«Настоящее время» газеталъул бетΙерав редактор Фатулаев Милрадица цΙидаса борхизабулеб буго дагъситаналъул гΙолилал армиялде ахΙиялда хурхараб тема. Гьес риккунеб буго, республикаялдаса рагъул хъулухъалде ахΙулезул къадаралда сверун Улка цΙуниялъул министерлъиялъ гьарулел манипуляцияз дагъистаниязул ризго пикраби раккизарулел ругин, пачалихъалъ жиндирго регионазулгун гьоркьорлъаби этникиябгун динияб принципалда гΙуцΙулеб ругин абурал. Журналистасул пикруялда, гьединаб къагΙидаялъ улка бикь-бикьун иналъул хΙинкъи тΙадеги цΙикΙкΙинабула.
Ахирисел соназда рагъул хъулухъалда сверун зама-заманалдаса гьарулел хиса-басиял аслияб къагΙидаялда хурхарал руго Шималияб Кавказалъул республикабазда. Чачаналъани рагъул хъулухъалде ахΙулел гьечΙин абизе бегьула Совет Союз биххаралдаса. Дагъистаналдаса армиялде ритΙулезул къадар бигьа-гьабун дагьлъизабуна бихьулеб къагΙидаялъ кΙиазарабилеб соналдаса хадуб. Ахирисел соназда гьеб къадар щвезабуна минимумалде.
Фатулаевас абулеб буго, официалияб къагΙидаялда гьединал галабазул магΙна лъицаниги загьир гьабичΙин. Рагъулазул командованиялъул вакильзабаз багьана хурхинабулеб рагΙула «дедовщинаялда». Амма кавказалъулал гьечΙел рагъул бутΙабазда гьеб «дедовщина» гьечΙинги лъицаниги абулеб гьечΙо. Цингиги жидее бокьараб мехалда батΙа-чΙараб, нилъел мисалалда Дагъистаналдаса армиялде ритΙулезул къадар цин дагьлъуизаби, хадуб цΙикΙкΙинаби – гьеб данде кколарин конституциялден абулеб буго журналистас, хасго конституциялъ битΙахъего киналго гражданазул налъилъун рагъулаб хъулухъ гьаби бихьизабун букΙин ракΙалде босани. Гьеб кколин рагъул къватал зарал ккезабулеб къагΙидаян рикΙкΙунеб буго гьес.
Фатулаев Милрад: «Армияллда низам чΙезабизеян абун хΙалтΙизарулел руго бокьарал къагΙидаби, жибго Устав ва къанунал хΙалтΙизари хΙутΙизегΙан. Гьел киналго проблемаби – «дедовщина» ва гьелде данде къеркьеялъе хΙалтΙизарулел къагΙидаби, рагъул къватазде гΙолохъаби ахΙиялъе территориалиял, миллиял, диниял ва цогидал принципазда рекъон квотаби хΙалтΙизариялъ, армия хвалиде бачунеб буго. Устав хΙалтΙулеб гьечΙони (гьебин абуни, ккола гьелъул халтΙи бихьизабулеб аслияб документ), къанун хΙалтΙулеб гьечΙони, гьеб ккола армиялда низам гьечΙин абураб жо. Низам гьечΙеб армия щиб кколебали, бичΙчΙинабизе кколеб жо гуро сахав чиясе.»
Фатулаевасул абулеб буго Армия биххиялдаса цΙуниялъе щибниги ургъизе кколарин. ГΙолин гΙицΙго армиялъул аслияб къанун Устав ва битΙахъеб асар бугел къанунал хΙалтΙизаруниян.
Фатулаев Милрад: «Рагъулазул пуланаб квешаб хьвада-чΙвади, букΙине те гьеб кавказуалъулазул, батΙалъи гьечΙо, гьеб уставалде данде кколеб гьечΙони, гьаризе ккола рекъарал тадбирал. Гьезул руго командирал, руго тарбиял кьеялъул жавабчилъи бугел офицерал, регионазда руго гьезул военкоматал. Ахирисез бухьен гьабизе ккола эбел-инсулгун, ахир-къадги руго гьезул данде кколеб реакция загьир гьабизе кколел рагъул прокурорал. Къанунал хΙалтΙизаризе ккола жалго рагъул къувавтазда жанир раккулел проблемаби рагΙалде рахъинариялъе. Гьел механизамал хΙалтΙулел гьечΙони, гьеб ккола гΙицΙго нилъер къанунал хΙалтΙулел гьечΙин абураб жо."
Цо-цоязул пикрялда, армиялда Шималияб Кавказалдаса гΙолохъабазда хурхун хΙалтΙизабизе кколин къайимлъиялъул къагΙидайин. Ай, рукΙине кколин гьезул хьвада-чΙвадиялда ва гьез рагъулаб хъулухъ тΙобитΙиялда бан жавабчилъи бугел гΙадамалин яги гΙуцΙиялин. Фатулаевасул пикруялда гьебги ккола тΙокΙаб къагΙида.
Фатулаев Милрад: «Кавказалъул республикабаздасан рагъул хъулухъалде ахΙулезда хурхун къайимлъи гьабиялъул институт хΙалтΙизабиялъул пикруялъги тамашиалъизарулел руго. Гьеб кколеб буго пуланал хъулухъчагΙаз яги киналиго жамгΙиял гΙуцΙабазул бутΙруз, абухъего, «политикиял улбузул» функцияби тΙуразаризе ккезе ругин армиялде ахΙарал гΙолилазда хурхунин абураб жо. Дида бичΙунеб гьечΙо кинаб букΙине кколеб гьезул жавабчилъи армиялдаги жамгΙияталдаги цебе, армиялде ахΙарав чияс устав хвезабулеб бугони. Гьеб кибниги бихьизабун гьечΙо, я къануназда, я Уставалда, кибниги. Бихьизабун букΙаниги, гьелъул кинабгΙаги хΙажалъи гьечΙо, уставалда рекъон армиялда хъулухъ гьабулеб бугони. Гьелда тΙад ургъизе ккола армиялъул бутΙрул.»