулеб хIакъикъат гуро.
Амма митингалда гIахьаллъараз гьелдаса хадуб жиде- жидер блогазда хъвараб цIалулаго, ниж тIаде ккана гьадинабги хъвай хъвагIаялде:

«Жакъа телевизоралъухъ балагьун рукIарал ратании яги радиоялъухъ гIенеккуни рукIарал ратании, нужеда рагIун батизе буго бицунеб, лъималазул рахъ ккун митингалда гIалаллъаразул гIарзал, жидее кьезе рагIи кьураб гонорар кьечIин абун»

Гьедин хъвалеб буго «Live internet» тIамчида жиндирго блогалда Полина Ухановалъ 2 марталда тIобитIараб митингалдаса хадуб.

Цолъарал штатаз «Магнитскиясул къанун» къабул гьабизегIан щайха Россиялъул бесдалазул проблемаялъул хIакъалъулъ митингал тIоритIулел рукIинчIел?
Митингал гурел, цIех-рехал тIоритIизе карал ва чанго лъималазул рукъалъул тIадтарав туснахъалде ритIизе колел хIакъикъатал къватIире чIвазарулел ги ругин экспертаз.

Россиялъул лъималазул рукъзабахъ бугеб ахIвал-хIалалъул жалго лъималаз бицунелъухъ гIенеккани, туснахъалдасаги квешаб ахIвал-хIалалда щай гьел тун ругел?

Гьезул проблемабазул хIакъалъулъ лъаларогонищ тIадтаразда, яги къваригIараб мехалъ къватIире рахъизе нахъе лъунищ гьединал проблемаби рукIунел Россиялда?

Мисалалъе ракIалде щвезабуни 2009 соналда киназдаго рагIараб хIужжа «Newsland.com» интернет тIамчида хъвараб « Россиялъул лъималазул рукъзабахъ ахIвал- хIал туснахъаздаса квешаб буго» -ян абураб.

Тула мухъалда Кимово шагьаралда бугеб лъималазул рокъоса нухмалъулезул гIадлуялъухъ гIенеккичIев Саша Самойлов психиатриялъул азарханаялде щвезавун вукIараб куц.

Сашал адвокат Клара Воробьёвалъ абухъе, россиялъул лъималазул рукъзабахъ гьеб кидагоги гьабулеб хIалбихьи буго. БатIи -батIияб багьанаги батун, санаториялде янги абун, лъимал психиатриялъул азарханаялде щвезари.

Саша Самойловасул 18 сон букIана гьеб лъугьа-бахъин караб мехалда. Сашал къисматалдейин абуни лъималазул рукъзабахъ Россиялда 5-6 сон баралдаса нахъего ккезарулел руго лъимал.

2012 соналъул 5 июлалда Москваялда тIобитIараб гургинаб столалда цIалараб, инсанасул ихтияразда тIасан гражданазул комиссиялъул президент Татьяна Мальчиковалъул «Гьанжесеб жамгIияталда бесдал лъимал кин цIунилел»- абураб каламалда кIвар буссинабулеб буго тIадехун рехсараб проблемаялде.

Татьяна Мальчикова: «Бесдал лъималазул тIолго проблемабазде гъорлъеги лъугьинчIого, дие бокьун буго кIвар буссинабизе жамгIияталъул бералдаса бахчараб проблемаялде. Халкъалда рагIизе гьеб гьабуниги цо-цо къанун цIунулезда бичIулеб гьечIо, кIвар гьабичIого тани гьеб проблема сунде сверизе бегьулеб улкаялъеяли.

Цо мисал бачина дица, 2009 соналда ккараб. Москваялда аскIоб бугеб мeхъалдаса 10 сон барав Володя эбелалда аскIоса нахъеги вачун кьун вукIана психологиялъулгун реабелитациялъул централде. Гьенир ритIула лъимал. 3-6 моцI бахъула лъималазул рокъоре ритIизе хIукмуги къотIизе, документал хIадуризегIан.

Гьеб централда тарбиякьолез жтдедаго квегъизе кIоларел лъимал ритIулел руго психиатриялъул азарханаялде. Гьеб кидагосеб хIалбихьи буго централда гьабулеб».

Лъимал кодоре щварабго психиатраз жидерго хIалтIи байбихьулеб буго. Гьенир гьарурал инъекцияз, лъималазда кIалъазеяли щай гурин бажарулеб, гьел хIалица хIатIазда рахъун чIолел гIадал лъугьунел руго .

Гьеб централдасан кIицIул тIурулев вукIун вуго Володя . Хадуб ккун тохтур-психоневрологас гIадав легьичIин, амма социумалда вукIавахъиналде хIадурав гьечIин чIезавун вуго Володя. ВитIун вуго психиатриялъул азарханаялде.

Гьарулел рукIун руго дараби, чIахIияздаги цин хIехьезе захIматал къуваталъул.
Мисалалъе «Аминазин». Тохтурзабаз бицахъе гьеб даруялъ чIахIиялги цин кIал чвахулел, къаркъала ккун чIезабизе кIоларел лъугьинарулел руго.

Гьеб даруялъ лъимал социумалда рукIавахъине лъалеллъун кин гьарулелали жеги чIезабизе кIун гьечIо. Цо талихIалъ жиндирго кIодо эбелалда кIун вуго Володя психиатриялъул азарханаялдаса нахъе вачине, 6 моцIалъ хадуй лъугьун хадусан».
Гьеб буго гIемераздасан цо мисал каламалъул авторалъ церелъолезда гьоркьосан.

Гьедин руго Россиялъул лъималазул рукъзабахъ лъимал «Кидадай кIудиял гIела, жалго жидецаго тIуран рукIине»- ян хьулазда. Амма киназего гуро талихI кьолеб бугеб. Гьезул гIумру тIубан лъималазул рукъалъул администрациялъул кверщаликь хутIулеб буго.

Психологиябгун -педагогияб комиссиялъ хал-шалги гьабун, щвалде щвечIел абун чIезеги гьарун лъимал ритIулел руго психиатриялъул азарханаялде.

Щай?

Къануналда рекъон лъималазул рокъосан цIалун лъугIун къватIире риччалел лъималазе кьезе ккола рукъзал. Амма гIадалал ругин чIезаруни гьезие рукъзалги кьезеги кьолел гьечIо, гьединал азарханаялдеги ритIун сахлъизаризе лъидал кколел, нахъе босулеб буго гьезул 75% пенсиялъулги.

КигIан пашманлъаниги, гьединаб къисмат буго Россиялъул лъималазул рукъзабахъ гIемерисел лъмалалазул. Официалиял лъазабиязда рекъон гьабсагIаталда Россиялда руго 650 азарго бесдал лъимал. Лъиданиги рачIел экспертаз гьеб тарих цо миллионалде бахинабулеб буго.

Данде ккуни гьеб буго, рагъул заманалдаса хадуб Совет Союзалда букIаралдаса дагьаб цIикIкIараб къадар. Гьединго Россиялда жакъасеб къоялъ руго 4000-ялде рахарал лъималазул рукъзалги.

Ахирал рикIкIеназда рекъон, лъабабилеб бутIа Россиялъул лъималазул рукъзабахъ ругел лъималазул буго психиатриялъул диагноз. Яги гьединаллъун рахъиналда хIинкъи руго.

Хадуб ккун цониги саламатаб хIалтIиги щолареб, саламатаб хъизанги, лъималги гьарунги бажарулареб.