Шималияб Кавказ инсанасул ихтиярал цlунулезул бераздалъун

Шималияб Кавказалда 2013 соналда ккарал лъугьа-бахъиназул бицунеб букIана цодагьалъ цебе Москваялда тIобитIараб "гургинаб столалда". Терроралде данде къеркьей, вахIщилъи, тухумчилъиялда ва рищватчилъиялде дандечIей, президентазул кьеразда хиса-басиял гIадинал чанги суалал рорхулел рукIана экспертаз гьеб данделъиялда.

Араб соналъул хIисабазул ва хIасилазул бицунеб буго чанги экспертаз . Шималияб Кавказалда хъинтIарал хIасилазул бицунаго, гIемерисел экспертаз рехсолеб буго Дагъистан. Республикаялда ккарал лъугьа-бахъиназ Россиялъул букIинисеб хисизе бегьулин рикIкIунеб буго гьезул цо-цояз.

Республикаялда нухмалъи хиси, гIадамаз президент вищиялдаса инкар гьаби, ракълилаб комиссия къай, суфиязда ва салафиязда гьоркьоб диалог чIезаби – гьелги цогидалги лъугьа-бахъинал рехсана экспертаз декабралъул ахиралда Москваялда тIобитIараб гургинаб столалда.

Гьеб тадбир тIобитIана Халкъазда гьоркьосеб кризисалъулаб къокъаялъул офисалда ва дискуссиялда гIахьаллъана Шималияб Кавказалда бугеб ахIвал-хIал лъалел экспертал (гьезда гъорлъ: инсанасул ихтиярал цIунулел, политологал, журналистал).

Кризисалъулаб къокъаялъул Россиялда бугеб вакиллъиялъул нухмалъулей Екатерина Сокирянскаялъ, Шималияб Кавказалда ккарал лъикIал хиса-басиязул бицунаго, абуна ришватчлъиялда ва политикияб криминалалде данде къеркьезе байбихьанин республикабазда.

Эксперталъул пикруялда рекъон, 2013 соналда гьеб къеркьеялъул центрлъун ккана Дагъистан. Саид Амиров кквеялдаса байбихьана кампания ва хадур низам цIунулез такъсир гьабиялъул ишал рагьана мухъазул бутIрузда хурхунги. Сокирянскаялъ бицана жиндие бокьанин Рамазан ГIабдулатIиповас байбихьудаго абурабщинаб. Тухумчилъи, ришватчилъи, хIакимазул кьерал рацIцIад гьари – гьединаб программагун вачIанин жив Дагъистаналда илан абулеб букIана январалда республикаялъул нухмалъулевлъун тарав ГIабдулатIиповас.

Сокирянскаялъ бицана Дагъистаналъул политикияб системаялдаса къокъаб заманаялда жаниб ГIабдулатIиповас даргиязул кланал нахъе реханин. «Нилъеда бихьана даргиязул кIиго тухум хIукуматалдаса рикIкIад гьабураблъи ГIабдулатIиповас, амма цогидал кланаз жидерго къуват тIадеги къвакIизабуна. ГIемерисала ГIабдулатIиповасул кумекалдалъун. Тухумчилъиялде данде къеркьей халатбахъинчIо Дагъистаналда», - илан абуна эксперталъ.

Гьединго эксперталъ абуралда рекъон, терроралде дандекъеркьей Дагъистаналда 2013 соналда вахIшилъана. Гьелъ абухъе ракълилаб комиссия къана ва цогидаб рагьараб комиссиялъул хIалтIул хIасилал кинал ругелали лъалел гьечIо, гьезие къимат кьезе щолеб гьечIо. Гьанибго абун тела, цодагьалъ цебе низам цIунулелгун цадахъ ГIабдулатIиповас гьабураб данделъиялда, республикаялъул нухмалъулес абунабукIана, 2013 соналда ракълилаб гIумруялде тIадвуссинавунин изну гьечIого яргъид гIуцIаразде гъорлъе унезда гьоркьосан кIикъого чи.

Гургинаб столалда Сокирянскаялъ гьединго абуна, араб соналда салафитаздехунги бербалагьи хисанилан Дагъистаналъул хIукуматалъул. «Салафитазул ясли-ахал ва школаби къана, гьезул мадрасал къана, спортивиял клубал къана. Салафитазул диниял церехъаби хIинкъизарулел руго респблукаялда, гьезда гьоркьосан цо-цоял цогидал улкабазде гочана. Гьединго изну гьечIого яргъид гIуцIаразул гIагаразе рахIат толеб гьечIо низам цIунулел идарабаз. Гьединаб рукIа-рихъингун къуваталъулаз жидецаго гIолилал рохьазде ине тIамулел руго», - ян абуна эксперталъ.

