И. Яшин: "Къадировасдаса хIинкъи буго Россиялъе"

Докладалъул презентация унеб мехалда полициялъ иргадулаб нухалда тадбиралъул гIахьалчагIи къватIире къотIулел рукIана, жидехъе минаялда бомба лъеялъул хIакъалъулъ лъазаби бачIаниги абун.

«ПАРНАС» партиялъул лидеразул цояв Илья Яшиница тIобитIана «Миллияб хIинкъигьечIолъиялъе хIинкъи» абураб жиндирго долкладалъул презентация.

Авторасул пикруялда, жакъасеб Россиялъе бищунго кIудияб хIинкъи ккола Чачан республикаялъул бетIер Рамзан Къадировас хIалтIизарулел улкаялъул къануназдеги конституциялдеги данде кколарел къагIидаби ва гьезие карт-бланш кьолеб Россиялъул тIалъи. Яшиница абулеб буго, Жиндирго республикаялда Къадировас билъанхъизабулелда релъараб политика хадуб тIолабго Россиялдаги хIалтIизабизе бегьулин.

Яшиница лъазабухъе, докладалъул аслияб масъала ккола Рамзана Къадировас чачаналъ билъанхъизабулеб политикаялде кIвар буссинаби ва гьев республикаялъул нухмалъиялдаса махIрум гьавиялъул тIалаб гьаби.

Илья Яшин: «Владимир Путиница Шималияб Кавказалда лъун буго хадуб кьвагьизе бегьулеб бомба. Гьеб бокьараб мехалда кьвагьизе бегьула ва политикияб кризисалъул хIасилалда гьеб бигьаго буссине бугьула чачаназул лъабабилеб рагъалде. Гьеб биччангутIиялъул мурадалда Россиялъул миллияб хIинкъигьечIолъиялъе бугеб хIикъи тIагIинабизе ккола.

Нилъеда тIадаб буго Къадиров нухмалъиялдаса махIрум гьавизавизе. Чачанлъи къануналъул гIатIилъиялде нахъе буссинабиялъул мурадалда, нилъеда тIадаб буго Чачаналъги Россиялдаги хиса-басиял гьариялде рачIине».

Провокаторас гьересиял долларал тIаде рана Яшиниде.

Презентация унеб мехалда пуланав чияс хIалбихьун букIана провокация гьабизе, гьев полициялъ нахъе вачана. Амма хадуб жибго полиция лъугьун букIана, презентация унеб бакIалда бомба лъеялъул хIакъалъулъ информация бугинги абун, журналисталги табиралда гIахьаллъулел цогидалги гьенисан нахъе гъезе. Яшиница абуна, бомба гьениб гьечIин, бомба жиндихъ бугин, жиндихъго бугеб докладалде кIварги буссинабулаго.

Россиялъе Къадировасдаса ругел хIинкъиязул бицунаго, гьес кIвар буссинабуна Чачаналъ жидерго рагъулаб гIуцIи букIиналдеги.

Илья Яшин: Ахирисеб анцIго соналда жаниб гIуцIараб ва лъикIаланго хIадур гьабураб Къадировасул армия - гьеб Россиялда жанир ругел хIакъикъаталдаги кIудияб махшелалъул яргъид гIуцIарал къокъаби ккола. Гьел чIечIого ругьунлъиязда рукIуна, гIахьаллъула рагъулал конфликтазда. Докладалда гIуралъ гIатIидго бицунеб буго чачаназул «силовикал» Донбассалъул территориялда Украиналъул армиялде данде рагьда гIахьаллъиялъул хIакъалъулъ. Мисалалъе, "Смерть" абураб чачаназул батальоналъул хIакъалъулъ».

Яшинил рагIабазда, Къадировасул яргъид гIуцIарал къокъабазул гIахьалчагIи руго гьесул хъаравулъиялъул филиалал хIисабалда Москваялдаги, Петербургалдаги, цогидал чIахIиял шагьараздаги. Гьезул цоял битIахъего гъачагълъиялда рагIула.

Оппозицияв политикас рикIкIунеб буго президент Путиница Къадировас къанунал мерхьулел рукIиналде берал къанщиялдаса жибго Россиялъе бугин кIудияб хIинкъийин.

Илья Яшин: «Дие бокьун буго абизе Чачанлъи Россиялъул пачалихъалда жаниб батIа чIараб пачалихъалде буссун букIиналде кIвар буссинабизе. Дие бокьун буго абизе, Къадировас федералиял къанунал, конституция гIадахъцин росулел гьечIин. Гьеб гуришха кколеб Шималияб Кавказалда Путиница билъанхъизабулеб политикаялъул кьучIияб хIасил».

Яшинил ракI чIараб буго Россиялъул тIалъиялъ Къадировасе хасал ресал оппозициялде данде къеркьеялъул мурадалдаги кьолел рукIиналда. Гьес абулеб буго жиндир гьединго ракI чIараб бугин Борис Немцов чIваялда нахъ Къадиров вукIиналдайин, докладалда гьелъие гIурал аргументалги рачунел ругин.

Илья Яшин: «Дилъни кинабгIаги васвасдицин гьечIо Борис Немцов чIваялда нахъ Къадиров вукIиналда хурхун. Суалал гIицIго хутIулеб руго, вугищ Къадиров гьеб чIвай тIадкъарав, гьеб гIуцIрав яги ругищ гьесда нахъ кIудияб хъулухъалъул фигураби, абурал».

Илья Яшин: «Нилъеда тIадаб жо ккола щвалде щвараб, хIужжаби тасдикъ гьарулел документалги, далилалги ругеб информация граданазухъе щвезабизе ва хиса-басиял гьариялде талъи гьесизабизе. Гьеб нилъеца гьабулеб гьечIони, букIназулъги рахчун хIинкъун нилъ чIун ругони, цо лахIзаталда нилъ къадировасулал бетIергьабилъун лъугьараб, жидее бокьа-бокьараб гьабизе нилъ тIамулел улкаялда рорчIизе бегьула. Дие гьедин букIине бокьун гьечIо.

Доклад буго патриотияб, нилъер аслияб тIалаб ккола Къадиров нухмалъиялдаса вахъизави ва гьесда хурхун захIматал тIакъсирал гьариялда хурхараб такъсирияб иш рагьизаби».

Россия эркенаб букIине бугин абун лъугIизабуна докладалъул презентация гьелъул авторас.