А. Звягинцев: "Дун тамашалъизавуна "Левиафан" бахъизе нухмалъиялъ кумек гьабиялъ".

Америкаялъул киноакадемиялъул «Оскаралъе» гIоло къеркьезе рес буго Россиялъул «Левиафан» абулеб фильм. Гьелда бицунеб буго жинхъа кинабго гьабун хIалкIолеб ва гурхIел лъалареб пачалихъалъул машинаялде данде къеркьолев гьитIинав чиясул хIакъалъулъ. РукIана баянал гьеб фильм Россиялда бихьизабизе гьукъизегицин рес бугин абуралги.

«Левиафан» фильмалда Россиялъул шималияб шагьаралда гIумру гьабулев гьекъолдизе бокьулев механикасдаги гьесул ракьдал кесекалда жиндирго хасаб кIалгIа базе бокьарав гьекъолдулев шагьаралъул мэрасдаги гьоркьоб багъарула жахIда. Жиндирго кверщалидукь хIалтIулел гьес рикIкIунел руго хIутI-хъоморлъун. Жиндирго кверщаликь хIалтIулесде гьев цин бахъун ахIдолев вуго: «Дур киданиги кинал гIаги ихтиярал рукIинчIо, гьечIо ва рукIинеги гьечIо», - ян абун.

Лъабабилев персонаж - механикасул мехтарулев адвокатас заман гIадада хвезабулоеб буго кинабго жоялда тIад релъанхъун, гIамал кIудияб къагIидаялда кинабго жо нахъ чIвалел пачалихъиял хъулухъчагIазе къануназул ва юридикиял прецедентазул бицунаго.

Гьеб киналдего балагьун, цо-цоязда ккезе бегьула тамашаб жолъун Россиялъул нухмалъиялъ гьеб фильм бахъиялъе гIаммаб багьаялдаса 35 процент гIарцул биччан букIиналда бан ва «Оскар» премиялъухъ кьеркьезе фильм битIун букIиналда бан. Гьебги щиб Россиялъул культураялъул министр Владимир Мединскияс «Россиялъул бищун тараб нухмалъи сурукъаб къагIидаялда бихьизабулел» фильмазе гIарац биччазе гьечIин лъазабун бугеб мехалда.

ЗахIматго буго Россиялъул нухмалъиялъул пикраби ричIчIине. Щиб, Владимир Мединский гIадал кIудиял хъулухъчагIазда «Левиафаналда» Путинил Россия какулеб букIин бихьичIого хутIунищ? Яги гьеб къиматияб шапакъат щвеялдалъун жиндирго хвараб халкъазда гьоркьосеб къимат лъикIлъизабизейищ бокьун бугеб Кремалъе?

Гьел суалазе жавабал кьезе бегьула Россиялда гьеб фильм бихьизабиялъул масштабалъ.

Живги тамашалъизавунин нухмалъиялъул галиялъин, абулеб буго «Левиафаналъул» режиссер Андрей Звягинцевасги.

Андрей Звягинцев, "Левиафан" фильмалъул режиссер

Андрей Звягинцев: «Патриотизмалъул бербалагьиялде щиб данде кколеб яги кколареб абураб суалалда хурхун культураялъул министрасулгун дир бербалагьи данде кколеб батиларо».

Гьес абулеб буго, гьединаб фильм бахъиялде жив гьесизавунин «Лев Толстоясул патриотизмалъин».

Андрей Звягинцев: «Дир пикруялда, «жамгIияталъул «бецIал» бакIал, проблемаби ругел рахъал рахчизарулеб патриотизм ва жидер кинабго жо лъикI бугин, жал бищунго лъикIал ругин,жал гьайбатал ругин абулеб букIин, гьеб ккола лъавукъав, бецIав, хIакъикъат лъазе бокьуларев гьанже-гьанже балугълъиялде щварав васасул гIадаб позиция».

Гьелдаго цадахъ Звягинцевас абулеб буго, гьеб фильмалъе квербакъи гьабиялъул хIукму гьабунин сценариялъулги проекталъулги хал-шал гьабураб къадру кIудиял гIадамаздаса гIуцIараб комиссиялъин.

Критиказул пикруялда, фильмалъул магIна гIицIго гIурусазул хIакъикъаталде данде кколеб буго. Гьеб гьединаблъун дагьлъги цIикIкIун бихьизабизе хIалкIолеб жо гурин, вальс кьурдулеб яги балалайкаялда хIалеб ци бихьизабуницинин, хъвалеб буго Британиялъул Guardian газетаялъ.

Звягинцевас абулеб буго, фильмалъ чIван къотIун нух ккун бугин Михаил Салтыков-Щедрин, Федор Достоевский ва Антон Чехов гIадал критикалгун сатириказул къагIидаялъулин. Цо-цо критиказ абулеб буго фильмалда Франц Кавкал къагIида хIалтIизабун бугин.