Россиялъул «Единая Россия» партиялъул цо-цо депутатазул цебелъеялдалъун, «къватIисел пачалихъазул агент» абураб цIаралъе мустахIикълъизе рес буго коммерциялъулал гурел жамгIиял гIуцIаби гурелги цо-цо информациялъулал алаталги. Гьединаб цIаралъе гьел мустахIикълъизе рес буго къватIисел пачалихъаз «хьихьарал» рукIиналда бан. Гьадин хъвалеб буго Россиялъул информациялъулал алатаз. Амма информалатазул хIакъалъулъ къануналда хиса-басиял гьариялда бан гьабсагIаталда бахIсал унел ругила ва гьеб иш рагIалде бахъине бегьулила хасалихъе Пачалихъияб Думаялда гьоркьоб лъезе босидалин бихьизабулеб буго «Единая Россия» партиялдасан Думаялда вугев депутат Илья Костуновас.
Костунов Илья: «ГIадамазда лъазе ккола ункъабилеб тIалъийин рикIкIунел информалатазе къватIисан лъица лъие гIарцудалъун кумек гьабулеб бугебали ва лъил мурадазда гьел хIалтIулел ругелали», - ян рикIкIунеб буго депутатас.
Амма гьеб масъалаялда тIасан тIубанго данде ккараб пикру гьечIо жалго единороссазда гьоркьобгицин. Масала, Пачалихъияб Думаялъул вице-спикер Железняк Сергейица «Народная Газеталъе» кьураб баяналда абулеб буго гьеб суалалда тIасан хIадур гьабураб къануналъулаб проект жеги хIадур гьабун гьечIин ва гIицIго масъала лъазабиялда тIад хIалтIулел ругин.
«Гьединаб къанун къабул гьабиларин ракIчIун абизе кIоларо. Гьеб суал тIалъиялъе хIажат батани Пачалихъияб Думаялда гьоркьоб лъезе босизеги буго», - ян бицана журналист ГIандийский ГIумаханица.
ГIандийский ГIумахан: «Цо рахъалъ гьеб битIун гьабулебги буго. Щайгурелъул, дидаги дунгIадинал гIадатиял гIадамаздаги лъазе ккола кисан ва щаяли. Масала, Америкаялъ яги цогидаб бокьараб пачалихъалъ букIа миллион доллар ялъуни гъурущ чIобого кьоларо. Щайгурелъул, гьениб цо мурад букIине ккола. ГIадада лъицаниги лъиениги гIарац кьоларелъулха»
Журналист ГIандийский ГIумаханица бицухъе, гьениб бугила хIисабалде босизе кколеб цогидаб рахъги.
ГIандийский ГIумахан: «Нилъер кидаго букIуна гIорхъолъа борчIараб жо. Щайгурелъул, килищ къотIийин абидал гъеж къотIулеб къагIида бугелъулха нилъер гьаниб. Гьединаб жо ккечIонийинха абун хIинкъун вуго дунги».
Журналист ГIандиский ГIумаханица бицухъе, Россиялда рагIуларо эркенлъиялда хIалтIулеб пресса ва гьединаб къанун бахъани, гьелъул магIнаги кколила гьелъул тIубанго щекъер къакъай гIадинаб жо.
«Черновик» газеталъул редактор, юрист ва журналист МухIамадов Бияхъайица бицухъе, гьаб ахираб заманалда улкаялъул тIалъиялъ байбихьун рагIула журналистаздеги инсанасул ихтиярал цIунулездеги тIадецуй гьабизе, гьездаса улкаялъе хIинкъи бугеб гIадин. Гьедин ургъулел ва цере лъолел ругила «бугьтан лъеялъулги» къватIисел улкабазул агентал абураб магIнаялдеги цIалел къанунал.
МухIамадов Бияхъай: «Гьел къанунал гьез къабул гьаруни, журналистазул ихтияр букIине гьечIо хIаким какизегицин. Какани, миллионазул гIакIаби тIаде къотIизехъин руго, туснахъалда лъезе рес буго. Гьединлъидал, нилъ кколел руго Сталинил заманалде».
МухIамадов Бияхъайица гьединал къануназда хурхун рехсана цо гьадинаб дандекквейги.
МухIамадов Бияхъай: «Масала, цо магIна гьечIеб хьвадиялъул гIаданалъ жиндирго нодо бакьулъ хъвазе кколеб буго жий йигин гьадинаб хьвадиялъул гIаданилан. Абулеб буго къватIиса бачIунеб гIарацги хIалтIизабун гьединаз агентлъи гьабулеб бугилан. Нилъер къанун буго презумпция невиновности абураб жо. Гьелда рекъон диваналъ хIукму къотIичIого лъилниги ихтияр гьечIо мун гьадинав чи вугилан абизе. Диваналъул хIукмуги гьечIого мун гьадинав чи вугин абураб жо ккола дуда лъураб бугьтан, тIокIцIар».
Кин батаниги, СМИязул къануналда хиса-баси гьабичIого теларин рикIкIунеб буго журналист ва юрист МухIамадов Бияхъайица. Гьебги батизе рес бугила «Единая Россия» партиялдаса депутатазе тIасахун кьураб тIадкъай.