Щай чΙварав Тодашев?

Хамиз къоялъ Москваялда РИА-Новости агентлъиялда россиялъулги къватΙисе улкабазулги журналисталгун данд чΙвана Цолъарал штатазда ФБРалъул агентаз Флоридаялда чΙварав чачанав Ибрагьим Тодашевасул эмен Абдулабаки Тодашевги гьесда цадахъ россиялъул президентасда цебе бугеб гражданияб жамгΙият цебе тΙезабиялда ва инсанасул ихтиярал цΙуниялда тΙасан шураялъул гΙахьалчи Максим Шевченкоги, «Объектив»абулеб информациялъулгун -аналитикияб централъул нухмалъулей Хеда Саратоваги,юрист Заур Садахановги.
Цолъарал штатазда ФБРалъул агентаз Чачаналдаса Ибрагьим Тодашев чΙваялда бан «Кавказская политика» –абулеб информациялъул порталалъул бетΙерав редактор Максим Шевченкоца гьадинаб къимат кьолеб буго.

Максим Шевченко: «Цолъарал штатазда бан буго чΙухь чачаназ, Россиялъул гражданаз гΙумру гьабун бугел рукъзабахъ. Легалияб къагΙидалъ гьенир ругезулги, гьечΙезулги . Абизе бегьула Цолъарал Штатазда Чачаназда хадуб чΙей системалъун лъугьун бугин абун. Дица гΙажаиблъи гьабулеб буго нилъер къватΙисел ишазул министерлъиялда.Гьез хехаб тадбир гьабулеб гьечΙолъиялдаги.Ибрагьим Тодашев чΙваялъул хΙужжаялда бан цΙехрехал гьаризе.Гьесул инсулгун бухьен кΙиго къоялъ цебе гурони гьабун гьечΙо.»
Ибрагьим Тодашевасул эмен Абдулбаки Тодашевас ФБРалъул агентал бандитал ругин лъазабуна пресс-конференциялда.

Абдулбаки Тодашев: «Гьадинан гьабулин киноялда бихьун гурони хΙакъикъаталда бихьун букΙинчΙо дида. Анкьго гула речΙун буго. Ахиралда ботродаги речΙун буго.Гьанире ралагье. БетΙералъул цебесеб рахъалда гьечΙо гьебги нахъисеб рахъалда речΙун буго. КверсорочΙого чΙван вуго.ТΙаде кΙанцΙулев вукΙарав ани нахъасанищ речΙулеб чиясда. Гьалдаса хадуб ракΙалде кколеб ургъунго, гъачагъал гΙадин рачунел ругин гьел. 8 сагΙаталъ адвокат гурого,балагьизе рачарал гурого чиясе гΙакъуба кьун буго.Щиб гьениб гьабулеб букΙарабали цохΙо аллагьасда лъала.ЦΙех-рех лъугΙизегΙан»

Инсуца жиндицаго рихьана чΙварав васасул суратал журналистазда.Гьел рачΙун руго Ибрагьим Тодашевасул гьалмагъзабаз рахъизеги рахъун.Гьесул жаназа гьабсагΙаталда моргалда буго инсул рагΙабазда рекъон.Вукъизе Чачаналде восизе вугин лъазабуна Абдулбаки Тодашевас.

Абдулбаки Тодашевас бицахъе гьесул вас вукΙун гьечΙо радикалияб исламалъул рахъ кколевлъунги.Бостоналда теракт гьабуралин рикΙкΙунел вацал Царнаевалги гьесул цересел гьалмагъзаби рукΙинчΙин россиялдаса лъимал рукΙиналъги чачан миллаталъул рукΙиналъги кΙалъа-ралъан рукΙунаанин гьелин абуна инсуца.
Пресс-конференциялда гΙахьаллъарав , вацал Царнаевазул рахъ кколевги вукΙарав юрист Заур Садахановас абухъе , контролияб гула бетΙералда речΙиялдасан абизе бегьула Ибрагьим Тодашев чΙаго хутΙиялдаса ва гьес кинаб букΙаниги информация къватΙиб бициналдаса хΙинкъи букΙун батизе бугин.

Заур Садаханов: «Рокъореги рачΙун щай сурав босараб? Гьеб официалияб сурав букΙараб батани кколеб идараялдеги ахΙун аскΙов адвокатги чΙезавун щай босичΙеб сурав?»

Прессконференциялда гΙахьаллъизе вугин лъазабун вукΙарав вацал Царнаевазул имгΙал Джамал Царнаевас ахираб минуталъ инкар гьабуна гΙахьаллъизе.Джамал Царнаевас рикΙкΙунеб буго Ибрагьим Тодашев чΙвайги Царнаевазул ишги цо тема кколарин.