Гьанибго тIаде жубала, цодагьалъ цебе «Эркенлъи» радиоялъе Сокирянскаялъ абун букIана МухIамадсалам МухIамадов президентлъун вукIараб мехалда Дагъситаналда салафияздехунги, рохьилазул гIагараздехунги бербалагьи букIанин либералияблъун.

ГIабдулатIипов вачIаралдаса хадуб ахIвал-хIал тIубанго хисанин, рикIкIунеб буго Кризисалъулаб къокъаялъул Россиялда бугеб вакиллъиялъул нухмалъулелъ. Мисалалъун гьелъ рачана Генуб ва Буйнакскалда карал лъугьа-бахъинал. «Рохьилазул гIагаразул минаби кьвагьизаруна рагъулаз, гьединго рохьилазул гIагаразухъа хIацIу бакIарулеб буго ДНК-картотека гьабиязеян. Салафиязул бицунаго Рамазан ГIабдулатIиповги хъачIго кIалъала», - ян абуна Сокирянскаялъ.

Эксперталъ рикIкIунеб буго, Дагъистаналъул хIукуматалъ хIаракат бахъине кколин къуватги хIалтIизабичIого изну гьечIого яргъид гIуцIаразда данде къеркьезе.

«Новая газеталъул» хасай мухбир Ирина Гордиенкоца рикIкIунеб буго Шималияб Кавказалда гьанже къуваталъул гурони методал хIалтIизаризе гьечIилан. Гьединаб буюрухъ федералияб централдаса бачIанилан абуна гьелъ гургинаб столалда.

«Къуваталъул нух тIаса бищун буго Дагъистаналда гуребги, Ингушетиялдаги, Кабардино-Балкариялдаги. Мисалалъе, Кабардино-Балкариялда нухмалъулевлъун тана Юрий Коков. Жиндир заманалда гьес Жанисел ишазул министерлъиялда гIуцIана экстремизмалде данде къеркьолеб департамент», - илан абуна Гордиекоца.

Журналисталъ абухъе, къуваталъул нух федералияб централъ тIаса бищана Сочилда тIоритIинезесел олимпиялъул хIаязе гIоло. Амма гьеб нухалъ хвезарулел руго гIезегIан къоги бихьун ратарал ракълилал механизмал илан риккIкIунеб буго эксперталъ.

Гьелъ гьединго абуна Шималияб Кавказалда ругел кланаздеги коррупциялдеги данде къеркьезе бокьун гьечIилан Кремлалъе. Мисаллъун Гордиенкоца бачана Саид Амиров кквей. «Гьесда гIунтIизарурал гIайибазе ратулел гьечIо хIакъикъиял далилал, хIужжалъун чIолел алатал. Экономикаялъул такъсиразда гьоркьосан гьесда хурхун рагьараб цониги иш гьечIо. Щайгурелъул гьел такъсиразул лъалкIал ратизе руго Москваялда», - илан абуна Гординекоца.

Халкъазда гьоркьосеб кризисалъулаб къокъаялъул Москваялда бугеб офисалда тIобитIараб гургинаб столалда гIахьаллъана инсанасул ихтиярал цIунулеб «Мемориал» централъул шураялъул нухмалъулев Александр Черкасовги.

Гьесги бицунеб букIана терроралде данде къеркьолаго къуват гурони хIалтIизабулеб букIинчIилан гъоркьисала. Черкасовасул пикруялдаги рекъон, гьеб кинабго олимпиялъул хIаязе гIоло бачунеб политика ккола.

Машрикъ лъазабиялъул институталъул вакил Михаил Рощиница абуна данделъиялда Шималияб Кавказул жиб-жиб республикаялда политикиял батIи-батIиял процессал унел рукIанилан ва чIван-къотIараб къимат гьезие кьезе захIмат бугилан.

Михаил Рощин: «Мисалалъе Чечняялда экономикияб ахIвал-хIал лъикIлъулеб буго. Гьеб бараб буго федералиял дотацияздаги, республикаялъул нухмалъулесдаги. Гьенир рукIарал рагъал хIисабалдеги росун халгьабе ругел хиса-басиязул. Дагъистаналда бугеб ахIвал-хIалалъе чIванкъотIараб къимат кьезе захIмат буго. Республикаялда чанги батIи-батIиял лъугьа-бахъинал ккана. Мисалалъе, Рамазан ГIабдулатIипов Дагъистаналъул нухмалъулевлъун тей – гьеб ищ лъикIабищ яги квешабищ бугеб абизе кIолеб гьечIо. Цояб рахъалдасан гьес политикияб ахIвал-хIал хисизабуна республикаялда. Цогидаб рахъалдасан оперативияб ахIвал-хIал хIалуцана Дагъистаналда. Амма кин букIаниги, дица рикIкIуна, бокьараб хиса-баси кколин лъикIаб ишлъун».

Экспертас гьединго абуна, диналъул тIалабал тIураялъул рахъалъан эркенлъи бищун цIикIкIараб регионлъун хутIулеб бугилан Дагъистан.