Араб соналда Россиялъ гьукъана жамгIиял бакIазда хъалиян бухIи, Украиналъул шоколад, стадионазде алкогольгун рачIине. I июлалъ рухIалде бачIана нормативияб гуреб лексика хIалтIизаби гьукъулеб къануналъул хиса-басиялги.
Къанун бахъи данде кколеб буго, Кремлалъ гIурус мацIалъул бацIалъи цIуниялде гьанже буссинабулеб хасаб кIваралде. Къануналъ гьукъулеб буго чурукал рагIаби хIалтIизаризе информалатазда, адабияталъул асаразда, телевидениялда, театразда, киноялда, концертазда, экспозициязда. Амма къанун хъвазе гьечIо гIицIго гьединаб калам хIалтIизабулеб букIиналъул хIакъалъулъ лъазаби хъварал рагьичIеб къагIидаялда ричулел тIахьазда ва дисказда. Къанун хвезабурал гIадамазда лъезе бегьула 70 доларалде щун, гьелъул къадар 1400 бахине бегьула, бизнесалъул бицен гьабулеб бугони.
Къануналда хутIулел руго гIемер кIиго къагIидаялда бичIине бегьулел абазацал ва мухIканлъи гьечIел формулаби. Къануналъул хиса-басиязул автораз абулеб буго къанун хвезабулеб букIин чIезабиялда хурхун захIмалъиял раккараб мехалда, жидерго берблагьи загьир гьабизе бугин экспертазул къокъабазин.
Цо-цо экспертаз абулеб буго къануналда мухIканлъи гьечIолъи хIалтIизабизе бегьулин рагIул эркенлъиялъе гIорхъаби чIезабиялъул элемент хIисабалдагиян. Гьелда сверун гьанже кIудиял бахIсал унел руго Интернеталдаги, информалатаздаги.
Цогидазул пикруялда, чурукаб лексика кколеб буго гIурус мацIалъул бечелъиялъул элемент ва гьеб гьукъи кIудияб гъалатI кколеб буго. Гьединаз кIвар буссинабулеб буго нормативияб гуреб лексикаялъул словарал рукIиналде. Гьез абулеб буго, Александр Пушкиницаги Михаи Лермонтовасги жидерго асарал цо-цо нухалда гьединал рагIабаз «бечелъизарулел» рукIанин. Гьединаб ресалдаса гьебго литература «махIрум» гьабуни, гIурусазул росоялъул, гIурус гIадамазул хасият мухIканго бихьизабизе кIвезе гьечIин.
Хъвадарухъан Виктор Ерофеевасги абулеб буго, гIурусазул кIалдиб «мат» гьеб, хIухь цIай гIадаб, ругьунаб жо кколин. ГIурус гIадамазда жидедаго гьединал рагIаби хIалтIизарулел рукIинцин берцинго бихьулеб гьечIин.
Гьесдасаги довегIан ун вуго Россиялъул кинорежиссер Никита Михалков. «Утомленные солнцем» фильмалъул авторас гьаб анкьалда беццана гIурус «мат», гьес гьеб бихьизабуна гIурусазе щвараб кIудияб бергьенлъи хIисабалда.
Драматург Дмитрий Рябовас абулеб буго, нормативияб гуреб лексика гIурус мацIалда бугеб жо кколин, цоги рахъалъа балагьани, гьеб инструмент гIадаб жо кколин. Жиндиаса хIинкъи бугеб бокьараб инструмент гIадин гьеб хIалтIизабизе лъазе кколин. Гьеб кколин скальпель гIадаб жо. Хиругас гьелъул кумекалдалъун гIумру хвасар гьабулин. ГIабдуласухъ гьеб инструмент яргъиде буссунин.
Санкт-Петербургалда, Казаналда, Краснодаралда, Гъоркьяиб Новгородалда ва Новосибирскалда къанун къуваталде бачIиналде къоялъ цебе, 30 июналда, тIоритIун руго нормативияб гуреб лексика гъорлъ бугел асаразул жамгIиял цIалиял, бихьизабун буго гьединго гьединаб киноги.
Москваялъул адабияталъул институталъул гIалимчIужу, фольклорист Татьяна Сухановалъ абулеб буго, гIурус «мат» букIине ихтияр батилин мацIалда гьеб нус-нус соназ букIин ракIалде босаниян. «Гьеб сундуениги къварагIаб батилаха.» - ян жубалеб буго гьелъ.
Гьедин букIаниги гьелъ гIадамал ахIулел руго гIорхъаби лъан рукIиналде. «Нилъер культураялъул элемент гьеб букIин ракIалде босун, гьелде нилъер гьаялде гIадаб бербалагьи букIине ккола, къваргIел гьечIого гьеб хIалтIизабизе бегьуларо. Дида лъалев вукIана гьединаб лексика жигарго хIалтIизабулев кIиго чи. Гьелъул интерес букIана гьезие жидеего. Дир сверухълъиялда ругезе гьелде интерес кинабгIаги букIинчIо.» ян абун лъугIинабулеб буго гьелъ жинидрго калам.
Кинаб бугеб беребалагьи гьеб къануналде гIадатиял россиялъулазул. Москваялъул къватIазда гьарурал гьикъа-бакъиял.
Цо-цо экспертаз абулеб буго чурукал рагIабазул магIна гIурусаз гIадатиял рагIаби яги магIна гьечIел рагIаби хIалтIизарунцин загьир гьабулин. Къанун хIалтIулеб мехалда гьединаб маталде гIурусал руссине бегьулин, рикIкIунеб буго гьез. Нижер радиоялъул хIалтIухъабаз рехсон руго гьединал рагIаби видеокамераялда цебе.