Брюсселалъул зулмуялъул гIайиб Россиялъул тIадтараз Европаялде чIвалеб буго

Брюссель. ЧIегIер баялъул тадбир. 2016 соналъул 23-билеб март.

Брюсселалда рукIарал терактаздаса хадуб Россиялъул цо-цо пачалихъиял хъулухъчагIаз Европаялъул тIадтарал какизе байбихьана.

Your browser doesn’t support HTML5

Брюсселалъул зулмуялъул гIайиб Россиялъул тIадтараз Европаялде чIвалеб буго

Брюсселалда аскIоб бугеб Андерлехт абулеб гьитIинаб шагьаралда полициялъ рейд тIобитIулаго, ккуна 22 марталда Бельгиялъул тахшагьаралда кьвагьдари гьабиялда шаклъи бугев Нажим Лаашруаи. Гьелда цебе лъазабун букIана, Брюсселалъул аэропорталде тIаде кIанцIанин жалго жидецаго чIвазе хIукму гьабурал вацал Халид ва Брагьим Бакрауви.

Халид Бакрауви

Гьел кколаан Парижалда гъоркьисала ноябрь моцIалда рукIарал терактаз аслияв гIуцIарухъанлъун рикIкIунев, 18 марталда Бельгиялда ккурав СалахI ГIабдельсаламгун щулиял бухьенал рукIарал гIадамал. Вала-гъалагьулев вугин лъабабилев террорист, ян лъазабуна полициялъ.

Гьесул сипат-сурат видео хал кквей гьабулел камеразул хъвай-хъвагIаялда бихьулеб бугин «Завентем» абулеб Брюсселалъул аэропорталда кьвагьи бахъизегIан.

Лъабабилеб кьвагьи бахъана Евроцолъиялъул идарабазул минабазда аскIоб бугеб "Маальбек" абулеб метроялъул станциялда. ГIаммаб къадаралда талат къоялъ Брюсселалда гьабураб зулмуялъул хIасилалда 34 чи чIван, 250 гIанасев чи лъукъун вуго.

Терактазул жавабчилъи тIад босун буго Евроцолъиялда, Америкалъул Цолъарал Штатазда, Россиялда ва цогидал улкабазда гьукъараб ва террористикияблъун рикIкIараб «Исламияб пачалихъ» абулеб гIуцIиялъ.

23 марталдаса байбихьун Бельгиялда лъазабун буго чIегIер баялъул лъабго къо. АрбагI къоялъул къад Бельгиялъул къирал Филиппица ва премьер-министр Шарль Мишелица сихI къотIиялъул дакъикъа лъазабуна. Гьединго лъазабун буго жамгIияб хIинкъи гьечIолъиялъул бищун борхатаб даража. Брюсселалда патруллъи гьабулеб буго аскарияз.

Брюссель. СихI къотIиялъул дакъикъа. 2016 соналъул 23 март.

Талат къоялъул сардилъ нус-нус чи вакIкIарун вукIана Брюсселалъул тарихияб бакьулъ. Гьениб гьез чIваразул хIурмат гьабулаан.

Брюсселалда терактал гьарун хадусала тIолго Европаялъул улкабаздаги ахIуд рахъинарун руго полициялъулал.

Франциялъул премьер-министр Мануэль Вальсица ахIи бана Евроцолъиялъул гIурхъаби жеги кьварараб къагIидаялъ цIуниялда. Талат къоялдаса байбихьун Европаялъул киналго аэропортазда щулалъизарун руго хIинкъи гьечIолъиялъул шартIал.

Россиялъул президент Владимир Путиница зигара бана Бельгиялъул халкъалда, цого мехалъ Россиялъул официалиял хъулухъчагIаз кватIичого Европаялъул тIадтарал какизе байбихьана, гIайиб жибго Европаялда буго, ян абулаго.

Аслияб гIиллалъун гьезда бихьула кIицIул стандартал. исламияб терроризмилан абулеб хIакъикъаталде данде Москвагун цадахъ рекъон Европаялъги къеркьей гьабурабани, гьадинал вахIщиял хIужаби дагьлъилаанин.

Амма гьадинаб къеркьеялъул бакIалда Россиялъул пуланаб хIинкъиялде данде чIун руго Евроцолъиялъул улкаби, ян абулел пикраби тIиритIизарулел руго Россиялъул хъулухъчагIазги гIалимзабазги жидерго социялиял ва официалиял сайтазда.

Масала Россиялъул пачалихъияб Думаялда бугеб халкъаздагьоркьосел ишазул комитеталъул бетIер Алексей Пушковас жиндирго Твиттералда гьадин хъвалеб буго: «НАТО-ялъул Генералияв секретарь Йенс Столтенбергица Россиялъул пуланаб хIинкъиялъукьа Латвия борчIизаби мурадалда гьенир аскариял ритIулеб мехалда жибго Брюсселалда кьвагьдари рагIулеб буго».

Алексей Пушков.

Хас гьабун Алексей Пушковас Твиттералда зигара балеб буго чIваразул гIагаразде ва тIаде жубалеб буго гьадин: «Заман щун буго бичIчIизе кисан унго-унгояб хIинкъи щолебали. Европаялда тIадаб буго жиндирго къуватал Россиягун цолъизаризе».

Дагьалъниги ццидалаб баян гьабуна Россиялъул къватIисел ишазул министерлъиялъул пресс-секретарь Мария Захаровалъ «Комсомольская правда» газетаялъе интервью кьолаго:

«Бегьуларо бакI-бакIалда ругел террористазе квербакъи гьабулаго, божизе, гьел дораса нужехъеги рачIине гьечIолъиялда. Бегьуларо цо террористал лъикIал ругин, цогидал квешал ругин абулеб пикру гьабизе. Бегьуларо ГIагараб Машрикъалда ва Шималияб Кавказалда ругел террортстазе квербакъи гьабун, гьезда хьул лъезе»,- ян абулеб буго Мария Захаровалъ.

Россиялъул президент Владимир Путиница цо гуреб нухалъ Цолъарал Штатазде ва Магърибалъул цогидал улкабазде гIунтIизабуна Шималияб Кавказалда яргъид гIуцIаразе кумек гьабиялъул гIайиб. Амма Вашингтоналъ ва Евроцолъиялъ гьеб нахъ чIвалеб буго.